Халкъаздагьоркьосеб гIурччинаб Хъанчалъул ишал тIуразарулев директорасул хIалтIи гьабиялде цеве Александр Лихоталь вукIана Совет Союзалъул лидерлъун вукIарав Михаил Горбачёвасул гIакълучилъун. Рехсараб Хъанчалъул хIалтIи хурхараб буго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул, язихълъиялъул, тIабигIат цIуниялъул рахъалъ цадахъал суалал тIатинариялда ва парахатаб букIинисеб чIезабиялъе жавабал ратиялда.
«Бизнесалъул балъголъи» абулеб даптаралъ гьабун буго Россиялда бищунго лъикlаб нусго шагьар чlезабизелъун хlалтlи. Гьеб къецалда гlахьаллъулеб букlун буго улкаялъул 164 шагьар, Москвагун Санкт-Петербург къецалда гlахьаллъулел рукlун гьечlо.
Россиялъул юстициялъул министерлъиялъ жиндирго реестралдаса нахъе гьабуралдаса жибго цIунун хутIиялъе гIоло къеркьолеб буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун машгьураб идара «Правовая инициатива». Гьеб идараялъ кумек гьабула россиялъул гражданазе жиндир улкаялда тIасан Европалъул диванханаялде гIарза хъвазе. Гьеб идараялъ кIудияб хIалтIи гьабуна Шималияб Кавказалда жанаварчилъи бихьизабурал федералиял къуватазул вакилзаби жавабчилъиялде цIазелъун.
Дагъистаналда рекъел букlинабиялъул рагъулел рахъазда гьоркьоб маслигlат гьабиялъул суал жибго республикаялъул жамагlаталъухъе кьуни, гьезда бажаризе буго гьеб рагlалде бахъинабизе. Гьедин рикlкlунеб буго россиялъул политолог, этнокультуриял ва динияб политикаялда сверун эксперт Максим Шевченкоца.
Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун идараялъул цIияб докладалда абулеб буго европаялда бусурбабазе къойидаса-къойиде хIалтIизе ресалги дагьлъулел ругин, цIализе ресалги къотIулел ругин. Гьелъие гIиллалъун инсанасул ихтиярал цIунулезда бихьулеб буго Европалда бусурбабазе дискриминациялде рачунел маданиятгун диниял стереотипал гIатIидго тIиритIун рукIин.
Россиялъул премьер-министр Владимир Путиница рикIкIунеб буго рищиязул заманалда Шималияб Кавказалда кьурал гьаркьазул хIасилазе бакIалъул гIадатаз асар гьабулин . Гьедин лъазабулеб буго Интерфаксалъ.