Ссылки для упрощенного доступа

Глобалияб талихI-талихIаб дунялалъул нухлулаб карта


Чернобыль-Александр Лихоталь, Халкъаздагьоркьосеб Гlурччинаб Хъанчалъул президент, 2012
Чернобыль-Александр Лихоталь, Халкъаздагьоркьосеб Гlурччинаб Хъанчалъул президент, 2012

Халкъаздагьоркьосеб гIурччинаб Хъанчалъул ишал тIуразарулев директорасул хIалтIи гьабиялде цеве Александр Лихоталь вукIана Совет Союзалъул лидерлъун вукIарав Михаил Горбачёвасул гIакълучилъун. Рехсараб Хъанчалъул хIалтIи хурхараб буго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул, язихълъиялъул, тIабигIат цIуниялъул рахъалъ цадахъал суалал тIатинариялда ва парахатаб букIинисеб чIезабиялъе жавабал ратиялда.

Горбачёвас 1993 соналда гIуцIараб ГIурччинаб Хъанчалда жакъаги хIалтIулев вуго Лихоталь.
Эркенлъи Радиоялъул мухбир Кортни Бруксида Лихоталь ватана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул саммиталда араб анкьалда. Глобалияб талихI-талихIаб дунялалъул нухлулаб карта хъваялда сверун абмизиоцияб мурадалъул конференциялда.

Берлиналъул къед биххаралдаса гIадамал талихIаллъун лъугьанин бицунеб букIана дуца саммиталда. Гьаб сагIаталда нилъеда рихьулел руго Россиялда гIемераб халкъ гIахьаллъарал протесталъул акциял.

Кин дуда кколеб Россиялда халкъ коммунизмалъул заманалдайщ талихIаб букIараб гьанжейищ абун Кортница гьикъидал Лихоталица абуна жинда кколин дунялалъул цIикIкIунисеб халкъ жакъасеб гьезул гIумруялда разияб гьечIин ва гьеб рахъалъ Россиялда ахIвал-хIал дагьабги квешаб бугин, щайгурелъул глобалияб цебетIеялъул аслияб нухда Россиялъул нухмалъиялда бугеб классалъ гIадатияб халкъалъул мурадал гIадахъ росулел гьечIин.

Жакъа россиялъе хасиятаб бугин тIалъиялъ гьерсал рицинги, тоталияб коррупцияги. Гьедин халкъалъул разилъигьечIолъиялъе гIиллаби гIунги тIокIал ругин ва улкаялда гьеб талихIкъоси цIикIкIунеб бугин.

Эркенлъи Радио: «Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул «талихIалъулаб» саммит аслияб къагIидаялда хурхараб букIана экологиял проблемабаз халкъазул талихIалъе ва бечелъиялъе гьабизе бегьулеб асаралда. Кин дуда кколеб, гIагардисеб букIиниселда, тIабигIаталъ россиялъул халкъалъул гIумрудул даража борхизабизе рес бугищ?»

Александр Лихоталь: «Россиялъул рахIат хвезабизе ккола гьел тIабигIаталда хурхарал суалаз. Климат хисиялда ва дунялалъул океан борхиялда бан Россиялда цIикIкIине рес буго иммигрантазул къадар. Экологиялъулаб иммиграция бахине буго халкъазул миллионазде. Россиялъул гIурхъабазул 20азарго киллометр буго парахатал гурел улкабигун гIахьалаб. Гьединлъидал дида ккола, гьел улкабаздаса иммиграция байбихьани-Россиялъе лъикI букIине гьечIин.

Цоги проблема хурхараб буго даимаб цIороялда.
Нужеда лъала Россиялъул цIикIкIунисеб бутIа Сибиралде кколеблъи. Гьенир маххул нухалги, рукъзалги цоги балебщинабги бан букIана цIорораб заманалда цIорораб ракьалда. Гьеб цIорораб ракь хинлъизе ва цIер биине байбихьани, гьениб бан букIарабщинаб биххун ине буго.
Write your quote footer here...

Нужеда лъала Россиялъул цIикIкIунисеб бутIа Сибиралде кколеблъи. Гьенир маххул нухалги, рукъзалги цоги балебщинабги бан букIана цIорораб заманалда цIорораб ракьалда. Гьеб цIорораб ракь хинлъизе ва цIер биине байбихьани, гьениб бан букIарабщинаб биххун ине буго.

Гьединлъидал гьеб буго кIудияб экономикияб проблемаги, тIабигIияб проблемаги. Гьелъул кIудияб асар букIине буго сахлъицIуниялъеги, социалияб аспекталъеги, улкаялъул экономикагун-хIинкъигьечIолъиялъеги. Гьелъги жакъа нилъеда дандчIвалеб бугеб синергетика ай цоцазда рарал проблемаби.»

Эркенлъи Радио: «Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул бицен гьабулеб саммиталъул масъала букIана гIемерал улкабаз тIубазабизе бегьулеб ва талихIалде рачунеб нухлулаб карта гIуцIи. Кин дуда кколеб, гьеб саммиталъул хIасил кинаб букIинеб?»

Александр Лихоталь: «Дица абила, гьеб саммит букIанин интересаб хIалбихьийин ва хадуб гьелъул кIудияб кIвар букIине бегьулин, щайгурелъул гьанжесеб экономикияб система хIалтIулеб гьечIелъул. Гьеб система гIуцIун букIана 200гIан сон цебе ва 70 сон цебе гьеб цIигьабунги букIана.

Гьанже нилъер буго тIубанго батIияб дунял. 2050 билеб соналде шималиял абулел халкъаз кквезе буго дунялалдаго ругел халкъазда гьоркьоса гIицIго 10 процент. Аслияб асар букIине буго Азиялъул. Жакъа кинабго хисизабизе ккола. Жакъа нилъеца цIунун буго цебего херлъараб ва битIун хIалтIулареб система.»
XS
SM
MD
LG