РукIинисел президентасул рищиязда тохалчагIилъун рахъине бокьарал Россиялъул юристазул Щураялъул активистазда цеве кIалъалаго президентасул хъулухъалде кандидат Владимир Путиница гьал къоязда мисалалъе бачунеб букIана Ливан.
Гьес абун буго гьеб улкаялъул нухмалъуда ругин батIи-батIиял этникиял къукъабазул вакилзабийин ва масала президент цо къукъаялдаса вугони, парламенталъул нухмалъулевлъун батIияб къукъаялдаса чи толин.
Нилъер Дагъистаналдаги гьедин бугин-де факто. Къануналда рекъон гуреб, гьедин билълъун бугин. Гьеб республикаялда хъулухъал рикьулин миллаталде балагьунин абун буго нахъеги Путиница.
Петербургалда кинго цебе чIезабизе бегьулареб Федерациялъул цо-цо субъектазда гIадатияб иш бугин абун буго премьерас. Гьес гьединго ракIалде щвезабуна Чачаналъ халкъ тухумазде ай тейпазде балагьун бикьулеблъиги.
Гьел тейпазул бутIруз кинал рукIаниги рищиязда гIахьаллъизе кколин ва кинав вукIаниги кандидатасул рахъги кквезе кколин рикIкIунеб бугони, гьезул гьеб пикру тейпалда жаниб тIибитIулин ва гIадатияб куцалда гьел хIурматиял гIадамазул пикруялъул халкъалъ рахъги кколин, щайгурелъул гьезда гIадамазул божилъи букIунин абун буго Путиница.
Гьенир рищиязул къанунал хвезариялъул хIужабиго рукIинчIинги жинца рикIкIунарин, амма рищиязда цого куцалдагIадин киназго гьаркьал кьеялъе гIиллаги гьелъулъ бихьулин жиндайин абун буго премьерас.
Тейпазда жаниб гьезул бутIрузул кIвар гьедигIанго кIудияб гьечIин ва тейпазул бутIрулин абулел чагIиги цо-цо мехалда рукIинего рукIунарин абуна Эркенлъи Радиоялъе чачаналъа тейпазул суалазул цIех-рехал гьарулев машгьурав этнограф Хасиев СаидмухIамадица:
Хасиев СаидмухIамад: «Узухъда, гьелъул буго асар. Амма рищиязул хIасилазул аслияб факторин гьелда абизе битIун букIинаро. Щайгурелъул, тейпал жакъа чачаналъ моногенниял гьечIого.
Гьезие тейпазул, тухумазул кIудияз гьабулеб асарги хIасилаб асар букIунаро. Абизе бегьула тейпазул жалго бутIрулгицин цо-цо мехалда рукIунарин. Щайгурелъул тейп гьеб цохIо чачаналъ гуребги, Россиялдаги, Совет Союзалда гъорлъ рукIарал улкабаздаги тIолго дунялалдаги тIиритIун рукIун. Гьединлъидал рищиял унаго тейпазул бутIрузул рагIул аслияб ва хIасилаб кIвар букIунин дица абилароан».
Бицен гьабулеб данделъиялда Путиница жеги абун буго Шималияб Кавказ цебетIеялъе гIарац бичIчIай чIезе тезе бегьуларин. Щайгурелъул, гьенир цIиял хIалтIул бакIал гIуцIулел гьечIони, Шималияб Кавказалдаса гIолилазул цIикIкIунисеб къадар россиялъул цоги шагьаразде, аслияб къагIидаялда чIахIиял шагьаразде гочине ругин ва гьеб киналъго дагьалги проблемабиги раккизарулин.
Апрелалда чачаназул хIукуматалъ Россиялдаса гьарулеб букIана батIи-батIиял проектал рагIалде рахъинаризе 500 миллиард гъурущ. Регионал церетIезариялда сверун Министерлъиялъул хIисабалда «2025 соналде Шималияб Кавказалъул федералияб мухъ цебетIезабиялъул» абулеб федералияб программаялъе хIажалъулеб буго ункъгогIан триллион гъурущ.
Гьезулги ункънусиялда хадуб миллиард гъурущ Чачанлъиялъе бихьизабун буго. Араб соналъул августалда финансазул министеолъиялъ инкар гьабун буго гьеб программа дандбазе ва гьелъул хIасилалда программаялъул багьа бахун буго щугогун бащдаб триллион гъурщиде. Гьединал баянал кьолел руго информациялъул рагьарал алатазда.