Ссылки для упрощенного доступа

Шевченко: Дагъистаниязда жидедаго бажаризе буго республикаялда парахалъи чlезабизе


Россия-- Инсанасул ихтиярал цlунулев ва журналист Максим Шевченко Москваялда, 2011 соналъул 15-билеб ноябрь
Россия-- Инсанасул ихтиярал цlунулев ва журналист Максим Шевченко Москваялда, 2011 соналъул 15-билеб ноябрь

Дагъистаналда рекъел букlинабиялъул рагъулел рахъазда гьоркьоб маслигlат гьабиялъул суал жибго республикаялъул жамагlаталъухъе кьуни, гьезда бажаризе буго гьеб рагlалде бахъинабизе. Гьедин рикlкlунеб буго россиялъул политолог, этнокультуриял ва динияб политикаялда сверун эксперт Максим Шевченкоца.

Максим Шевченкол пикруялда, Дагъистаналда цlех-рехалъул комитеталъ букlине кколедухъ хlалтlизе рес кьолеб гьечlо яргъидгlуцlаразе ракълилаб гlумруялде тlадруссине рес кьолеб ай адаптация гьабиялъул комиссиялъе.

Эркенлъи Радио: Дагъистаналда рукlарал поллитикиял чlваязул цонигияб рагьичlин гьениб бугеб цlех-рехалъул комитеталъ, гьелъул бакlалда гьеб комитеталъ кlудияб квал-квал гьабулеб бугин яргъидгlуцlаразулгун бухьен букlун гlадатияб гlумруялде адаптация гьабизе бокьаразе гlуцlараб комиссиялъул хlалтlуейин рикlкlунеб буго Максим Швеченкоца.

Максим Шевченко: «Цlех-рехалъул комитеталъ рагьичlо цониги политикияб чlвай республикаялда. Гьенир президентасул информационияб политикаялъул идараялъул нухмалъулев Гьарун Къурбановги, журналист Хlажимурад Камаловги, ГТРКаялъул нухмалъулев Хlажи Гlабашиловги, теологияб институталъул ректор макъсуд Садикъовги чlвай-гьел киналго рукlана ахирал соназда ккарал политикиял чlваял.

Гьел такъсиразул букlине кколеб цlех-рехцин гьабун гьечlо.
Дица бицунеб хъинтlулеб буго киналго низам цlунулел идарабазда. Цохlо цlех-рехалъул комитеталда сверун абулеб ва гьелъул нухмалъулев Алексей Саврулин рехизелъун бицунеб жо гуро гьеб. аскlобе къанцин гуро.

Эксперт хlисабалда дица рикlкlуна Дагъистаналда ва тlолабго Шималияб Кавказалда къуватал идарабазул хlалтlуца тlадеги цlикlкlинабулеб бугин терроризмин
Write your quote footer here...
Эксперт хlисабалда дица рикlкlуна Дагъистаналда ва тlолабго Шималияб Кавказалда къуватал идарабазул хlалтlуца тlадеги цlикlкlинабулеб бугин терроризмин, ва террористияб багъа-башариги щулалъиялде гьезул хlалтlуца рачунел ругин».

Максим рекъолев гьечlо къуватал идарабаз жидерго хlалтlи гlуцlулеб къагlидаялда. Гьенир чlварал гlадамазул жаназабаздеги тlаде къулун лъазабулин халкъалда гьез гьарун рукlарал вахlщилъабазулин.
Такъсирчи гьев ватани, цин гьев кквезе ва хадуб гьесул гlайиб чlезабизе кколин цlех-рехчагlаз, гьелъул бакlалда ахlулин хасал аскарал, биххизабулин рукъ, чlвалин гьенив жанив вукlаравщинав чи ва хадуб лъазабулин гьезда рукlаралщинал гlайибазулин абулеб буго Шевченкоца.

Максим Шевченко: «Нилъее цин чlечlого бицуна гьарурал хасал операциязул. Гьанив чlванин доба ликвидация гьабунин абун. Гьеб буго терроралъул лъугlи гьечlеб цикл. Гьез чи чlванин абун террор къезабун букlунарелъул. Нилъеда бихьулеб буго цо чlварав мужагьидасул бакlалда 10-15яв чlолевлъи.

Дида лъала рохьоре ине бокьарал гlолилазул читlир букlин. РОхьор ругезда гьел киналго цадахъго къабул гьаризе кlолел гьечlо, гlураб ярагъ, квен-тlех ва рукlине бакlал гьечlого. Гьединлъидал читlир лъугьун бугин абизе бегьула».
Жинда лъалин Дагъистаналъул нухмалъиялъ изну гьечlого яргъидгlуцlаралгун диалогалъе нухал ралагьулел рукlин, вице-премьерлъун вукlараб мехалда Ризван Къурбанов рохьахъе аразул хъизабазде ун гьелгун кlалъан вукlараблъи ва ярагъ гlодоб лъезе бокьаралгун гьес гара-чlвариял гьарун рукlараблъи.

Гьенир цоги батlи-батlиял форматаздаги гьарулел ругин кlалъа-ралъял ва Дагъистаналъул жамгlияталъе гьеб ругьунаб масъала бугин. Кавказалъул тlадегlанаб этнокультурияб жамгlияталъе хасиятаб бугин маслигlат гьабиги, рекъеялъе нухал ралагьиги. Гьезул жамгlиятазда гlахьарлъиялъул, гьарбадерил яги росуцоязулин абулел бухьенал щулиял рукlунин гьединлъидал Дагъистаналъул жамгlияталда бигьаго бажарулин гьенир бугеб террор чlезабизе, гьелъие гьединаб ихтияр кьуни-ян рикlкlунеб буго Шевченкоца.

Максим Шевченко: «Дица рикlкlуна гьенир ругел федералиял структурабазги, Дагъистаналъул нухмалъиялъе мутlигlлъуларел бакlалъул къуватал идарабазги жидерго мурадал цlунун ругин ва жамгlияб рекъел чlезабиялъул гlаммаб процесалъе гьез квал-квал гьабулеб бугин.

Гьезул мурад бугин ккола щиб гьабунги чи жанив тlами, кинаб букlаниги ракl гурхlи ккурасдехун биччангутlи, тlаса лъугьин, адаптация гьабизе ричlчlангутlи, амнистия абураб рагlи гьезда хlехьезего кlоларо.
Къокъго абуни, дагъисаналъул халкъалъе рес кьолеб гьечlо маслигlат гьабизе. Алаптациялъул комиссиялъул ахирисеб данделъиялда гьеб тlадеги загьирлъана.

Гьез республикаялъул тlалъиялъ гьабулеб кlалъа-ралъаялъул процесс цебе туркиlзего биччалеб букlинчlо. Щиб мурадалда?
Яги гьеб буго хlалтlизе бажарунгутlи, яги гьеб буго ургъунго ракълилаб процесс биччангутlизе гьалубеб иш. Гьебги къуватал идарабазул гlахьаллъиги гьечlого жибго Дагъистаналъул халкъалъ байбихьараб ракълилаб процесс».

Эркенлъи Радио: Изну гьечlого яргъидгlуцlаразулгун бухьен букlун ракълилаб гlумруялде тlадруссине бокьаразе адаптациялъе рес кьуниги, гьел гlадатияб гlумруялде тlадруссаниги доб дуца абураб рохьоре ине бокьаразул читlиралда щиб гьабилеб гьез гьединаб хlукму гьабизе рукlарал гlиллаби жеги цlунун хутlун рукlаго? Гlиллаби хисизариялъул яги гlумру-яшавалъе шартlал чlезариялъул биценго гьечlогури.

Максим Шевченко: «Дида лъала гьелъул гlилла щибали. Дида бихьулаго лъугьунеб букlана гьеб. 90-билел соназда дица чанго къо бан букlана Карамахьиялда. Гьезул гlадамазул букlинчlо кинаб букlаниги ярагъ, амма гьеб мехалъго байбихьун букlана гьезие тlадецуй гьабизе.
Дица рикlкlуна Дагъистаналда бугеб ахlвал-хlал тlалъиялъ ургъунго гlуцlараб бугин. Гьелъул кlудияб гlайиб буго бусурбабазул Рухlияб идараялдаги
Write your quote footer here...

Дица рикlкlуна Дагъистаналда бугеб ахlвал-хlал тlалъиялъ ургъунго гlуцlараб бугин. Гьелъул кlудияб гlайиб буго бусурбабазул Рухlияб идараялдаги.

Гьез ва гьезулгун бухьен букlарал тlарикъатаз бекьулеб букlана динияб рокьукълъи-хадуб гьез жидецаго вагьабиялин абураздехун. 99-билел соназцин гьел гlадамазул къадар тlолабго Дагъистаналдаго 200гlан чи гурони вукlинчlин абизе кlола дида. Жакъа федералияб тlалъиялъул, федералиял къуватал идарабазул ва бакlалъул диниял идарабазул хlаракаталдалъун гьезул къадар гlемерго цlикlкlун буго. Гьез гlуцlун буго жидеего гучаб оппозиция-гьебги гlолилазда гьоркьоб. Гьеб къо бахъанагlан цlилъулебги цlикlкlунебги буго».

Миллияб рекъел чlезабиялъул иш жалго дагъистаниязухъе кьурабго гьениб рекъел букlине буго. Руго официалияб тlалъиялъе дандечlей гьабулезда гьоркьор диалог гьабизе бегьулел гlезегlан гlадамаз адабги гьабулел, бицунебги бичlчlунел гlадамалин абулеб буго Шевченкоца.

Гьединазда гъорлъ гьес рехсолел руго Буйнахъсиялдаса Бамматханги, генуса Хlажидадаевги. Журналистасул пикруялда диалог гьабизе бегьула инсанасул факторгун ай жалго чlвалел хlалтlизарулел террористиял актазде данде ругелщиналгун. Губденалдаса Вагьабовгlадал жалго чlварал руччабигун терактал гlуцlарал цоги чагlигун кlалъа-ралъаял гьаризе кколарин рикlкlунеб буго Шевченкоца.

Гьеб бугин сектантазул къукъа ва гьелгун диалог гьабизе кколарин абулеб буго гьес. Хутlаралгунин абуни кlалъа-ралъаял чара гьечlого гьаризе кколин.
Дагъистаналда диниял идарабазул церехъабаз тlалъиялъул яги къуваталъ идарабазул чагlиги гьоркьор гlалъаллъизе течlого дагьаб цебегlан гьабураб данделъи рекъел чlезабиялъе чара гьечlого кlвар бугеб галилъун рикlкlунеб буго Шевченкоца.

Максим Шевченко: «Дица рикlкlуна гьеб бугин цlакъ кlудияб ишин. Дагъистаналъул шайихзабазги рухlияб идараялда нахъа вугев устlар Сагlид Апандицаги, гьесул мурид республикаялъул муфтиясги, Ахуль-Сунаялъул вакилзабазги гlакълуялъул цlакъ кlудияб даражаги, республикаялда лъугьун бугеб ахlвал-хlал гъваридго бичlчlулеб букlинги бихьизабуна гьеб ишалдалъун. Цадахърекъон хlалтlизе ва суалал дандразе гьез бихьизабураб хlадурлъи-гьеб буго Дагъистан хвасарлъиялде бачунеб гали».
XS
SM
MD
LG