Россиялда хIалтIизе байбихьана чурукаб, номативияб гуреб калам киноялда, телевидениялда, информалатазда гьукъулел «Пачалихъияб мацIалъул хIакъалъулъ» абураб къануналда гьарурал хиса-басиял. Эркенлъи радиоялъул журналист Дейзи Синдлерица хъвалеб буго, къануналда гьабураб хиса-басиял гIадамазе абизегIанго ракIалъе гIолеб гьечIин, гьезул пикруялда, гьединаб лексика гIурус культураялъул элемент ккола.