Ссылки для упрощенного доступа

РакIалда хутIула "загьруяб" лъалкI


Буйнакск. 1999 сон. Кьвагьизабураб рукъ.
Буйнакск. 1999 сон. Кьвагьизабураб рукъ.

АхIи-хIур бахъинабурал такъсиразда гIемер рехсолел рукIуна чачаназулги, цогидал кавказалъулазулги цIарал. Гьанжеги, оппозицияв политик Борис Немцов чIваялъул щаклъи букIун ккуна Шималияб Кавказалдаса щуго чи. Кремлалъ жиндиего къваригIараб мехалда регионалъул гIадамаздаса пайда босулеб батиIялъул щаклъи бижунеб бугин ахирисеб хIужжаялда хурхунгиян, бицунеб буго жиндирго макъалаляда Эркенлъи радиоялъул журналист Дэйзи Синдлерица.

Лъазабиязда рекъон, ккуразул цояв мукIурлъун вуго 27 фералалда Москваялъул централда Борис Немцов чIваялде хурхен букIиналъе. ХутIараз нахъ чIвалеб буго такъсиралда гIахьаллъи. Гьелде балагьун щаклъи баккулеб буго гьанже гIемерисез битIахъего жиндего гIунтIизабулеб Кремлалъ гьеб гIайиб цIидасса кавказалъулазде буссинабулеб букIиналда.

Аварагасде карикатураби рахъараб Charlie Hebdo абураб франциялъул журналалъул рахъ кквеялъе сабабалъун бусурбабаз чIван ватизе бегьулин Борис Немцовин, абураб версия загьир гьабуна Россиялъул нухмалъиялъ такъсир гьабун хадубго.

Оппозициялъул лидеразул цояв Илья Яшиницаги абулеб буго, «исламистазул багьана» кколин «кьвагьдеялъул мухъалдаса» Владимир Путин нахъе вачине жидеда тIадкъарал цIех-реххчагIазул «магIна гьечIеб теорияйин.

Къануналде данде кколареб къагIидаялда яргъид гIуцIарал Шималияб Кавказалъул къокъабаз цIакъ гIемер такъсиразул жавабчилъи тIаде босана жидедего. Добго Бесланалъул, «Норд-Осталъул» терактазул, 2004 ва 2010 соназда Москваялъул метроялда кьвагьиял гьариялъул ва цогидал.

Амма кIудияб щаклъи буго гIемер цогидал лъугьа-бахъиназда чачанал ва регионалъул цоги миилатазул чагIи такъсирал тIадкъалезул гIайибал рахчиялъе яги жидедаго тIаде гIайибал росиялъе хIалтIизарулел рукIиналъул. Рачинин цо-цо мисалал.

Москваялда гIадамаз гIумру гьабулел минаби кьвагьизари

1999 соналъул сентябралда 300-гIанав чи хвана Москваялда, Волгодонскалда ва Буйнакскалда сардикь рукъзал кьвагьизариялъул хIасилалда. Гьелда хадуб чанго къоялдаса доб мехалда Россиялъул премьер-министрлъун вукIарав Владимир Путинца, кьвагьиял Шималияб Кавказалъул сепаратистазул хIалтIи кколинги лъазабун, байбихьана кIиабилеб чачаназул рагъ.

Сепаратистазул лидеразул цояв Хаттабица нахъ чIвана гьел гIайибал. ТIалъиялъул версиялда божулев вукIинчIо гьединго Пачалихъияб Думаялъул чанго депутатги. Гьезул щаклъи букIана гьел кьвагьиял ФСБялъ гIуцIарал рукIиналда ва дупутатал ахIулел рукIана парламенталъул цIех-рехх гьабиялде.

2002 соналда Кремалалъ официалияб къагIидаялда гьел кьвагьиязул гIайиб гIунтIизабуна Шималияб Кавказалъул яргъид гIуцIаразда. Щаклъи букIарав анкьго чи чIвана, гьездаго гъорлъ Хаттабги. Цоги анлъго чи жанив лъуна терроризмалъул гIайибги гIунтIизабун.

Гьел кьвагьиязде ФСБялъул хурхен букIине бегьиялъул пикраби хадубги загьир гьарулел минимум ункъго чи, гьездаго гъорлъ, журналист Анна Политковскаяги, ФСБялъул вукIарав агент Александр Литвиненкоги чIвана сихIираб къагIидаялда.

Пол Хлебников чIвай

Пол Хлебников чIвана 2004 соналъул июлалда Forbes журналалъул Россиялъул версиялъул бетIерияв редакторасул хъулухъалде тIамун хадув жиндирго офисалда аскIов. Россиялъул тIалъиялъ лъазабуна,

Борис Березовскиясдаги чачаназул сепаратистазул лидер Хож-АхIмад Нухаевасдаги хурхун жиндирго цIех-рехх гьабиялъе гIоло чIванин Хлебниковин. Хадуб гьеб такъсир гIуцIиялъул гIайиб прокуратураялъ гIунтIизабуна Нухаевасда ва гьесул тIадкъай тIубазабурав хIисабалда аресталде гъоркье восана лъабго чачанав. Дагьалъ хадуб гьев лъабавго экрен гьавуна ва лъазабуна жидеца Хож-АхIамад Нухаевасде гIунтIизабураб гIайиб нахъе бахъулеб бугин.

Анна Политковская чIвай

Журналист ва гражданияй хIаракатчIужу Анна Политковскаялъ чанго соналъ ракIарулел рукIана чачаналъ инсансул ихтиярал хвезариялъул хIужжабазда хурхун документал. Гьезул гIайибал гьелъ узухъда гIунтIизарулел рукIана Кремлалда ва Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасда.

Политковская чIвана 2006 соналда жиндирго рукъалда цее Путин гьавураб къоялда, ай 7 октябралда.

Соналъ хадуб ккуна щаклъи бугев анцIго чи, гьездаго гъорлъ чачаназул такъсирияб къокъаялъул гIахьалчагIиги. Генералияв прокурор Юрий Чайкаца лъазабуна, гьезул мурад букIанин Россиялъул дестабилизацияйин.

Хадуб цIех-рехчагIаз Политковская чIваялъул гIайиб гIунтIизабуна 30 сон барав Рустам МахIмудовасда, гьесул кIиго вацIасдаги букIана щаклъи. Оппозициял журналистазул пикруялда, ФСБялъул цIуни жинде щварав Рустам МахIмудов хадув лъутIана Европаялде.

2008 соналда диваналъул процессалда хадуб лъабавго чачанав гIайиб гьечIевлъун рикIкIана. 2014 соналда лъазабун букIараб тамихI нахъе бахъана ва щуго чачанав, гьездаго гъорлъ Рустам МахIмудов ва гьесул гIагарав Лом-ГIали Гайтукаев лъазаруна гIайибал гьечIеллъун. ВукIарав полициялъулав Дмитрий Павлюченковасде гIайиб гIунтIизабуна гьеб чIвай хIадур гьабурав чи хIисабалда. Амма Политковская чIвай тIадкIарал чагIи чIезаричIо. Анна Политковскаялъул хъизаналъ гьеб цIех-рехалъул иш рикIкIунб буго лъугIинабичIеблъун.

АПЛ «Курск» гIанкъиялъул версиязда гъорлъ

2000 соналъул августалда авария ккун гIанкъана Россиялъул атомияб лъедагъоркьан хьвадулеб гама. Авариялъул хIасилалда хвана экипажалъул 118 чи. Гьеб кьвагьизабун батизе бегьулин дагъситанияин абураб версия загьир гьабуна хадусеб къоялдаго.

Доб мехалда ФСБялъул директор Николай Патрушевас лъазабуна, Курскалъул борталда вукIанин Дагъистаналдаса «Дагдизель» заводалдаса кIиго чийин. Цояв – заводалъул рагъулав вакил Арнольд Борисов, цогидав – гражданияв инженер Мамед ХIажиев. Хадуб кинабго акцент буссинабуна ХIажиевасде.

Ахир къадги гьеб версия нахъе бахъана. Амма гьедингоги жидехъе балагь рештIарал ХIажиевасул хъизаналъул, гьездаго гъорлъ лъадиялъулги, кIиго ясалъулги ракIалда хутIана ракIалъе гIолареб лъалкI.

XS
SM
MD
LG