Ссылки для упрощенного доступа

Бечелъиялъ хвасарлъи балагьиялде ккезаруна


Сергей Колесников
Сергей Колесников

Живго нухмалъиялда хутIиялъул ва тамихIалдаса ворчIиялъул мурадалда Россиялъул лидер унго-унгояб рагъалде щун тадбирал тIоритIизе бегьулин рикIкIунеб буго Сергей Колесниковас Эркенлъи Радиоялъе кьураб интервьюялда. Гьев ккола биофизик, Евроцолъиялъ ва Цолъарал Штатаз жинде данде санкцияби лъазарурав миллиардер Николай Шамаловасул вукIарав бизнес-партнер. Колесниковасул пикруялда, рес буго президент Владимир Путиница атомияб яргъиде щун шантаж гьабизецин.

Сергей Колесников ккола цеве Санкт-Петербургалда биофизиклъун, хадуб 1990 соназда Владимир Путинил кумекалдалъун бизнесалде вуссун вукIарав чи. Гьев машгьурлъана 2011 соналда Путинил кIалгIаялда хурхарал документал къватIир чIвазарун хадув. Бицен гьабулеб буго Геленджикалда аскIоб щулаго, ракIчIараб къагIидаялда цIунун бугеб «Зимний Дворецалда» релъараб фасад бугеб кIудияб объекталъул хIакъалъулъ. Гьелъул бицунел документал информалатазда рахъун хадуб, президентасул пресс-секреатарь Дмитрий Песковас лъазабун букIана «Путинил кинаб гIаги хурхен гьечIин ЧIегIераб ралъдал рагIалда бугеб кIалгIаялдейин».

Колесниковасда Путин ахирисеб нухалда вихьун рагIула анлъго соналъ цеве. Доб мехалдагоян, абулеб буго гьес, Россиялда бищунго асар кIудияв чиясул сипат букIанин свакарав чиясул сипатин. Гьеб хурхараб букIине бегьулин жинцаго гIуцIараб нухмалъиялъул система квеш хIалтIулеб букIиналдайин.

Сергей Колесников: Цебеги киназго гIамал гьабулеб букIана, дида бичIухъе, гьанжеги гьабулеб буго хIукмаби къабул гьабиялъул жавабчилъи гьесдеххун буссинабизе. Дица бицен гьабулеб буго чиясда къокъаб заманалда жаниб гьедигIан гIемер хIукмуял къабул гьаризе бажарулареблъиялъул. Цо рахъалъан босани, гьелъ рачунел руго эффективияб кверщел гьабиялъул ресал талхизариялде, цогидаб рахъалдаса - гьединал хIукмаби къабул гьабулезул жавабчилъиялъул даражаги гIодобе ккеялде."

66 сон барав Колесниковасда лъикI лъалеб рагIула Путинил нухмалъиялъул вертикалалъул система ва гьелъул пачалихъалъе бугеб асаралъул хIакъалъулъ. Россиялдаса гьев нахъе ана 2010 соналда доб мехалда президентасул хъулухъалда вукIарав Дмитрий Медведевасухъе Путинил тIадкъаялда рекъон, къануналде данде кколареб къагIидаялда щварал долларазул миллиардал хIалтIизарун ЧIегIераб ралъадал рагIалда балеб кIалгIаялъул хIакъалъул рагьараб кагъат хъван хадуб.

Жив вугеб бакI бицине бокьичIев Колесниковас жакъаги халат бахъинабулеб буго Путинил сверухълъиялъул коррупциялъул ишал тIатинариялъул хIаракатчилъи.

Пайда босизе бугищ ЧIегIераб ралъдал рагIалда бараб кIагIаялдаса Путинца яги гьечIищ? Гьеб суалалъул кIудияб кIвар цадахъго бугин гьесул сверухълъиялъегийн, абулеб буго Колесниковас. Гьесул пикруялда, улкаялда политика коррупциялъул кьучIалда билъанхъизабун щвараб бечелъиялъул рахъалъан цебецин чIезабизе захIматал ресал ругел Путиницаги гьесул сверухълъиялъги жалго букIнилъе ккезарун руго. Иргадулаб болжалалъги Путин президентлъун вахъине вукIиналда хурхун щаклъи загьир гьабулеб буго цо-цо экспертаз. Ахир-къадги гьевги гьесул «командаги» нухмалъиялдаса махIрум гьарулел ругони, гьеб кколин гьезие кIудияб хIинкъи кьолеб сигналин, абулеб буго Колесниковас.

Сергей Колесников: "Путинил вертикаль гIуцIун буго коррупциялъул кьучIалда. Нухмалъи гьес цогидаб партиялъухъе кьей, цогидал гIадамазухъе кьей, гьеб букIинааан гьесие живго цIакъ кIудияб хIинкъиялде гъоркье ккезави. Жиндаго хурхун цIех-рех байбихьиялъе ресал рагьи ва жиндиего гьабичIого хутIулареб тамихIалде гъоркье вачин ".

Дагьалъ цебе Путиница тIолабго гIумруялъул президентлъиялъул пикру нахъ чIваниги, гьес ва гьесул сверухълъиялъ, Колесниковасул пикруялда рекъон, ралагьулел руго гьединаб идея гIумруялде бахъинабиялъул ресал. Гьанже гьарциде бугеб Россиялъул лидерасул ва гьесул «гьудулзабазул» интересалъул даража гIодобе ккун бугин, гьанже гьел жидерго эркенаб гIумру хвасар гьабиялда тIад ургъулел ругин, жубалеб буго Колесниковас.

Гьесул пикруялда, Россиялъ Украиналда хурхун билъанхъизабулеб кампанияги хурхараб гьечIо Москваялъул империалистиял анищазда, гьеб ккола Россиялда бугеб гъваридаб коррупциялдаса кIвар цогидаб рахъалдехун буссинабиялъул мурадалда гьарулел галаби. Гьес абулеб буго, нагагьлъун Россиялъул лидер хIакъаб баянаб хIинкъиялде гъоркье кколев вугони, гьес ядерияб карта хIазе бегьиялъул шансалги нахъ чIвазе кколарин.

Сергей Колесников: "КIиго соналъ цебе аза-азар чи гIумруялдаса ватIа гьабулеб Европаялъул централда рагъ букIине бегьулин абураб жо кколеб букIана гIантал харбаллъун. Жакъайин абуни, гьеб ккола ракI къварилъизабулеб хIакъикъат. Гьединго ккезе бегьулаан жакъа ядерияб ярагъ хIалтIизабиялъул ругел ресазул бицунеб мехалдаги. Гьанже гьеб букIинего рес гьечIин абизе бегьула, амма гьеб гIантал харбаллъун ругин жакъа кколеб гьечIо."

Путинил рейтинг буго жакъа 86 проценталъул даражаялда. Гьеб кколарищ гьев тамихIалде гъоркье ккунгутIиялъе гарантия? Гьединаб суаллъе жаваб кьолаго, Колесниковас абулеб буго, гьединаб рейтингалъ кинабгIаги кумек гьесие гьабуларин. Москваялъул мэрлъун вукIарав Юрий Лужковасулги букIанин гьединабго кIудияб рейтингин, амма хъулухъалдаса вахъун хадуб 70-80 проценталъул рейтингалъул даража лъабго моцIалдаса гъоркье анин 0,2-0,3 процеталалъул даражаялдейин.

XS
SM
MD
LG