Ссылки для упрощенного доступа

Троллал яги гIарцухъ гьерсал хъвалел


Информалатазда ва социалиял интернет-сурсатазда улкаялда жанирги къватIирги Кремлалъ жигарго хIалтIизарулел ругин интернеталда саботаж гьабулел гIадамалин, гIарз гьабулеб буго Магърибалъул информалатаз. Интернеталъул мацIалда гьезде абулеб буго «троллалин». Кинаб мурадалда гьел троллал хIалтIизарулел ругел ва кколищ гьезул хIаракатчилъиялъе кIвар кьезе?

Киевалдаса 49 сон барав Владимир Нестеренко гIадатияб гIумруялда ккола украиналъул машгьурав хъвадарухъан. Интернеталда гьесул ник ккола "Адольфыч". Twitter-алда, Facebook-алда ва “Живой журналалда», гьес гIурус мацIалда хъвалел руго батIи-батIиял, пасихIаздаса байбихьун чорокал рагIаби хIалтIизарурал вагъдеялде щварал комментариял.

Адолфычил буго жиндирго бербалагьи, гьев гIодове виччарав чи вугинги абизе захIматго буго. Кколищха гьев тролль?

Гьединавлъун гьес живго рикIкIунев гьечIо. Гьес абулеб буго, жинца гIамал гьабулин гьерсал рицинчIого чIезе ва жиндие лъицаниги гIарац кьоларин интернеталда хъвадариялъухъин. Гьесул пикруялда, гьединаб батIалъи буго гьесдаги, СМИязда ва Россиялъул, Украиналъул ва гьанже Магърибалъул интернет-гIатIилъиялда ахIи-хIур багъаризабулел комментариял толел троллаздаги гьоркьоб.

Владимир Нестеренко ("Адольфыч"), Украиналдаса хъвадарухъан ва блогер
Владимир Нестеренко ("Адольфыч"), Украиналдаса хъвадарухъан ва блогер

"Адольфыч": «Дир пикруялда, гьеб троллинг яги саботаж аслияб къагIидаялда гIарцихъ гьабулеб буго гIадамаз. Гьел ричун росизе бегьулел гIадамал ккола. Гьеб ккола гьитIинабго гIарацихъ хIалтIулел гIадамазул пуланаб категория. Дир ракI чIараб буго, гьезие гьитIинабго гIарац кьолеб букIиналда. БукIине бегьула гьеб моцIалда жаниб азарго доллар, букIине бегьула гьелдасаги дагьаб гIарац. Гьезул руго жидерго хIакъал блогал, гьезул жидерго хIалтIиги букIинеги бегьула, блогазда гьез интрес кIудиял тексталги рахъула чанги. Амма къваригIараб мехалда гIарцихъ гьез тIибитIизабула гьересияб информация».

Щибниги цIияб жо гьениб гьечIо

Крымалъул аннексия къанунияблъун бихьизабизелъун ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазе квербакъи гьабиялъул мурадалда Кремлалъ билъанхъизабулеб буго дезинформациялъул кIудияб кампания. Гьелъул бицунеб буго гIемерисел магърибалъул информалатаз. Гьез хъвалеб буго, «Москваялъул рахъ ккуразул идеологияб ярагъгун «троллазул армиялъ» цIезабун бугин интернет-гIатIилъиян».

« Buzzfeed» абураб сайталда июналда бахъараб макъалаялда Макс Седдоница хъвалеб буго Кремлалъ долларазул миллионал кьолел ругин инглис мацI лъалел россиялъулазе «Fox News» телеканалалда яги «Huffington Post» ва «Politico» абурал гIадал сайтазда Владимир Путинил политика машгьурлъизабиялъухъин.

«ГIурус мацIалъул интернеталъул эменлъун рикIкIунев» Россиялъул машгьурав блогер ва программист Антон Носикица абулеб буго, Украиналде данде гьабулеб рагъалда Кремлалъ хIалтIизарулел ругин цереги хIалтIизарулел рукIарал пропагандаялъул къагIидабиян. Амма гьаб нухалда гьелъие хвезабулеб гIадаб гIарцил къадар цебе киданиги букIинчIин.

Антон Носик
Антон Носик

Антон Носик: «Щуго соналъ цебеги Россиялъул оппозициялде данде Кремлалъ билъанхъизабураб рагъалда комментариял рукIана гьеб рагъалъул интрумент. Гьебги щиб лъик гIарац кьолеб. Гьаниб щибниги цIияб жо гьечIо. Баянго бихьулеб буго, я Алексей Навальныясде, я «Эхо Москвыялде», я «Коммерсанталде», я «Газета.ру»ялде данде хIалтIиялъе, цебе киданиги биччан букIинчIеб гIарцул къадар жакъа хвезабулеб букIин. Кристина Путупчикица бетIер бухине кколеб батила жиндирго. Долъул заманалда гьанже гIадин интернет чурук гьабиялъе гьединал кIудиял бюджетал рукIинчIо».

«Global Voices» абураб интернет-сурсаталъе Россиялъул интернеталъул хал-шал гьабулев аналитик Кэвин Ротрокица абулеб буго, Кремлалъул троллазда бажаризе гьечIин америкаялъулазул политикиял бербалагьиял хисизаризеян. Гьеб мурадалде щвеялъе квал-квал гьабулеб бугин бессдалал хъизаназде рачиналда, ЛГБТ-ялъул пропаганда гьукъиялда ва гьанже Украиналда хурухун рижарал скандалаз ва бербалагьиязин.

Унго-унгоял дискуссиязе бакI толареб къагIида

Россиялъул рахъалдаса специалист ва инсанасул ихтиярал цIунулей Кэтрин Фицпатрикица ракIарулел руго Кремлалъул политикаялда хурхун ругел дезинформациялъул материалал interpretmag.com сайталъе. Гьелъул пикруялда, интернеталдаса пайда босиялда хурхарал Москваялъул къанунал гьечIо щвалде-щварал ва гьелъ жидецаго жидеего цензура чIезабиялде ккезарулел руго гIадамал. Амма гьелдаго цадахъ троллаз «бахIсазул климат хисизабиялъе» хIалтIизарулеб чурукаб каламалъ нух къалеб буго баянаб ва хIужжаби хIалтIизарулеб полемикаялъе.

Кэтрин Фицпатрик
Кэтрин Фицпатрик

Кэтрин Фицпатрик: «Washington Post» яги «New Republic» сайтазда Россия какулел макъалабазда гъоркь тарал комментаризухъ балагьани, нужеда ккезе бегьула гьезул киIнусго гIаги тун ратизе бегьулин 12 сон барал лъималазин. Гьелъ нужеца хIаракат бахъуларо гьезие жаваб кьеялъе, нуж гIахьаллъуларо гьезул полемикаялда. Гьеб ккола дискуссия чIезабиялъе хIалтIизабулеб къагIида. Гьединаб тактикаялъул мурад ккола демократиял дебатал чIезари. Гьеб къагIида хIалтIулебги буго».

XS
SM
MD
LG