Россиялда гIакълу-лъаялъул рахъалъ хиса-басиял яги мукъсанлъи бугел гIадамазе гьукъулеб буго буго автомашина бачине. Гьездаго гьоркьоре кколел руго игромания, пиромания, клептомания бугел гIадамалги трансвиститал, садомазохистал гIадинал, жинсияб рахъалъ загIиплъи бугел гIадамалги. Гьединаб хIукмуялда гъоркь премьер Дмитрий Медведевас лъураб гъулбасалда разиял гьечIо Россиялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIунулезул шура. Гьелде тIадеги кин лъазе бугеб гIадамазул хьвада-чIвадиялъулъ гьединал хиса-басиял рукIин?