Дербенталда Гюль-гюль-ГIали абураб хабалалъ гьанжегIагар бекун батараб шайихасул заниялда тIасан официалияб калам гьабуна Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.
Гьенир гIумру гьабун ругел азербайжаназ зиярат гьабулеб бакI кколаан гьеб. Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги халкъал абадул абадиялъ гьудуллъи вацлъиялда рукIарал гIадамал ругин, гьел гьоркьорлъаби хвезаризе ургъунго гьабураб хIалихьатаб пиша кколин гьебилан лъазабуна ГIабдулатIиповас.
Амма гьеб гьудулъи-вацлъиялъулал гьоркьорлъабазда т1асан Дагъистаналъул тарихчагIазул ва жамгIиял хIаракатчагIазул пикру батIияб буго. Гьез мисалалъе бачунеб буго Закаталаялдагун Белокан мухъалда гIумру гьабун ругел магIарулазе азербайжаналъулаз гьарулел ракIбакъваязул.
Гьел ракIбакъваязул ва цогидалги хIужабазул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъ жиндирго эфиралда чанго нухалъ бицунги букIана. Гьел мисалал Азребайжаналда ккараб лъугьа- бахъиналда дандеккун балагьани, чанго нухалъ кIвар бугебги, магIарулазда ва Дагъистаниязда хъинтIулеб суал букIанилан бицана нижер программаялъе, Аваразул Миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца.
Маркъо ШагIбанов: «Дагъистаналъул нухмалъулев хIисабалда гьес гьединаб хитIаб гьаби битIун бугиланги абизе нух буго. Амма нилъеца хIисабалде босизе ккола Закатала ва Белокан мухъалда ругел нилъер миллатцоязул ахIвал-хIалги.
Дербенталда ругел Азербайжаналъулазда дандеккунани, гьеб зобги-ракьгигIан батIияб даражаялъул ахIвал-хIал буго. Гьазул гьаниб жидерго газетаги, радиоги, цогидалги идараби руго кумек гьарун ине бегьулел. Нилъер магIарулазул щибниги гьечIо доба».