Ссылки для упрощенного доступа

17 азарго гъурщил багьаялъул "махсаро"


КIиабилеб февралалда МахIачхъалаялда троллейбусалде кьвагьдон руго руго санаде рахинчIел гIолохъаби. Гьелъул хIасилалда жамгIияб транспорталъе гьабураб зарал бахун буго 17 азарго гъурщиде. Гьелдаго релълъараб хIужа букIана дагьаб цебегIанги. ЦIирачIарал автобусазде кьвагьдон ватун вукIана гIолохъанчи.

МахIачхъалаялда жаниб хьвадулеб троллейбусалде кьвагьдарал гIолохъаби ратун туго тахшагьаралъул 13 абилеб школалдаса цIалдохъаби, гьезда цадахъ цо ясги йикIун йигилан абулеб буго. Жидехъа гьеб лъачIого кканилан абун буго гьез цIех-рех гьабидал. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, гIолохъабазул цояс рокъоса босун буго пневматикаялъулаб абулеб таманча гьудуласда бихьизе. Гьевгун махсараби гьарулел рукIаго лъачIого кьвагьун анин жидехъа гьебилан бицун буго гьез хадуб.

Гьелъул хIасилалда троллейбус бачунев чи вукIунеб рахъалдаса цIер гъурун буго. Гьеб цIералъул багьайин абуни бугин 17 зарго гъурущ, гьелда тIадеги нилъер гьаниб гьабуларин гьеб цIер, цоги бакIалде заказ гьабун бачIине кколин гьебилан бицана нижее МахIачхъалаялъул троллейбусазул идараялъул хIалтIухъан Мурсалова Фаридаца.

Мурсалова Фарида: «Нижеца гьанире ахIана кьвагьдолев вукIарав васги гьесул эменги. Ккараб зарал гьесги бецIизе, щибниги ахIи-хIурги гьабичIого лъугIизе тезе ракIалда букIана нижеда гьеб кинабго. Амма васасул инсуца кIудияб питна багъаризабуна гьанивеги вачIун. Жиндица щибниги бецIизе гьечIила, копейк гIарацги кьеларила ахIдана гьев. Жиндир васасул 14 сон гурони гьечIин, гьев жанив тIамизеги нужеда кIоларин, кIолеб батани тамихI гьабейилан вуго абулев. Гьединал эбел-эменги рукIаго лъималаздаса щибха тIалаб гьабилеб? Жакъа гьесул вас таманчаги босун ун вуго школалде, лъачIого троллейбусалде кьвагьдон вуго, метериса гьесухъа дагьабги квешаб иш ккезе бегьула гури? Гьелде ургъулев гьечIо гьев эменилан вугев чи».

Амма жидеца гьеб иш гьедин теларилан абулеб буго Фарида Мурсаловалъ. Жидер гьанире журналисталги рукIанин рачIун, телевизоралдасаги бихьизабизе бугин, полициялде гIарзаги хъван бугин. Гьеб троллейбус босаралдаса гIемер заман ун букIун гьечIо. Щуго миллионалдаса цIикIкIараб гъурущ рагIула гьелъул багьа. Троллейбусалде кьвагьдон ватарав вас цIалулев вугеб МахIачхъалаялъул 13 абилеб школа рикIкIуна гIемерисел бечедал чагIазул ва хIакимзабазул лъимал жанир цIалулеб бакI ва цIакъго тIасан ккараб, гьагаб гIамал-хасияталъул лъимал рукIунин гьенирилан бицуна.

Ахирал моцIазда жаниб троллейбусалде гамачI речIчIуниги, цIурдул гъурараб чанго хIужа кканилан бицана Мурсалова Фаридаца хадубги

Фарида Мурсалова: «Дида лъаларо сунда гьеб хурхараб бугебали, амма лъималазги, гIун рачIунел гIолохъабазги гамчIал речIчIун троллейбусалъул цIер гъурарал хIужаби рукIана чанго. Дида лъаларо гьез щиб бухIулеб, гьекъолебали, амма цIакъго тIасанккун руго нилъер гIолеб гIел. Троллейбус гьез рикIкIунеб буго гьадингояб, къимат гьечIеб, учузаб транспортлъун ва гьединал хIужабиги камулел гьечIо».

Суал бачIунеб буго васасул инсуца тIаса лъугьаян абизе кколеб бакIалда гьединаб адаб гьечIеб калам гьаби сунда бараб букIине бегьулеб абун? Гьединго рокъоса ярагъги къватIиве босун вас унев вугони кинаб тарбия гьесие эбел-инсуца кьолеб бугеб? Гьел ва цогидал суалазда тIасан нижеца гара-чIвари гьабуна эксперталгун.

Жакъасеб гIун бачIунеб гIел битIахъе рухьун ругин абизе бегьулин батIи-батIиял компьютералъул хIаязде ва гьенир хIалаго гьезул гIакълу-лъаялъе лъалаго хиса-баси лъугьунеб бугин бицана Гъуниб мухъалъул азарханаялда психиатрлъун хIалтIулев вугев, Мусаев Мусаца. Гьелъул асаралда гъоркь босун батулин гьесги ярагъ рокъоса. Амма гьениб кинабго гIайиб узухъда инсуда бугин, гьесдаса тIалаб гьабизе кколин тамихIги.

Муса Мусаев: «Лъазабизе ккола кин санаде вахинчIев васасухъе гьеб таманча щвараб, щив гьелъул хважаин кколев ва щай гьеб чияхъе щолареб лъикIаб хIалалъ цIуна-къан букIинчIебали. Гьеб киналъухъго жаваб кьезе ккола васасул инсуца. Санаде вахинчIев васас къануналда цебе жаваб кьоларебли лъалеб букIун буго гьесда, гьанже жиндицаго кье абеха жаваб. Нахъе нахъе васас гьединал жо гьаричIого рукIиналъе дарслъун букIине».

Гьев васасул эмен гьев кколин Совет хIукуматалъул заманалъул лъимер, доб мехалъул тарбия щварав. Хадуб хIукумат хисидал хисанин гьезулги дунялалдеги гIадамаздеги бугеб бербалагьи. МагIишат гьабизе цIикIкIун гIарац кисадай щвелаян абураб пикруялъ лъималазда хадуб букIунеб куцалъ хал кквезеги тарбия кьезеги гьезул заман гIолеб гьечIилан тIаде жубана Муса Мусаевас

Гьебго пикру «Эркенлъиялъе» загьир гьабуна Дагъистаналъул педагогикияб университеталда психологиялъул кафедраялда хIалтIулей йигей ГIибранова Гулишатицаги:

ГIибранова Гулишат: «Саламатав чи вукIаниги гьев васасул инсудаги кколеб буго гIарац бугони мун чи вугин, дуда кIалъазе ихтияр лъилниги букIонарилан. Гьоркьохъеб ригьалъул гIадамазда гьоркьоб гьеб пикру билълъун буго. Амма киналго гуро гьединал ругел. Бечедал хъизамазда гьоркьорги руго иман-яхI бугел чагIи».

«Эркенлъиялъухъе» щварал баяназда рекъон троллейбусалде кьвагьдарав васасул эмен рагIула Дагъистаналда ругел кирпич къотIулел заводазул цоялъул хважаинлъун.

XS
SM
MD
LG