Маялъул тIоцебесеб къоялъ МахIачхъалаялъул Родопалъулаб ахикь тIобитIараб митингалде вачIун вукIана азарго гIанасев чи. Гьеб букIана ТIоцебесеб маялъул байрамкъоялда хурхун тIобитIараб тадбир. Гьелъул гIуцIарухъабаз тIалаб гьабулеб букIана пачалихъалъул хъулухъчагIазе харжал цIикIкIинари.
Дагъистаналъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон къазехъин бугин Пушкинил цIаралда бугеб МахIачхъалялъул гIолилазул библиотекаян абураб информация бачIана гьал къоязда къватIибе. Гьеб ккола жиб рагьаралдаса исана 115 сон балеб библиотека.
25 апрелалда МахIачхъалаялъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана тIоцебесеб, Авар мацIалъул мугIалимзабазул форум. Дагъистаналъул киналгоязде гIагарун шагьараздаса рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул нусидасаги цIикIкIун чи вакIарун вукIана гьениве. Данделъиялъул хIасиллъун рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул ассоциация гIуцIи.
Дагъистаналда гIи-боцIи гIезабулел гIадамазе кумек хIисабалда 260 миллион гъурущ биччан буго Россиялъ исана. Гьеб гIарац щвезе буго гьанжего гьанже гIи-боцIи гIезабизе лъугьарал фермеразе.
Кризисалъул заманалда гъурщил къимат гIодобе ккеялда бан чанги чиясе захIмат буго жакъа Россиялда рукIа-рахъиналъул суалазда жаниб. Гьезда гьоркьоб хас гьабун рехсезе бегьула пенсионералги. Кинаб куцалда гьез харж гьабулеб бугеб хIукуматалъ гьезие кьолеб гIарац ва гIолеб бугищ гьезие гьеб?
16 апрелалда Россиялъул президент Владимир Путиница иргадулаб нухалда халкъалъул суалазе жавал кьуна.
Россиялъул тарихчагIаз хIалбихьулеб буго анцIила ичIабилеб гIасруялъул байбихьуда Кавказалда вукIарав пачаясул сардар Алексей Ермолов кIудияв бахIарчи хIисабалда вихьизавизе.
МахIачхъалаялда жанир хIалтIулел батIи-батIиял хъулухъчагIазул гIарз буго жал хIал гьабун субботникалде рахъинарулел ругилан.
Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул, Дагъистаналда бугеб бутIаялъ цохIо лъабго моцIида жаниб 50 иш рагьун буго монополиялъул къанун хвезабиялда бан.
ГIолилазул ишазул рахъалъ федералияб агентствоялъ гIуцIун буго «ГIун бачIунеб гIелалда ватIан болъизе малъи» абураб хасаб программа.
Шималияб Кавказалдехун лъикIаб бербалагьи бугел Россиялъулазул къадар цIикIкIунеб буго. Гьединаб буго Левада-Централъ гьарурал цIех-рехазул ахирисеб хIасил.
КIиабилеб апрелалда хIукуматалъул хIакимзабиги, министралги, цо-цо мухъазул ва шагьаралъул нухмалъиги бакIарун, чIагояб эфиралда халкъалъул суалазе жаваб кьолев вукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов.
31 марталда президент Владимир Путинил указалда рекъон Россиялда рагьана миллатазда гьоркьосел ишазул рахъалъ федералияб агенство.
Дагъистаналъул промышленносталъул рахъалъ министерлъиялъ къотIи гьабун буго тахшагьаралъул чIахIиял тукабигун гьез аслиял кванил нигIматазул багьаби хира гьаричIого тезе. Гьеб къотIи-къаялда рекъон гьединго хIукму гьабун буго гьел тукабазда ричизе аслиб куцалда бакIалъул магIишаталъул бутIабаз хIадур гьарурал кванил нигIматал. Кинаб хIасил гьеб киналъго кьолеб бугебали лъазе гьабуна нижеца.
Дагъистаналъул тахшагьаралъул нухмалъиялъул ахирисеб данделъиялда рехсолел рукIана МахIачхъала рукIалиде бачиналъул рахъалда щварал цо-цо бергьенлъиял. Амма тадбиралда гIахьаллъарав республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас дагьалъ гIодоре риччазаруна гьелде кIвар буссинабулел рукIарал хъулухъчагIи.
Дагъистаналда лагълъудаса эркен гьавун вуго Волгоград шагьаралда гIумру гьабун вукIарав чи. ГIаммаб къагIидаялъ лагълъуда гьес бан буго къого гIанасеб сон. Гьев эркен гьавуна «Альернатива» абураб къукъаялъ.
Республикаялъул цIияб гимн хъваялъул конкурс лъазабуна Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъ. Официалияб гимн хIисабалда гьанжеги хIалтIизабулеб буго композитор Ширвани Чалаевас хас гьабун хъвараб бакъан. Республикаялъул бетIерас гьеб какун хадуб, музыкалияб жамгIияталда жаниб багъарана ахIи-хIур. Ширвани Чалаевасул рахъ ккураз ва живго авторас гьеб гали рикIкIана композитор хIакъир гьавиялъул галилъун. Кинаб бугеб берлагьи дагъистаниязул гимналда хурхун республикаялъул бетIерас загьир гьабураб инициативалде?
Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъ къотIараб хIукмуялдалъун къан буго шайих, Жамалудин Гъазигъумукъиясул цIаралда бугеб мадраса. Гьелъие гIиллалъун бихьизабулеб буго исламияб цIалул идараялъул букIинчIин цIалул программа билълъанхъизабизе изну кьолеб лицензия ва рихьизарулел руго цогидалги гIунгутIаби. Дагъистаналъул рухIияб идараялъги рахъ кколеб буго гьеб хIукмуялъул. Мадраса ахирал соназда хIалтIулеб букIинчIилан абулеб буго гьез. Амма мадрасаялъул нухмалъулес «Эркенлъи» радиоялъе бицана мадраса тIубанго къан гьечIин, гьанже гьеб хIалтIизе бугин исламияб мактаб хIисабалдайилан.
Хадусеб нухалда муниципалиял гIуцIабазул бутIрул Дагъистаналда рищизе бегьула гьелъие хас гьабун гIуцIараб конкурсазул комиссиялъул кумекалдалъун. Гьединал хиса-басиял гьарун рагIула рищиязул къануналда. Гьединаб къагIидаялъ лъикIаб хIасил кьезе бегьулин рикIкIунеб буго инициативаялъул автор ГъазимахIмад ГIабдулаевас. Кинаб бугебали гьелде бербалагьи цогидал гIадамазул.
Дагъистаналда цо-цо мугIалимзаби разиял гьечIо гьел моцIрол харж банказул картабазде буссинабизе тIамулел рукIиналдаса. Щайгурелъул росабалъ банкоматалги гьечIого гIарцуда хадур жал тIубараб къоги нухда хвезабун ине кколел ругин мухъазул центраздейин, абун гIарз гьабулеб буго гьез. Гьез гьарулеб буго цебегIадин харж кодобе кьолеб къагIидаялде нахъ руссаян.
Загрузить еще