Ссылки для упрощенного доступа

Кинаб гимн къваригIун бугеб Дагъистаналъе?


Дагъистаналъул цIияб гимналъул суал гьоркьоб лъураб данделъиялда.
Дагъистаналъул цIияб гимналъул суал гьоркьоб лъураб данделъиялда.

Республикаялъул цIияб гимн хъваялъул конкурс лъазабуна Дагъистаналъул культураялъул министерлъиялъ. Официалияб гимн хIисабалда гьанжеги хIалтIизабулеб буго композитор Ширвани Чалаевас хас гьабун хъвараб бакъан. Республикаялъул бетIерас гьеб какун хадуб, музыкалияб жамгIияталда жаниб багъарана ахIи-хIур. Ширвани Чалаевасул рахъ ккураз ва живго авторас гьеб гали рикIкIана композитор хIакъир гьавиялъул галилъун. Кинаб бугеб берлагьи дагъистаниязул гимналда хурхун республикаялъул бетIерас загьир гьабураб инициативалде?

Конкурсалда гIахьаллъизе бокьарав чиясул хIалтIаби къабул гьаризе руго къоабилеб марталдаса байбихьун. Гьелъул тIоцебесеб бутIа халат бахъине буго июнь моцIалде щвезегIан. Хадуб июлалдаса сентябралда щвезегIан тIобитIизе рагIула гьелъул кIиабилеб бутIаги.

Гьелде щвезегIан официалияб къагIидаялда Дагъистаналъул гимнлъун хIалтIизабулеб букIана Ширвани Чалаевас бакъанги хъван ургъараб гимн. Амма араб соналда Халкъияб Мажлисалъул иргадулаб сессиялда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас квешго какана гьеб гимн. Жинда гьеб рагIарабго хвалил зигараялъе бачунеб бакъан чIолин цебеян абураб къимат кьуна гьес Чалаевасул гимналъе. Гьелъ кIудияб ахIи-хIурги бахъинабун букIана. Чалаевас рагьараб кагъатги хъван букIана ГIабдулатIиповас жив квешго инжит гьавунилан. Гьесул рахъ ккурал чагIазулги кIудияб къукъа букIана интернеталда хъвадарулеб. Россиялъул машгьурай бакънал хъвалей чIужу, Александар Пахмутовалъги букIана Чалаевасул рахъ ккураб кагъат Дагъистаналде бачIун.

Гьеб кинабгоги хIисабалде босун республикаялъул министерлъиялъ лъазабун буго конкурс цIияб гимналъе.

«Эркенлъи» радиоялъ батIи-батIиял экспретазда гьоркьоб цIех-рех тIобитIана гьелда тIасан гьезул кинаб пикру бугеб абун.

Гьединал конкурсазда божилъи букIунарин жиндир, хасго Дагъистаналда гьарулел конкурсаздаян абуна журналист Светлана Анохиналъ.

ТIоцебесеб иргаялда, гимналъул рукIине кколила рагIараб параялъго ракIалда чIолел рагIабиги, ахIизе бигьаяб бакъанги.

Светлана Анохина: «Дида ккола гьелда сверухъ кутакаб ахIи-хIурги бахъинабилин, кутакалда гIемераб разилъи гьечIолъиги букIинин, гIезегIан магIуги тIелин рази гьечIел гIадамаз, щибниги магIна гьечIел тексталги рачIинин гьенире ритIун. Россиялъул гимналъе гьабураб жоги бихьидал нилъеда. ГIадада гурелъул гьелъие рагIаби хъварав Михалковасда тIокIцIар гимнюкилан лъураб. Дир хIисабалда, нилъер гьаниб гьеб иш дагьабги квешги бегIукъгоги гьабизе буго. Россиялда дандчIвалеб бегIукълъи-сурукълъиялда тIаде нилъераз цо жидедагоцин ричIчIуларел жал гьаризе руго гимн ургъулелинги абун. Дица кIвар кьун халкквела гьелда хадуб. Щайгурелъул кутакалда кополаб иш букIине буго гьеб. Лъалевги лъаларевги жувазе вуго гьелда гъорлъе. Щивасда ккезе буго гIицIго жиндир рагIаби рукIине кколин гимналда гъорлъ. Дир хIисабалда, унго-унгояб поэзия гимналда гъорлъ букIине рес гьечIо. Гимн ккола солдатазе хъвалеб гIадаб кечI. Гьелъул рагIаби рукIине ккола гIадатиял, цIан ритIарал. Гьединлъидал лъикIал поэтаз гьабулеб жо гуро гьеб. Амма цIакъ гIемер чиясе къваригIине буго гьениб жидеего бакI кквезе. Гьединлъидал кепги кьезе буго гьелъ».

Гимналъул бакъан гъоркьго букIараб, Чалаевасул тезе рес бугодайин гьикъидал, жий гьеб музыкалияб рахъалъ кутакаб лъай бугей гIадан гурин, амма гIадатияй гIаданалъ гIадин жинца абилин гьададин халкъалда рагIун суризавизе бегьулароанин Чаллаев, къанунияб куцалъ цебехун къабул гьабураб гимнги букIагоян абуна Светлана Анохиналъ. Гьединго гьелъ тIаде жубана бакъан хъвазе чи республика тун къватIисаги ахIизе рес бугилан.

Журналист Светлана Анохиналъе кIвар буго гьеб конкурсалде рачIарал текстазе къимат кьолев бищун кIудияв чи щив вукIинев вугевалиги.

Литературияв критик ва «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасги абулеб буго, Светлана Анохиналъго гIадин, гимн хъвазе кутакаб гьунар къваригIунарин. Поэт гурев чиясдагицин кIолин гьелъие рагIаби рищизе.

БисавгIалиев МухIамад: «Гьенир рукIинаха, нилъер рорхатал мугIрул ругин, гъваридал ралъадал ругин, миллаталъул вацлъи бугин абурал мухъал. Гьединал гIаммал жал рукIуна гимналда. Хасаб гъварилъи, заманалда рекъараб хасаб магIна рагIабаз тIаде жубалин кколаро дида.

Конкурс лъазаби битIун гьабун буго. Гимн магIнаялъул рахъалъги, бакъаналъул рахъалъги камилаб букIине ккола. Гьеб чара гьечIого хIажатаб гIаламат батани пачалихъалъул байрахъго гIадин, конкурсги лъазабун хIадуризе ккола. Гьеб ккола халкъал цолъизарулеб, киназего асар гьабулеб пачалихъияб гIаламат. ШагIирзабазги, бакънал хъвалел чагIазги, гьелде интерес буге киназго хъвазе биччантеха, хадуб бищун лъикIаб тIасабищизе букIине хасал чагIаз».

ЭР: «Гьеб конкурс лъазабиялъе гIиллалъун ккун буго ГIабдулатIиповас Чалаевас хъвараб бакъан каки, дур кинаб бугеб пикру?».

МухIамад БисавгIалиев: «Дида лъаларо ГIабдулатIиповасда кигIан рагIа-ракьанде щун бичIчIулеб бакъаналъул камиллъиги, цогидабги, дида гьелъие къимат кьун бажаруларо. Амма дир хIисабалда рагIабиги гьечIого тасдикъ гьабураб гимналъул щибниги магIна букIинчIо. Дагъистаналъул гимн букIине ккола шагIирги бакънал хъвалел чагIиги ругеб, гьезул творческияб цолъиги гъорлъ жубараб камилаблъун»

ШагIир ва Хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулей Марина АхIмадовалъ абулеб буго гьеб конкурсалде гьоркьое жуязе жинда ракIалда гьечIин, щайгурелъул Чалаевас хъвараб гимн сабаблъун гIемер ракIбакъвайги, ццимги къулчIизе кканин жиндица.

1995 соналъ Чалаевас гимналъе хъвараб тIоцебесеб вариант къабул гьабулаго цадахъго хIадурун рукIун руго Расул ХIамзатовасул рагIабиги. Хас гьабун гимналъе кечI гьес хъван букIинчIилан бицана Марина АхIмадовалъ, амма гьесул машгьураб: «Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан», абураб кечIги кьочIое босун, гIемер тIадги хIалтIун чанго батIиял мухъазул таржама гьабун букIанин жидеца. Амма Халкъияб Мажлисалъ гимналъе бакъан къабул гьабулаго гьеб рагIабиги гьечIого къабул гьабун буго. Гьеб букIун буго Чалаевас гимналъе хъвараб бакъаналъул кIиабилеб вариант.

ХIасил-калам гьеб кинабго гIала гъважаялда гьоркьобги Чалаевас жиндирго бакъаналда ахIизе кьун руго жинцаго хъварал рагIабиги, гьел Расулил рагIаби ругиланги абун. Гьеб сабаблъун гIемерал гIадамалгун семизе кканин жий, гьединлъидал кинабгIаги гъира гьечIин гьанже маданияталъул министерлъиялъ тIобитIараб конкурсалда гIахьаллъи гьабизецин. Биччантейин цогидал шагIирзабаз гьенире жидерго рагIаби ритIизе, амма Дагъистаналъул гиманалъе рагIаби росизе бищунго мустIахIикъав чилъун Марина АхIмадовалъ рикIкIунев вуго гIицIго кIудияв шагIир, Расул ХIамзатов.

Марина АхIмадова: «Гьеб абадиялъе бугеб жо гурелъул гимн, киназго бегьула гьениб гIахьаллъи гьабизе, гIицIго дагъистаналъул шагIирзабаз гуребги, россиялъулазги. ГIицIго дие абизе бокьун буго Расул ХIамзатовас дунялалдаго цохIо жиндирго поэзия гуребги, тIолабго Дагъистан машгьур гьабунилан. Гьединлъидал гьев ва гIицIго гьев мустIахIикъав вуго Дагъистналъул тIоцебесеб гимналъул авторлъун вукIине. Биччанте гьесул тIолалго асаразда жанисан балагьизе цо кечI гимналъе. Биччанте цIиял таржамаби гьаризе. Гьесул кучIдул гIемерал руго гьелъие мустIахIикъал. БукIине бегьула Дагъистаналъул жегиги чанго гимн, кIиабилеб, лъабабилеб ва гьелдаса хадуб жеги чангоги, нилъеда гьеб лъаларелъул, цохIо Аллагьасда гурони. Амма дица нахъойги ракIчIун абулеб буго, гьанжесеб гимналъе хъварал рагIаби рукIине ккола цохIо Расулил».

Дагъистаналъул маданияталъул министерлъиялъ цIияб гимналда хурхун лъазабураб конкурсалда гIахьаллъизе бегьулел руго шагIирал бакъанал хъвалел чагIиги, гIадатиял гIадамал, жамгIиял гIуцIаби, хIасил-калам бокьарал чагIазе нух рагьун буго гьенибе.

XS
SM
MD
LG