Ссылки для упрощенного доступа

Лъабго моцIида жаниб –​ лъабго миллион гъурщил гIакIа


​Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул, Дагъистаналда бугеб бутIаялъ цохIо лъабго моцIида жаниб 50 иш рагьун буго монополиялъул къанун хвезабиялда бан.

Бищунго гIемерал гIунгутIаби гьез тIатинарун руго ракьул хIакъалъулъ къанунал хвезариялда бан. Гьелъул ва лъабго моцIида жаниб гьабураб хIалтIуда тIасан пресс-конференция тIобитIана гьез микьабилеб апрелалда.

Аслияб куцалда пресс-конференция хурхараб букIана ракьазул суалалда тIасан. Ижараялъе ракьал кьолаго гIемерал къанун хвезабиялъул хIужаби тIатинарун руго Монополиялда дандечIараб хъулухъалъ. Бищунго гIемер гIунгутIаби ратанин пачалихъалъул малмулкалъул министерлъиялъул хIалтIуда жанирилан абуна, Дагъистаналда монополиялда дандечIараб хъулухъалъул нухмалъулев Къурбан Кубасаевас. Монополиялъул къанун хвезабиялда тIасан кинабниги 25 иш рагьун буго исана гьез рехсараб министерлъиялда тIад. Гьединго гьез такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Гъизилюрталъул администрациялдаги ва анлъго иш рагьун буго цIатариялъул ва ток бикьа-къотIулел идарабазда тIадги.

ГIаммаб куцалда 3 295 250 гъурщиде гIакIа къотIун буго гьез исана.

Бищунго гIемер монополиялъул рахъалъ къанун хвезабун батулеб бугин пачалихъалъул хIакимзабазилан абулеб буго, Къурбан Кубасаевас.

Къурбан Кубасаев: «Гьабулеб иш тIатун, халкъалда цере рахъун, ракIбацIцIадго гьабейин абурал бадирчIваял пачалихъиял идарабазул цо-цояз нилъер республикаялда сан гьаричIого тола. Хасго ракьул суалазда хурхун гьарулел руго гьез хIиллаби. Масала, гьединал хIужаби тIатинаруна Дербент шагьаралдагун мухъалда, Гъизилюрталда, Новолак, Нугъай, Тарумовка мухъазда, МахIачхъалаялда, Гъодобери, Гъарабудагъкент росабалъ. Гьениб нижеца цIех-рех гьабун, тамихIалде цIана гIайиб ккарал хъулухъчагIи. Жеги гIезегIан ратила гьединал чагIи. Амма нижеца гьел тIатинаризе ккани, нижехъе гIарзал хъвазе ккола. Гурони пуланаб гIунгутIи тIатинчIого хутIула.

Гьедин 150 гIанасеб гектар ракьул нахъбуссинабизе кIванин жидедаян бицана Къурбан Кубасаевас.

2015 сон Дагъистаналда ракIалда чIезе бугин ракьул реформа гьабураб сон хIисабалдайилан абуна Къурбан Кубасаевас. Дагъистаналда гIемер ругин хIалтIизаричIого тарал ракьал, гьел хIалтIизаризе бокьарал гIадамазухъе щоларого ругин, гьеб рахъ роцIцIинабиялде кIвар кьезе буги исана. Мисалалъе федералияб къайимлъиялда ругел ракьал кьезе ругин муниципалитетазул къайимлъиялъухъе. Федералияллъун рикIкIунел бащадал ракьал кьезе рагIула гьедин.

Ракьазул реформа гьабизе ккеялъул бицун букIана халкъалъулгун чIагояб эфир тIобитIолаго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Ракьул реформа гIумруялде бахъинабизе Дагъистаналъул тIалъиялъе лъабго моцIил болжал рихьизаруна Дагъистаналъул нухмалъулес. Гьеб заманалда жаниб киналгIаги къануналъул актал, проектал ва цогидал кагътал хIадур гьаризе кколел руго.

Дагъистаналъул нухмалъулес цебеги бицун букIана ракьул реформа хIажат букIиналъул, гьедин араб соналъ республикаялда тIобитIараб тIоцебесеб Ракьул Форумалда гьес абун букIана росдал магIишаталдаса тIун рукIун данде ккезе гьечIин дагъистаниязе. Росабалъ ва мухъазда гуребги ракь хIалтIизабиялъул ахIвал-хIал цIакъ квеш бугин МахIачхъала, Дербент ва цогидал шагьараздаги.

Амм жакъа Дагъистан ракьул реформа тIобитIизе хIадур гьечIин рикIкIунеб буго гIелмабазул Академиялъул гIелмияв хIалтIухъан, экономист Константин Казененица. Гьес дагьаб цебегIан Дагъистаналда ругел ракьул гьоркьорлъабазул гIелмияб цIех-рех тIобитIун букIана.

Пресс-конференциялъул ахиралда Къурбан Кубасаевас бицана исана июлалда 25 сон тIубалила Россиялда монополиялда данде чIараб хъулухъалъул идара рагьаралдаса. Гьелда бан журналистазда гьоркьоб конкурас лъазабун бугин. Гьединго Дагъистаналда бугеб бутIаялъги балеб рагIула тIасияб соналъ жиб рагьаралдаса 25 сон. Юбилеялда хурхун, тIадегIанал цIалул идарабазда, юридикияб факультеталда цIалулел гIолохъабазда гьоркьоб жидецаги тIобитIизе бугин конкурсилан бицана министрас.

XS
SM
MD
LG