17 июналда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул тIолалго фермеразул ассоциациялъул съезд. ЦохIо росдал магIишаталъул хIалтIухъаби гурелги, Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзабиги рачIун рукIана гьенире. Фермерал рази гьечIо хIукуматалъул рахъалдаса гьезие гьабулеб кумекалдаса.
КъватIибе бачIун буго тарихчагIи ХIажимурад Доногъоца ва ШагIбан ХIапизовас хIадур гьабураб «Аваразул рагъулаб тарих» абураб тIехь. Гьеб ккола магIарулазул тарихалда жанир рукIарал рагъазул, гьелъул гIахьалчагIазул, рагъулъ гьез хIалтIизабулеб букIараб ярагъалъул ва ратIлил цо-цо хаслъабазул бицунеб тIехь. 10 июналда МахIачхъалаялъул Миллияб басмаханаялда тIобитIана гьелъул презентация.
Микьабилеб июналъул къаси рарал чIвахунцIадалъул хIасилалда хезабун буго ЛъаратIа мухъалъул ЛъаратIа росдада аскIосан унеб шагьранух. Апрель моцIалдаса нахъе ралел ругел чвахунцIадаз нухде кьуру ччукIун бачIун кIудияб зарал кканин абулеб буго гьеб мухъалъул нухазул управлениялъул хIакимас. Шагьранухда гьабсагIаталъ бугеб ахIвал-хIал кинаб бугебали лъазе гьабуна нижеца.
2015 сон адабияталъул сонлъун лъазабиялда бан батIи-батIиял тадбирал тIоритIулел руго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Цолъиялъ. «Эркенлъи» радиоялъ хIукму гьабуна халкъалъ ва цIалдолез кин гьеб сон къабул гьабулеб бугеб, поэзия бокьулел, хъвадарухъабазул асарал цIалул чагIи гIемерлъанищ гьелдалъунали цIех-рех гьабизе.
Пачалихъалъул цогояб экзамен унеб заманалда Дагъистаналда 1200 гIунгутIи тIатинабунин жидецаян абураб баян кьуна гьал къоязда республикаялъул прокуратураялъ. Амма гьеб баян мекъаб бугин абулеб буго «Рособрнадзор» абураб идараялъ. Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъги абулеб буго прокуртураялъ кьураб баян битIараб гьечIилан.
Россиялъул бусурбабазул шураялъ гьал къоязда къабул гьабуна «ТIолалго бусурбабазул социалияб доктрина» абураб документ. Щиб гьеб документалъ кьезе бугеб, кинаб бугеб гьелда тIасан экспертазул пикру?
АрбагI къоялъ Унсоколо мухъалда нахъойги контртерроралъулаб режим лъазабун буго. Аскарияз аслияб гьужум гьабулеб буго ХарачIи росдаде. Росдал гIадамазул рокъоре рачIун чIухь балеб бугилан абулеб буго гIадамаз.
Дагъистаналда тIадбан унеб буго Пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбир. Цересел соназда дандеккун исана кинабго къануналда рекъон унеб бугин абулеб буго мугIалимзабаз. ГIаммаб куцалда 40 гIунгутIи тIатинабунин жидеца гьанжелъизегIанилан абулеб буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул нухмалъулев хисулев ГIалиев Ширалица. Цогояб экзамен кин унеб бугеб республикаялдаян цIех-рех гьабуна нижеца.
«Халкъалъухъа ярагъ бичун боси» абураб акция цIидаса байбихьана Дагъистаналда. Гьединал тадбирал цереги тIоритIун рукIана республикаялда, амма гьелдалъун ярагъ гIадамазухъ дагьлъулеб гьечIо. Киса щолеб бугеб гIадамазухъе ярагъ?
МахIачхъалаялъул "Стекловолокно" абураб заводалъул цадахъго гIумру гьабулеб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда ругел гIадамал нахъе рахъинарулел руго гьениса.
25 маялда Дагъистаналда байбихьана Пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбир. Итни къоялъ кьолеб букIана литератураялъул ва географиялъул экзамен.
ГIемер лъудби рачине рес кьолеб къагIида Россиялда киназего нух рагьараблъун гьабизе кколилан абураб пикру загьир гьабуна гьал къоязда МахIачхъалаялъул Аслияб мажгиталъул имам МухIамадрасул-хIажи СагIадуевас. Гьес абулеб буго Россиялъул къануналда жанибе босизе кколин гьебилан. Кинаб бугеб гIадатиял дагъистаниязул пикру гьелда тIасан?
Дагъистаниязул гIарз буго хIукуматалъул азарханаялдаса жидее дараби щолел гьечIин, гьел жидецаго ричун росизе кколел ругилан. Сон байбихьаралдаса гьединаб чанго гIарза бачIун буго республикаялъул ЖамгIияб Палатаялде. Гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIана гьез 20-абилеб маялда, сахлъи цIуниялъул иш тIаде кколел идарабазул чанго вакилги ахIун.
Дагъистаналда бугеб Гъизляралъул чагъир хIадур гьарулеб завод унеб буго «Росспиртпром» абураб гIуцIиялъул къайимлъиялде гъоркье. Чанго моцIалъ цебе лъазабун букIана завод федералияб буголъиялде кьолеб бугилан. Гьеб хиса-басиялъ щиб кьезе бугеб заводалъул хIалтIуе ва Дагъистаналъул хIукуматалъе кинаб зарал гьелдалъун ккараб абурал суалазе жаваб кьолеб буго экономист Михаил Чернышовас.
ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъанас инкар гьабуна Хасавюрталдаса цIех-рехчи Рамазанов Запирида хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьизе. Гьесда тIаса гIарза хъван букIана Хасавюрт мухъалъул Муцалаул росулъа ГIумархIажиев Билалица. Гьесул ихтиярал цIунулей адвокат Сапият МухIамадовалъ тIалаб гьабулеб буго кIиялго цIех-рехалъул хIалтIухъаби тамихIалде цIазе кколилан.
13 маялда 55 сон тIубалаан магIарулазул машгьурав хъвадарухъан ГъазимухIамад ГъалбацIов гьавуралдаса. Адабияталда жаниб жиндирго хасаб нух ккурав, гьунар бугев хъвадарухъан гьев вукIанин гьевин абулеб буго литературиял критиказ, амма гьесул цIалдолел Дагъистаналда гIемер гьечIин. Кинаб букIараб ГъалбацIовасул товрчествоялъул нух ва щиб цIияб жо рагьараб гьес магIарул адабияталъеян бицунеб буго гьесул гьудул гьалмагълъиялъ жакъа гьев ракIалде щвезавулаго.
Чачаналда санаде яхинчIей яс 57 сон барав полициялъул полковникас хIал гьабун ячуней йигилан абураб информациялъ ахIи-хIур багъаризабуна интернет-гIатIилъиялда. Кьолиш жакъа Дагъистаналда хIал гьабун ригьнаде рахинчIел ясал росасе?
Дагъистаналда хIадур гьабулеб буго киналго росдал магIишаталъул ракьазул приватизация гьабиялъул хIакъалъулъ къануналъул проект.
Шималияб Кавказалде ток бикьа-къотIулеб гIуцIиялда ракIалда буго Дагъистаналда цIияб энергетикияб компания рагьизе.
МоцIидаса цIикIкIун заман балеб буго ЧIалдаса Къородисезул кьотIе щвезегIан бугеб нух къаралдаса.
Загрузить еще