Ссылки для упрощенного доступа

МагIарухъе нухал халалъун руго


МоцIидаса цIикIкIун заман балеб буго ЧIалдаса Къородисезул кьотIе щвезегIан бугеб нух къаралдаса.

Гьеб къаялъе гIиллалъун ккана ГЭСалъул хIор цIезабун хадуб шагьранух чанго бакIалдаса кьватIун, ччукIун иналда хIинкъи букIин. Гьелдаса нахъе мугIрузул чанго мухъалде унел гIадамал ГьоцIалъ росулъан сверун ине кколел руго. Жидее гьелъул кIудияб квал-квал бугилан, чанго росдал гIадамал къватIире рахъун рукIана гьал къоязда. Нух кидал къачIан лъугIулебали жеги лъалеб гьечIо.

Гьеб нухдаса магIарул ункъо мухъалде хьвадула чанго батIияб транспорт. Аслияб куцалде шагьаралдеги нахъеги гIадамал раччулел маршруткаби уна гьенисан. МоцIгун бащадалъ цебе гIадин ЧIалда ГЭСалъул хIор цIезабун хадуб гьелда аскIосан букIараб нух кьватIун буго ва гьеб ччукIун иналда хIинкъи букIун гьениса траспорт хьвадизе гьукъана гьенисан. Киналниги автомобилал гьанже хьвадула Хунзахъ мухъалъул НахъагьоцIалъ росулъа бугеб нухдаса. ЧIалдаса Къородисезул кьотIе гьеб нухдаса балеб буго сагIаталда гIагарараб замана, ГЭСалъул лъеца зарал гьабураб нухдаса нусго цебе балеб букIана 10 минут гIанасеб замана. Нухда цIикIкIун замана балеб букIин гуребги ГьоцIалъан бугеб гьеб нух буго хъил тIечIеб гвендахараб нух. Автомобиль бачунелги, жаго гIадатиял гIадамалги цIакъ разиго гьечIого руго. Шагьаралде нахъе гIадамал раччун хьвадулев, Шамил мухъалъул Микьигьориб росулъа Хизрица гьадин бицана «Эркенлъи» радиоялъе жидеего бугеб квал-квалалъул.

Хизри, автомобиль бачунев: «Гьеб нух къаралдаса цониги нухалъ дун гьенисан инчIо. Зарал кколеб буго узухъда гIадамазе. Автомобилал холел руго, гIадамазе кIудияб къварилъи буго багьаби рахинарун, ахир-къадги кинабго бецIулел чагIи мискинзаби ругелъулха».

ЭР: «Дуда цадахъ хIалтIулел пишацояз щибилан абулеб бугеб, щолеб хайир дагьлъун бугиш гьезие?».

Хизри: «Хайир батIаго дагьлъун батиларо, амма жалго автомобилазе кIудияб зарал кколеб буго, хIосал гъурулел руго, гьакибурдул кьвагьулел руго. СагIаталдасаги цIикIкIун нухги халалъун гIадамалги руго гьебги чIамучIлъун, ретIелги хIурул цIолеб буго гьезул».

ЦохIо ГьоцIалъа гуребги гIадамал гьединго хьвадуле руго Дарада–Мурада росу къотIун къородисезул кьотIе бугеб цогидаб шагьранухдасан. Гьеб нух ГьоцIалъан бугелда дандеккун лъикIаб бугин абулеб буго гIадамаз, амма нухда цIикIкIун заман бахъулеб буго. Щайгурелъул Дарадаса бугеб нухдасан ине ккани, тоннелалъусан рачIунел гIадамал цин нахъруссун Хьаргабиреги сверун гьениса Гъунире унеб нух къотIун Солдерил кьодухъе щвезегIан ине ккола. ХIасил-калам МахIачхъалаялдаса ХIебде маршруткаялда балеб букIун батани лъабго сагIатгIанасеб мех гьанже балеб буго ункъо сагIаталдаса цIикIкIун, БежтIе, ЛъаратIе абуни жеги кIиго нухалъ цIикIкIун заман балеб буго.

Гьеб нух рагьи тIалаб гьабуна Къородисезул, КIкIуядерил ва Гьолокь росулъа 150 гIанасев чи вахъун вукIун вуго маялъул тIоцебесеб къоялъ. ГЭСалъул ва гьеб шагьранух бахъарал «Автодор» абураб гIуцIиялъул рахъалъ щивниги чи гьезухъе вачIун гьечIо. Жеги чIванкъотIун лъалеб гьечIо кида гьеб нух къачIазе бугебали. Гьелъухъ балагьизе Санкт-Петербург шагьаралдаса комиссия бачIун букIун бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе КIкIуяда росулъа Къурбаилов Къурбаилас. Къородисезул кьотIаса КIкIуяде щвезегIан, шагьранухде хъил тIолеб мехалъ гьелда гъорлъ гIахьаллъи гьабун букIана гьесги. Гьеб комиссиялъул чагIаз чанго вариант ургъун буго нух къачIазе бегьулеб. Амма кIиго моцIидаса гурони гьелъул хIасил лъалеб рагIуларо.

Къурбаилав Къурбаилов: «Бигьа-бигьаго гьабун бажаруларин гьебилан абун рагIула гьезги. Тоннель бахъизе бегьулин абулел букIун буго гьез. Хадуб хIукму ккун буго лъим чIолелъуб чIезегIанги чIун балагьизе щиб кин гьабун лъикIали. БитIараб куцалда ГЭСалъул нухмалъиялъ къачIазе кколаха гьеб нух, гьезул хатIа ккунлъидал гьеб кьватIараб».

ТIокIал чIечIого ГЭСал ралел рукIун гурони гIадатиял гIадамазе гьелдаса бугеб пайдаго лъаларин, къватIибе токги бичулин, бухIараб токалъухъ босулеб гIарацги санайил цIикIкIинабулилан абурабги разигьечIолъи буго гIадамазул. Гьелда тIадеги ЧIалда бараб ГЭСалъ нухлул заралги гьабунин чанго росдал чагIазе.

XS
SM
MD
LG