Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистан: ригьиназул "хасияталда" сверун


Чачаналда санаде яхинчIей яс 57 сон барав полициялъул полковникас хIал гьабун ячуней йигилан абураб информациялъ ахIи-хIур багъаризабуна интернет-гIатIилъиялда. Кьолиш жакъа Дагъистаналда хIал гьабун ригьнаде рахинчIел ясал росасе?

Чачаналдаса 17 сон барай Луиза Гойлабиева 57 сон барав полициялъул офицер Нажуда Гучиговасе кьолей йигилан абураб хабаралда тIасан гIемерал бахIсал рукIана дагъистаниязда гьоркьорги. ГIемерисез ясалда ракI гурхIи загьир гьабулеб букIана. Дагъистаналда дандчIвалиш гьединал хIужаби, хIал гьабун ясал жидедаса ригьалъ кIудиял гIадамазе росасе кьеялъул абураб суалалда тIасан цIех-рех гьабуна нижеца. Журналист ва «Даптар» абураб, хас гьабун руччабазул суалазул бицунеб сайталъул шеф-редактор Светлана Анохиналъ рикIкIунеб буго гьединал мисалал гIемерал ругин жакъа республикаялдаян. Амма нижеца цIех-рех гьабурал чагIазул цонигияз гьеб хIужа тасдикъ гьабичIо.

Чачаналде дандеккун Дагъистаналда гьеб рахъалъ гIадамал дагьал рахIмуял ругин рикIкIунеб буго адвокат Сапият МухIамадовалъ. Щайин абуни чачаназул доба гIолохъанал ясал ригьалъ кIудиял чагIазе росасе кьей къанагIатаб иш гурин. Гьелда бан рагьун лъазабичIеб Рамзан Къадировасул хIукму бугиланцин рагIанин жинда, рокъой балугълъиялде яхарай яс ятани гьей ригьалъ кIудияв чиясе кьуниги хех гьабун росасе кьезе гIамал гьабейин. Щайин абуни интернеталдаса, кколарел чагIигун хъвадарилей йикIинегIан хъизан-рукъалде юссун йикIаниго лъикIин гьелъиеян. Амма Дагъистаналда гьединал хIужабигун жий дандчIвачIин, цо-цо росабалъ гьединал мисалал рукIун ратизеги бегьулин абулеб буго гьелъ.

Сапият МухIамадова: «Ясалъул рагIи босизе чагIи рачIуна гьелъул эбел-инсухъе, гьел гьечIони гьелъул цевесев гIагарав чиясухъе, ясалъул дандечIей гьечIони гьезги рагIи кьола, гьеб билъун араб гIадат буго Дагъистаналда. Ясалдаги рагIулелъул гьез дандбалеб хабар, гьелъ хIисаб гьабула лъикIиш дун гьев чиясе росасе ун, ялъуни квешищилан. Дида ккола Дагъистаналда гьелъул рахъалъ иш бигьаго бугин Чачаналда бугелдасаги. Гьелдаго цадахъ лъиениги балъголъи гуро нилъер гьанир яс кинидаго рукIаго гьей лъиениги абун йикIунеблъиги. Яс гIун хадуб гьелъие гьеб ригьин къабуллъичIони ригьин хвараблъун рикIкIунаха. Амма ясалъеги бокьичIого, хIал гьабун гьей росасе кьолилан абураб жо дир практикаялда жеги букIинчIоха, гьединаб гIарзагун дихъе жеги щивниги вачIунги вукIинчIо».

Жеги школа лъугIилалдего кьолин жидер лъора ясал ригьнаде, рукIунин хIужаби гьел кIиабилей лъадилъун рачаралги. Амма гIемерисел гьел ригьнал ясалги разилъун гьабурал рукIунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Шамил мухъалдаса Балилова ПатIиматица.

Балилова ПатIимат: «16-17 сон барал ясал росасе кьолеб гIадат буго нижер лъоба. ГIемерисел ясал школа лъугIилалдего рокъор тола эбел-инсуца, щайгурелъул 11 класс лъугIун хадуб гьезда цIализе ине ракIалда батичIони гьел росасе кьола».

ЭР: «Гьелда гьоркьор ругиш хIужаби гьел жидеего бокьичIого ригьалъ гIемерго кIудияв чиясе росасе кьурал?».

Балилова ПатIимат: Гьединаб жо дида рагIичIо. МагIарухъ гьединал ахIи-хIур бахъарал хIужаби рукIунаро, инсуца абураб бакIалде уна яс. Мисалалъе дагьаб цебегIан жиндирго абурай яс школалдаса нахъе ячун йиго гьелъул абурас, жинде бакьинарила мун гIемерал гIадамазда гьоркьой школалда йикIинеянги абун. Ясалъги щибго дандечIей гьабун гьечIо».

Инкъилаб ккелалдего цересел соназ хIал гьабун ясал ригьнаде кьеялъул хIужаби Дагъистаналда гIемер рукIанилан абула чIахIиял чагIаз. Литературиял асаразда жанирги чанги дандчIвала жиндир эмен гIадав чиясе росасе ине бокьичIого чанги гIолилай ясалъ хвел тIас бищиялъул мисалалги.

XS
SM
MD
LG