Болъихъ мухъалда цIидасан рохьал рухIулел руго. ГIодоцинабун букIараб цIа гьороца багъаризабун, цIидасан рекIун буго. ГIадамаз цIа ккеялда хурхун гIайиб рагъулазде гIунтIизабулеб буго.
МахIачхъалаялда 30-абилел соназдаго хехаб къагIидаялда бараб 50-ялдаса цIикIкIун тIалаязул минаби гIадамаз гIумру гьабиялъе хIинкъи бугеллъун рикIкIун, гьенисан цIиял рукъзабахъе гочинаризе тIаде босун анцI-анцI сонал ана.
Дагъистаниалда ругел басриял риххун инел ругел минабазул бащалъи кколеб буго МахIачхъалаялде. 50 гIемертIалаяб мина бихьизабун буго МахIачхъалаялда жанив инсанасе гIумру гьабизе хIинкъи бугеллъун ва гьениса гIадамал нахъе рахъинаризе чанго нухалъ рагIи кьун буго, амма церего гIадин гьез гIумру гьабулеб буго кинабгIаги квегIенлъаби гьечIел бакIазада. Гьединал минабазул цояб кколеб буго Пушкинил къватIалда бугеб биххун унеб бугеб гIемертIалаяб минаги.
«Исламияб пачалихъ» абураб терроралъулаб гIуцIиялъул нухмалъулесе ритIухълъиялъул гьа барал авлахъалъул командирfзда ва «Имарат Кавказ» абураб гIуцIиялъул нухмалъиялда гьоркьор ругел ричIчIунгутIиял жанисеб конфликталде сверизе рес буги баян гьабулеб буго экспертаз. Гьебго заманаялъ, «Исламияб пачалихъ» абураб терроралъулаб гIуцIиялъул рахъ ккун Шамалда рагъулел ругел тIад руссун рачIин буго Россиялъе аслияб хIинкъи.
Дагъистаналда кIвар бугеблъун хутIулеб буго лъимал ясли-ахаздалъун хьезариялъул суал. Жакъа къоялъ электронияб иргаялда хъван буго 80000 цIикIкIун лъимер. Ришватал роси лъугIизабизейин гьабун букIараб гьеб системаялъ кинабгIаги хиса-баси ккезабун гьечIо ва улбухъа цебе гIадин гIарац тIалаб гьабулеб буго лъимер яслиялде къабул гьабуралъухъ. ГIицIго хисун буго ришваталъул къадар.
МахIачхъалаялдасан Крымалде «Аварагзабазде рокьигун карикатурабазда данде» абураб цIаралда гъоркь авторалли байбихьана 29 январалда МахIачхъалаялда. Автопробегалъул маршрут унеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазул тахшагьараздасан Крымалъул Симферополь шагьаралде.
2015 сон тIолго Россиялдаго лъазабун буго ГIурус литератураялъул сонлъун. Дагъистаналда гIурус литератураялъул сон кIодо гьабун гьаризе руго гIемер тадбирал. Амма тIахьал цIалиялде гIолеб гIелалъул рокьи бижиялда хурхараб жо гьезул щибго гьечIо. Кинаб лъай-хъвай бугеб гIурус литературагун цIалдохъабазул, ругищ жакъа цIалдолел лъимал?
МахIачхъалаялъул Джума мажгит кватIичIого батIияб бакIалде бахъизе ккун букIиналъул бицана Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьеб хIажалъи хурхарабги бугила рузман къояз ва гIидалъул къояз мажгиталда сверухъ къватIазда букIунеб траспорталъул хIалуциналда.
23 январалда МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда тIобитIана аварагасде карикатураби гьариялде дандечIараб мавлид. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул батIи-батIиял мухъаздаса рачIарал мажгитазул имамзабигун гIалимзаби. Мавлидалда гIахьаллъана гьединго Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги.
Дагъистаналда наркотиказул суал хутIулеб буго кIвар бугеб суалазул цояблъун, бищун наркомания тIибитIараб буго гIолилазда гъорлъ. Чанги ясал росабазе унел руго вук1инесев рос наркоман вукIинги лъачIого. Щиб гьабилеб , рос – наркоман вугони?
Россиялда мигрантазул къадар дагьлъулеб буго. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул федералияб миграциялъул хъулухъалъ. Экспертаз гьеб хурхинабулеб буго Россиялда миграциялъулаб политикаялда жанир ккарал хис-басазда, жалго мигрантаз тIаде жубалеб буго эконимикияб ахIвал-хIал Россиялда лъикIаб гьечIеб бугин.
Турциялда теракт гьабиялда щаклъи букIарай Рамазова (цоги баяназда рекъон-Рамазанова) Диана лъан йиго гьелъул гIагаразда кьвагьарай чIужу-гIаданалъул сураталда. НизамцIунулез лъазабулеб буго гьелъул Турциялда ругел цогидал Дагъистаниязулгун рухьенал рукIине рес бугин. Гьединго рес бугила Туркиялда Дагъистаналдаса мугьажирзабаздехун бербалагьи хисизе.
«Исламияб пачалихъ» абураб терроралъулаб гIуцIиялъ 13 январалъ интернеталда тIибитIизабуна Россиялъул Федералияб цIуна-къаялъул хIалтIухъабилъун рихьизарулел гIадамазухъа цин сурав босун, цинги гьел чIвалел видео. Исламияб пачалихъалъул Россиялъеги хас гьабун Шималияб Кавказалъеги хIинкъи бугин рикIкIунеб буго экспертаз.
ЦIияб соналъул байрам кIодо гьабиялде данде видео бахъаравин абулев НурмухIамадов Мурадил ишалда сверун диванханаялъул процесс 10 январалде нахъбахъун букIана, амма 9 январалда гьесде изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан гIайиб гIунтIизабун буго. НурмухIамадов туснахъ гьавун вуго кIиго моцIил болжалалъ ва гьесул ишалда тIасан гIарза кьезе бугин ТIадегIанаб диваналдейин лъазабулеб буго ккурасул адвокатас.
7 январалда Хасавюрт шагьаралъул азарханаялъул хIалтIухъабаз тIобитIун букIана митинг. КъватIире рахъаразул аслияб дагIба букIана азарханаялъул биххун унеб бугеб лъимал гьарулеб бутIа аскIоб бараб цIияб централде гочинабичIого, гьенире хIалтIизе батIиял хIалтIухъаби росун жал рукIаралъурго тун рукIиналда.
ГьоцIдерил тIагIалабазул комбинат Советияб заманаялда Дагъистаналда ва улка тун къватIибехун лъалаан гьенир гьарурал тIагIалабаздасан. Гьенир гьарурал тIагIалаби цIунун руго Эрмитажалда, Магърибалъул махщелчилъиялъул ва гIемерал цогидал музеязда. Араб гIасруялъул 90 соназ, захIматаб ахIвал-хIал букIиналда хурхун чIезе тараб комбинаталъул хIалтIи жакъаги чIун ва тIубан лъугIун унеб буго.
Хасавюрт мухъалда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда чIван вуго полициялъул кIиго хIалтIухъан. Гьелда сверун батIи-батIиял информ-алатаз кьолел баянал батIи-батIиял руго. Жанисел ишазул министерлъиялъ кьолеб буго жидерго баян. Гьединго ва изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналда щаклъи букIун ккурав Ибрагьимов Сабирие туснахъалъул цо моцI бихьизабун буго.
ЦIияб соналъул байрам кIодо гьабиялде данде видео бахъаравин абулев НурмухIамадов Мурадил ишалда сверун диванханаялъул процесс 10 январалде нахъбахъун буго. Низам цIунулез гьеб хIукму бичIчIизабулеб буго НурмухIамадовас такъсир гьабиялъул хIужаби жеги ракIарун лъугIун гьечIин абун. Гьебго заманалда, цо-цо информалатаз гьев кIиго моцIалъ жанив ккун вугин абун тIиритIизарурал харбалги хIакъикъаталде данде кколарел ругин лъазабулеб буго гьез.
ГьоцIдерил гIарцул тIагIелал риччалеб комбинат "накабазде" ккун буго
ЦIияб сон кIодо гьабиялдаса инкар гьабиялде ахIулеб видео бахъараб ва гьеб интернеталда тIибитIизабурав НурмухIамадов Мурад ккун вуго низамцIунулез. НурмухIамадов кквеялъе гIилла ккун буго гьесухъ кодоб ярагъ бати. ХIакъикъаталда, гьеб НурмухIамадов кквеялъе гIилла букIине рехараб батизеги рес бугилан рикIкIунеб буго ккурасул адвокатас.
Загрузить еще