Бахъараб каву, ричун рачIунел къадал ва цо цIадул хIенехI хъвайдал цIа рекIине хIадурараб цIулал болъаби ва къадал, гьеб сурат бихьула МахIачхъалаялъул тарихияб аслулъун кколеб Пушкинил къватIалда бугеб 26 ва 28 гIемертIалаял минабахъ. Басриял ва риххун инеллъун жидер мина рикIкIаралдаса 10 сон данде щолеб батилин, амма гIадамал къватIире рахъинарилин рагIи кьуралдаса чанго нухалъ нахъбахъанин абулеб буго гьений 50 соналдаса цIикIкIун заманаялъ гIумру гьабун йигей Маринаца. Советияб заманалъ тIиритIун рукIарал цадахъго гIумру гьабулеб бакIалъул тайпаялъул гьеб минаялъуб цо рокъор цо хъизам хIисаб гьабун гIумру гьабулеб буго гIадамаз.
Нуриятги кIиго лъималги росги гIумру гIабун руго 12 метралъул гурого роцен гьечIеб рокъор жанир. Зама-заманалдаса рачIунила жидехъе администрацилъул хIалтIухъаби, амма щибго хIасил кколеб гьечIила. Чанго къоялъ цере жидер гIадамал анила Дагъистаналъул республикаялъулаб прокуратураялде, гьенисан ритIухълъи тIалаб гьабизе, гьенисанги кумак щвечIонани жал аслияб майданалде ГIабдулатIиповасда жал рагIизе рукIине рахъине ругин абулеб буго гIадамаз. 1968 соналдаса нахъе гIумру гьабун йигей маринаца 18 метра гурого гьечIеб рокъор гIезарун руго жиндирго 6 лъимал. ГьабсагIат гьелъ сакъатлъи бугев росгун гIумру гьабулеб буго рокъоб жаниб, херлъараб мехалъ цIакъго захIмалъулеб бугила кинабгIаги квегIенлъи гьечIеб бакIалда гIумру гьабизе.
Марина: «РачIуна, рачIуна гьанире, я газ гьечIо нижер, биххун инеб бакIалда тезе бегьуларин, квен-тIех гьабизе хIалтIизабула цо токалъул печ. Квенги цадахъ гьабула, черезеги гьебго бакIалда черола. Хасало квачан, гIодоб хIетIе чIезе кIолеб хIал букIунаро».
КвегIенлъабазул бицунаго, хинаб лъим яги чурун партал базе бакIалъул бицинароанила, хIажатханацин гьечIила жидер, 20 чи вугеб бакIалда цо гурогойин абулеб буго Аминатица.
Чвердезе хIалтIизабизе щибаб хъизамалъул къеда бан буго маххул яги макърал кIудияд гъудрул, саргъасал. Гьединал, риххун ине хIинкъи бугел минаби МахIачхъалаялда гIемер руго, Ушаковасул, Буйнакскиясул, АхIмедхан СултIанил ва цогидал къватIазда. Гьезул цо-цоял рахъинарун руго цIиял рукъзабахъе, гIемерисел ралагьун чIун руго.
Официалиял баяназда рекъон,басриял, риххун инел минабазул къадар тIолго Дагъистаналда кколеб 26 процент, гIаммаб минабазул къадаралдаса. Гьезул бащалъи кколеб буго МахIачхъалаялда ругел минаби. цин 2002-2010 соназул болжалазда хIалтIулеб букIараб гьеб программаялда рекъон, гIицIго 4 процент гурого гIадамазул гьединал минабахъа нахъе гочинарун гьечIо. Щибаб къо, гьединаб бакIалда гIумру гьаби буго хIинкъи бугеб, яги токалъул зарал ккезе яги биххун ине рес бугеб. МахIачхъалаялъул администрациялъ бакIал ратун ругин гьедин нахъе рахъинаризе гIадамал амма гьел киназего гIаларогон ругин лъазабулеб буго. Дагъистаналда риххун унел бинабазул 200 азаргоялдаса цIикIкIун метр квадратура бугеб бакIал рихьизарун руго риххун унеллъун. Жакъа МахIачхъалаялда 50 мина буго басрияб, биххун ине рес бугеблъун рикIкIараб.
Дагъистаналъул БакIал раялъул министерлъиялъ 2013-2015 сооназул болжалазда жаниб 523 квартира 1546 чи вихьизавун вуго басриял, риххун инел ругел минабахъа нахъе рахъинаризе кколеллъун. Амма гьел жеги рахъинарун гьечIин абулеб буго «Черновик» газеталъул журналист Вагабова Саидаца. Араб соналъ, гьеб программаялда рекъон биччараб гIарцул гIемер миллионал рикъи тIад ккун, чанго чи туснахъ гьавун вуго, амма нахъе рахъинаризе рукIарал 368 хъизам жеги басриял минабахъго хутIун руго. 2015 соналда жаниб риххун унел, басриял минабахъа нахъе рахъинаризе рагIи кьолеб буго шагьаралъул администрациялъ амма гIадамаз гьелда жидер божилъи гьечIин абун, квер хьвагIун тун буго.