«Политех» абулеб социалиял технологиял лъазарулеб агентлъиялъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилаз баян гьабулеб буго миллиял гьоркьорлъаби хIалуциналъул бищунго кIудияб хIинкъи буго гIурусазда жидерго социалияб рахъ бихьулеб бугеб куцалдаса. Гьеб миллаталъул вакилзабазул 37 проценталда жал ругеб ахIвал-хIал бихьулеб буго жал хIакъир гьарилъун. ЦIикIкIун гьеб дискриминация бихьулеб буго Москва ва гьелъул икълималда, Санкт-Петербург ва гьелъул икълималда. Гьениб гьединазул къадар бахунеб буго 46 %. Гьебго заманаялда цIилъулеб буго паспортазда чиясул миллат бихьизабулеб мухъ тIадбуссинабиялъул суалги. Гьеб суал Пачалихъияб Думаялда цебе лъун буго Коммунист партиялъул рахъалдасан депутат Плетнева Тамараца.
Щай къогоялдаса цlикlкlун соналъ цебе нахъе бахъун букIараб гьеб мухъ тIадбуссинаялъул суал баккулеб бугеб ва щиб гьелъ кьезе рес бугеб?
Россиялда титулияб ай аслияб миллат абураб жоялъул магIна ккола гьелъул культура кьочIое босун бугин абураб. Гьелъул кьучIалда гIуцIулапачалихъги жамгIиятги. Гьебго заманаялда, гьеб бичIчIиялда хадуб гьечIо кинаб букIаниги гражданияб ращалъунгутIи. Ихтияразул рахъалъ киналго гражданал ращадал руго,-гьедин рикIкIунеб буго Михаил Ремезовас. Гьев ккола Миллияб стратегиялъул институталъул президент. Гьесулго пикруялда, жакъа гIурусаз байбихьун буго жалго «казаказде», «сибиралъулазде» ва цоги бутIабазде рикьизе. ХIакъикъаталдаги гьеб киналъго гIурус миллат бечелъизабизе кколеб бакIалда, «гIуруслъи» гьез жидер къукъаяздаса нахъе къотIулеб буго.
Гьеб киналъего гIиллаги бугин пачалихъиял институтал загIиплъи ва цебетуркIи цоцалъ гъункарал социалиял корпорациязе щолеб букIин. Гьединаб къукъаялъул вакилзабазда жалго цIунараллъунги рихьулел ругин ва социалиял конфликтал раккараб мехалдаги гьелъул кIвар кIудияб букIунин рикIкIунеб буго Ремезовас.
Гьеб киналдего тIаде, диванаханабазул системаги хIалтIулареб, коррупциялъухъ къарал хъулухъчагIазул тIасанккейги бугеб, гIадамазул ихтиярал пачалихъалъ цIунулелги гьечIеб мехалда диаспорабазулги, миллиял къукъабазулги къуват цIикIкIунин ва этникиял къукъабазул вакилзабазда лъалин гьез жал цIунизе ругеблъиян абун буго Ремезовас «Свободная пресса» газетаялъе.
Ахирисеб 22 соналда жаниб миллияб хIалуцин чучлъизабизе кколеб бакIалда гьеб тIадеги хIалуцинабулеб букIанин нухмалъиялда бугеб элитаялъин рикIкIунеб буго миллиял суалазда сверун Пачалихъияб Думаялъул комитеталъул нухмалъулев хисулев Валерий Рашкиница.
Чачаналъ букIараб рагъалъги, гьелдаса хадуб улкаялда гьарзалъарал терактазги гьеб унти дагьабги гъварилъизабунин ва гьелъул кьучIалда улкаялъул миграционияб политикаги хIалтIулеб бугин абун буго Рашкиница добго «Свободная прессаялъе». Гьесул пикруяда, улкаялде мигрантал рачин-гьеб буго гIурус халкъалде данде гьабулеб такъсир. «Миллат» абураб мухъ паспортаздаса нахъе бахъиги кIудияб гъалатIлъун бихьулеб буго гьесда. Гьелъул бищунго кIудияб зарал гIурусазе кканин ва гIурус культурагун гIадатал гьелъ мерхьанин рикIкIунеб буго депутатас.
Паспортазда чиясул миллат бихьизабулеб мухъ тIадбуссинабиялъул суалалда хурхун кинабха бугеб титулияб гуреб ва гьитIинаб халкъ- дагъиcтаниязул пикрабидагъиcтаниязул пикраби.
Your browser doesn’t support HTML5
Бихьулеб буго паспортазда чиясул миллат бихьизабулеб мухъ тIадбуссинабиялда сверун дагъистаниязул пикраби цоккурал гьечIолъи.