Ссылки для упрощенного доступа

Ставрополь-Россиялда ва Кавказалда гьоркьоб «цlалкlу»


Cтаврополь-Хlижаб къарай йикlиналъ школалдаса рокъое йитlулей яс
Cтаврополь-Хlижаб къарай йикlиналъ школалдаса рокъое йитlулей яс

Ставрополь ракьалъул губернатор Валерий Зеленков хисизе чи валагьулев вуго Кремлалъ гьев гьениd тун лъагIелалдаса цIикIкIун заман иналде. Гьедин абун буго «Ведомости» газетаялъе «Единая Россия» партиялдаса цо ва президентасул администрациягун гьеб регионалъул нухмалъиялде гIагарав кIиго чияс. Гьезулги цояс абун буго губернатор рищиязул цогояб къолъун лъазабураб 8 сентябрь щвезегIанго хисизе рес бугин. Гьеб хабар бицаразул цогиясул пикруялда Зеленков хисизе вуго рищияздаса хадув цоги чанго губернаторасда цадахъ. ГIиллалъун рехсолеб буго гьесул сахлъиялъул проблемаби.

Зеленков хисиялъе ругел гIиллабазул цогияблъун рехсолеб буго регионалда миллатазда гьоркьосел конфликтал цIикIкIин. Зама-заманаялдаса гьединал конфликтал загьирлъулел руго Ставрополалда, Невинномысскалда ва цоги шагьаралгун мухъазда. Гьединго тIолабго Россиялъул информалатаз лъазабулеб букIана регионалъул лъабго мухъалъул-Арзгирский, Степновский ва Нефтекумский- школазде хIижабал къарал цIалдохъаби ричIчIалел гьечIолъиялъул. Хадуб, Россиялъул ТIадегIанаб диваналъ ритIухъ гьабуна хIижабал школазда къазе гьукъизе Ставрополалъул диванханаялъ къотIараб хIукму.

Чанго къо цебе Зеленковас бакIалъул прессаялъе интервью къолаго нахъчIван рукIана гьев хъулухъалдаса унев вукIиналъул харбал. Гьес абун букIана гIарза хъвазе жинда ракIалда гьечIин ва гьел харбал ратизе рес бугин ургъунго жинде политикияб тIадецуй гьабизелъун ричIчIалел жалин. Хадусел къоязда гьезие комментарий кьечIо губернаторасул пресс-секретарь Алексей Носицаги.
Шималияб Кавказалъул Федералияб икълималда президентасул хасав вакил Александр Хлопониница Зеленков каки ккезе бегьулин гьел харбал раккиялъе гIиллалъунин рикIкIунеб буго цо-цояз. Гьев какиялъе гIиллалъунги букIун буго ЕГЭ кьолаго рукIарал къануналде данде кколарел ишал.
Губернаторалгун Хлопонинил конфликтал гьечIин ва гьел толел рахъулев чиги гьев гурин президент вугин абун буго «Ведомостиялъе» Хлопонинил аппараталда.

Зеленковасул критиказ абуни рикIкIунеб буго гьесда бажаричIин жиндирго команда гIуцIизеги хаклъ жиндирго рахъалде гьетIизабизеги ва гьес нухмалъи гьабулебгIан мехалда регионалда этникиял конфликталги цIикIкIанин.
Гьединазул цояв вуго журналист ва политолог Антон Чаблин.

Антон Чаблин: «Регионалда кколеб бугелъе ва гьаниб бугеб тIалъиялъул хIаракаталъе аналитикияб къимат кьолеб хIалтIи гьабулеб гьечIо. КIудияб бакIал кколеб буго миллатазда гьоркьосеб проблемаялъ, гьебин абуни, къойидаса-къойиде кIодолъулеб буго. Губернаторлъун Черногоров вугеб мехалдаги букIана лъикIабги квешабги, амма гьесда бажарулаан жиндиего гьабулеб критикаялъухъ гIенеккизе. Жив какарал чагIиги гьес рикIкIад гьарулароан. Гьесдаса хадув вачIарав кIиго губернаторасин абуни, жал какарал чагIи «квер бачунезул» сияхIалдасацин нахъе хъвагIалел рукIана. Гьедин проблемабазул бицин чIезе тана ва миллатазда гьоркьоб букIараб бухьенги гьанже билана».

Жиндир заманаялда гIемерал информаталаз кIвар буссинабулеб букIана Краснодаралъул ракьалъул губернатор Александр Ткачевасда ва Валерий Зеленковасда гьоркьоб ккараб дагIбаялде. Ткачевас абулеб букIана жидеца нухмалъи гьабулеб регион бугин Кавказалда ва Россиялда гьоркьоб бугеб фильтрин ай цIалкIуйин. Гьесул рагIабазда тIад рекъон вукIинчIо Зеленков.

Антон Чаблин: «БитIараб бицани, Зеленковас Ткачевасда абуралда тIад рекъола дун. Ткачевас абуна нилъ ругин фильтрин ай цIалкIуйин. Зеленковас абуна цинги, кинаб букIаниги цIалкIу жал гурин ва кинаб букIаниги кумекалъулаб алатлъун жал щайин рихьизе кколелин. Кавказалдаги хутIараб Россиялдаги гьоркьоб цо кинабалиго техникияб суал тIад къарал чагIилъун щайин жал рихьизе кколелин.

Зеленков гьенив витIарав вукIана. Нилъ руго цо къануназда рекъон гIумру гьабулел гIадамал. Контроль тIад чIезабизе колареб жанисеб миграциялъул проблемабиги нижер гьечIо. Руго гьанир батIи-батIияб дин, культура ва миллат бугел гIадамал. Амма цоялдаса цогияб щиб букIаниги батIа гьабулеб регион гуро нижер регион. Гьаниб батIи-батIиял культурабазда гьоркьоб диалог букIинабизе нухмалъиялъулал механизмал чIезаризе ккола. Масала, Пятигоркалда ва Ставрополалда ругел этникиял Шураял хIалтIулел гьечIин абизе бегьула. Гьел руго гIицIго кагътида ругел тIадчагIазул идараби. ХIакъикъиял проблемабиги гьез цере лъоларо, гьезде кIварги гьез кьоларо. Гьеб кинабго хисизабизе ккани, тIалъиялъул халкъалъулгун ай гьелъул жигараб бутIаялъулгун гьоркьорлъаби хисизаризе ккола».

Гьанже регионалда ругел проблемаби Зеленков вачIаралдаса рижарал гурин, амма гьев вачIаралдаса гьел тIубанго кIвар кьечIого танин рикIкIунеб буго Чаблиница.

Антон Чаблин: «Регионалиб тIалъиялъул проблема буго гьез хIижаб гьукъизе хIукму батIи-батIиял пикруязухъги гIенеккичIого, дискуссияги гьаричIого къабул гьабун букIин. Кинабго бахIс къотIана информалатазул даражаялда. Исламалъ гьанже заманаялъул гIумруялда кколеб бакI бихьизабулеб, Ставрополалда гьелъ кколеб бакI бихьизабулеб, бусурбабазул уммаялъул гьаниб букIинисеб кинаб бугебин абурал суалал гьоркьр лъурал ва гьезие жаваб кьезе кIолел гIадамал ракIарараб кIалъай гьаниб букIинчIо. Гьел баяналги гьечIого, регионалда бусурбаби цIикIкIунел рукIин гIадахъги босичIого гьабураб хехаб хIукму буго гьеб. ТIалъиялда гьел проблемаби лъалел чагIи гьечIо, лъалезда гьез гьебги цIехечIо. Щибха ккараб? Информалатаз кьолел рукIана цоцаздаса тIубанго батIи-батIиял пикраби, баянал. Ахиралдаги иш гьале гьадин ккана».

Ставрополалъул Советский мухъалъул Отказное росулъ 20-ялдасаги цIикIкIун соналъ гIумру гьабулеб буго Дагъистаналдаса Юсупова ГIайшатил хъизамалъ. Гьеб росулъ гьел гурониги руго Дагъистаналдаса хъизамал, амма жидер росулъ этникияб конфликтни щиб гурин миллат цIехолев чицин вукIунарин бицана ГIайшатица.
Юсуповал Ставрополалде гочиналъе гIиллаги букIун буго гьениб гIумру гьабизе Советияб заманаялдаги бигьаяб букIин ва гьанжеги Дагъистаналдаса гьениб лъикI букIин.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:00:52 0:00
Загрузить файл


Амма федералияб ва бакIалъул прессаялда хъвалелъухъ балагьани, регионалда ахIвал-хIал ГIайшатица бицухъе гьечIо. Кавказалдаса рачIаал криминалиял элементаз гьенир кьалбал ричIчIалел ругин ва ахIвал-хIал контролалдаса борчIулеб бугин абулелцин руго пикраби.
Цоги баяназда рекъон, Ставрополалда ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабизе ккани, Кремлалъ рукьналъанго хисизабизе ккола Шималияб Кавказалда жиндирго политика.
XS
SM
MD
LG