Ссылки для упрощенного доступа

ГIурусазулищ Кавказ?


Шималияб Кавказ рихьдае гуреб хIакъикъаталдаги Москваялъе мукIур гьабизе жакъа буго кIиго къагIида: яги оккупационияб тIалъиялъул принципалда рекъон хIалтIи гIуцIизе ккола, яги гьеб регионалде долларазул миллиардал ритIизе ккола, гьебги бакIалъул элитабаз бикъизе букIине.

Гьедин хъван букIана Москваялъул Паччалихъияб Университеталъул телевидениеялъул тIадегIанаб школаялъул факультеталъул декан Виталий Третьяковас анцIго соналъ цебе «ГIурусазул Кавказ. КIудияб проблема рагIалде бахъинабизе бугеб кIудияб проект» абураб макъалаялда. Гьеб макъала жакъаги асар тIагIинчIеблъун бихьун, цIидасан кьун буго гьес интернеталда. БитIараб ва кавказалъулазул ракI тIад рекъолеб бугищха Третьяковас бицунеб?

«ГIурусазул Кавказ. КIудияб проблема рагIалде бахъинабизе бугеб кIудияб проект» абулеб макъалаялъул авторасда нижеца гьикъана оккупационияб тIалъиялъул принцип Шималияб Кавказалда хIалтIизабизе кколин абун гьеб макъалаялда хъвалеб мехалда щиб абизейин гьесие бокьун букIарабин? Жакъа Олимпиадаги дунялалъул батIи-батIиял чемпионаталдаги къабул гьарулеб ва гьаризе ругеб пачалихъалда кинин гьеб рагIи хIалтIизабизего бегьулебин миллатазда яги регионазда гьоркьоб политика гIуцIулеб мехалдайин?

Виталий Третьяков: «Кавказалда кидаго гьедин букIана-Советияб заманаялдаги паччаясул заманалдаги. Цо Кавказалда гуребги цоги регионаздаги. Россия аслияб куцалда моноэтникияб бугин абизе бегьула, амма гьединал рагIаллъабазда гуреб. Гьениб контроль чIезабизе ккани ялъуни бакIазул элитаби хъулухъал кьун, гIарац кьун ричун росизе ккола. БакIалъул гIадатал лъалел гьез централъе ритIухълъи цIунула, Москваялъеха, ва бакIазда низам цIунула. Ялъуни, элитабазул хьвада-чIвади гьединаб гьечIони, цоги бихха-хочиялъул заман гIадинал факторал гьоркьоре лъугьани иш батIайиса унаха. Дица бугелда бугеб абула. Абула Жанубияб Осетияги Абхазияги лъидаго рачIел пачалихъал ругин. Гьединаллъун гьел Россиялъги къабул гьаруна. Амма хIакъикъаталда гьел руго Россиялъул рагъулалгун экономикиял протекторатал. Бокьаниги бокьичIониги гьеб гьедин буго. Оккупационияб абураб рагIи гьеб гучаб рагIи буго, амма дица бицен гьабулеб букIана оккупациониял аскаралги рачIун гьез территория кверде босиялъул гуреб, федералияб къуват- рагъулаб, полициялъулаб ва цогидаб гьениб букIиналъул. Гьебги гьенир ругел элитабазул арбитр ва контролер хIисабалда».

Третьяковасул ракI чIун буго Шималияб Кавказалда тIад контроль Россиялъ тIад буссинабизе ккезе букIиналда. Гьелъие гьес бихьизабулеб буго анлъго мухъ бугеб жиндирго планги:

1.Шималияб Кавказалъул Центр гIуцIизе ккола цIияб, бакIазул бюрократиял, этникиял ва такъсириял къукъабазул асар гьечIеб бакIалда.

2.Территориалияб рахъалда гьеб букIинеги ккола Федерациялъул гIурусазул субъекталда-Краснодаралда яги Ставрополалда. (Щай гьел гIурусал ругелали авторас рехсолеб гьечIо. Ред).

3.Гьенир нухмалъулел киналго идараби мутIигIал рукIине ккола гIицIго Москваялъе.

4.Киналго нухмалъиялъул хъулухъазда рукIине ккола Москваялъ ритIарал гIадамал.

5.Централда хIинкъигьечIолъи ва низам чIезабулел къуватал кинго тезе бегьуларо бакIалъул тIалъиялъул нухмалъиялда.

6.Централда гIумру гьабунги букIине бегьуларо 400-500 чиясдаса цIикIкIун гIадамаз. Гьениве халтIизе вачIине бегьула 1-2 млн. чи. Щвезе вачIине бегьула 3-5 млн.чи.

Шималияб Кавказ цIидасан мутIигI гьабизе гьединаб проект анцIго соналъ цебе ургъарав Третьяковасда гьебго суал жакъаги бихьулеб буго актуалияблъун.
Кавказ цIидасан мутIигI гьабизе ккани гьеб Россиялъул контролалдаса борчIунищ бугеб? Дуца бицен гьабулеб анлъго мухъалъул ункъгояб (2-5) гьанжеялде хIалтIулеб бугин ва батIа гьабун гьединаб Центр гIуцIи гIумруялде бахъунареб утопиялъун бихьуларищ дудаян гьикъана нижеца Третьяковасда.

Виталий Третьяков: «2003 cоналда дица бицен гьабулеб букIараб гьеб схемаялъул бащдаялдаса цIикIкIун гьанже гIумруялде бахъун буго. Александр Хлопониница бетIерлъи гьабулеб Шималияб Кавказалъул федералияб икълим кигIан хIалтIун бажарулеб бугебали ва Шималияб Кавказалъул республикабазул бутIрул гьесие кигIан мутIигIал ругелали ва жиндирго галаби, масала, чачаназул нухмалъулев Рамзан Къадыровас Хлопонингун кин дандралелали цебе чIезабизе дида кIоларо. Дида ккола вугелъув гьевги тун Къадыровас жинцаго гьабизе бугеб улкаялъул президент Владимир Путингун дандбалин. Дун мекъса ватизеги рес буго, лъаларо. Гьеб схема тIубанго рагIалде бахъинабизе доб мехалда рес букIинчIо. Гьеб схемаялъул цо бутIа рагIалде бахъинабун буго Сочиялъул Олимпиадаялда базабун. Гьелъул центрги Пятигорскаялда гьечIо Сочиялда буго. Амма гIамм гьабун абуни, гьеб рагIалде бахъинабун бугеб куцалда дир ракI рекъоларо. Низам цIунулел идарабиги бакIалъул нухмалъулезул контролалда гъоркь гьечIониги, реццилел куцалда хIалтIулел ругин дица абиларо. Проблемаби гьенир гIемерал руго».

Бицен гьабулеб буго Третьяковас гьеб макъалаялда коррупциялъулги. ГIурусаз бикъулеб бугин къанун хвезабулеб букIинги бичIчIун намусго, амма кавказияз бикъулин пачалихъалъул буголъи бикъизе кколеб букIиналда ракIги чIун, киналгIаги моралиял гIурхъабиги цIуничIогойин хъвалеб буго гьес. Москвагун бикьулеб гьечIони кIвезе букIанищ кавказалъулазда гъурущги бикъизе? Россиялъул политикияб асаралдаса Кавказ бищунго рикIкIад букIарабин абизе бегьулеб, имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь Россиялде данде Шималияб Кавказ багъулеб мехалда биценго букIанищ гьениб коррупциялъул? Гьеб цо Кавказалъе хасиятаб гIамал бугин абизе кIолищ дуда?

Виталий Третьяков: «Коррупция Шималияб Кавказалда гуребги Москваялдаги буго. БичIчIулебги буго Москваялдаса гIарцул чваххи Кавказалде унеб мехалда гьелда кIал коррупциониял къукъабазги чIвалеб букIин ва гьезда гьоркьор гIурусалги рукIин.Гьениб цIияб жоги гьечIо. Киб лъица цIикIкIун бикъулебали дида лъаларо. БорцинчIо. Гьел схемабазул бицунел магIданал цIализе бегьула. Амма бюджеталде, пачалихъалъул гIарцуде ва къануназде бугеб бербалагьи Кавказалдаги Москваялдаги батIи-батIияб буго. Гьеб бихьулебги буго. Гьаниб гIадамаз бикъулеб буго къанун хвезабулеб букIинги лъан, хIинкъуца холаго ва жиндир напсалда тIасан гали лъолаго, Кавказалда абуни, бикъулеб буго гьедин букIине кколинги абун. Советияб заманаялдаги гьезул минталитет Европаялъул минталитеталдаса гIемерго рикIкIад букIанин абизе ккола. Гьез рикIкIунеб буго пачалихъ букIиналъулго магIна бугин гьелъул бугеб босизелъунин. Гьез бикъулеб буго нечечIого. Юридикияб рахъалъ хIинкъулел ратаниги, моралиял гIурхъаби гьезул гьечIо.
Гьелде тIадеги, гьенив хъулухъалде ворчIарав цо чияс жиндирго тIолабго гIагарлъи хъулухъаздалъун ва гIарцудалъун хьезабизе ккола. Гьес гьедин гьабулеб гьечIони, гьесухъ балагьула гIантав чиясухъ гIадин. Москваялда хъулухъ щварал чагIазги лъола жидерго гIагарал лъикIал-лъикIал бакIазда, амма тIубараб къинлъи-къоно гуребха».

Кавказалда нагагь рагъ багъарани, арменаз гIурусазде кьвагьизе гьечIин гьел Кавказалда гIурусазул бищунго божи бугел чагIи ругин. Гуржиял лъил рахъалде хьетIилелали лъаларин ва Азербажаналъул къо бахъанагIан цIийи Туркиялдехун цIикIкIунеб бугин бицана нахъеги Третьяковас. Гьеб мехалда бицен гьабизе бугин Россия Кавказалдаса рикIкIад гьабиялъул, гьединго Шималияб Кавказалдасаги. Гьеб киналъулго хIасилалда, гьениб Европаялъул Цолъиялъул бутIа гуребин баккизе бугеб, гьенир ракIкIизе ругин исламиял структураби-пачалихъал, халифатал. Гьеб кинабго абуни багъаризабизеги рес бугин исламиял гурел улкабаздаса гIадамазин абуна гьес.

Дуца макъалаялда бицен гьабулеб буго Кавказ Россиялдаса батIа тIеларедухъ гьаризе кколел ишазул. Дуда кколарищ Кавказ батIа тIезабиялде Россиялъул жамгIият хIадур гьабулеб бугин информалатаз кавказалъулазухъ ккарал гIалатIал кIодо гьарун къватIир чIвазариялдалъун ва гьезул лъикIал гIамалазул бицинего бицинчIого?-ян гьикъана нижеца Третьяковасда.

Виталий Третьяков: «Россиялъул прессаялъ бицунеб гьечIо бицине кколеб букIарабщинаб. Жакъа дир кодоб, редакторлъиялда гъоркь гьечIо кинаб букIанги газет-журнал ва дида кIоларо гьедин гурин гьадин букIине кколин абизе. Амма дица абулеб буго нилъер прессаялъ Кавказалъул бицунеб бугин. Дида бихьуларо нилъер прессаялда ургъунго цояб кинаб рахъалде букIаниги цIайи гьабулеб букIин. Россиялъул жамгIияталда гьоркьоб кьварун чIун буго миллияб проблема, гьебго проблема буго Берлиналда турказда ва немцазда гьоркьобги. Россиялъул прессаялъ гьелъул хъвалебги буго. Дида рихьулел гьечIо дуца рехсолел проблемаби».
Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул Пачалихъияб университеталъул телевидениялъул ТIадегIанаб школаялъул факультеталъул деканас Кавказалда тIад контроль гьабиялда сверун бицунеб жо гьадингосеб чIанда бугин абуна Дагъистаналдаса тарихчIужу ТахIанаева ПатIиматица.

Тахlнаева Патlимат, Махlачхъала, 20Июн2012
Тахlнаева Патlимат, Махlачхъала, 20Июн2012
ТахIнаева ПатIимат: «Кавказалъе контроль гьабиялда хурхун гьев чияс бицунебщинаб жо гьанже баккараб цIияб хабар гуро. ГьечIо гьелъулъ щибниги оригиналияб жоги. Гьеб буго ультра-националистияб, шовинистияб идеологиялъе хасиятаб калам. Гьелъул бицинегицин дие бокьунги гьечIо. Гьеб буго гIурус миллат цогияздаса тIадегIанаб бугин ва Кавказ жидер колония бугин кколел гIадамазул ургьиб бегараб пикру. Гьадингосеб чIанда буго гьеб».

ТахIнаевалъул пикруялда славяназул фашистаз бицунелде ирга щун гьечIо дагъистаниязул, гьезда цере руго гIемрго кIудиял ва кIвар цIикIкIарал суалал.

ТахIнаева ПатIимат: «Шималияб Кавказалъул бицани, гьел славяназул фашистазде ирга щун гьечIо нилъер. Нилъеда цебе чун буго нилъерго унти. Нилъеда цебе буго диниябищ динияб гуребищ пачалихъ нилъее гIуцIун лъикI абураб суал. Динияб гуреб батани-нилъ хутIизе руго Россиялъул гIурхъабалъ. Гьеб мехалда ургъила нухмалъи кин гIуцIилеб абураб суалалда тIад. Экстремистиял, диниялгун-экстремистиял, патриотикиял абулел киналго гьел багъа-башарияз жидерго хIаракатчилъи рекъезабула бусурманав чияс капурав чиясул нухмалъиялда гъоркь гIумру гьабизе кколарин абураб гIицIго цо доктринаялда. Гьелъул магIна бугоха Россиялъул пачалихъалда гъоркь гIумру гьабизе кколарин абураб».

Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъиялъул система коррупицялъулъ къан букIиналда бан пикру Третьяковгун гIахьал гьабулеб буго ТахIнаевалъ, амма гьелъие ругел гIиллаби гьес рехсолездаса гьелда тIубанго батIияллъун рихьулел руго гIалимчIужуялда. БакIалъул коррупционеразе бетIерлъиги кисан гьабуниги- букIа абе Москваялдасан, яги Ставрополалдасан, яги Грозныйгун МахIачхъалаялдасан-кинабгIаги батIалъи гьечIин, щайгурелъул жибго коррупциялъулъ къараб улкаялда нухмалъиялъул система цого букIунин гьеб кисан гьабулеб бугонигиян абуна ТахIнаевалъ.

ТахIнаева ПатIимат: «Дие бокьун буго абизе коррупционияб миллат букIунарин. Гьеб буго пачалихъалъул цогояб политикияб система-гьеб гIадахъ босизеги ккола. Амма Кавказ тIолабго коррупциялъулъ къараб бугин Россиялда рикIкIунеб букIиналъул пикру буго информалатаз бижизабураб ва щула гьабураб пикру. Жакъа жамгIияталъул пикру гIуцIула информалатаз.
Гьебго заманаялда, Москваялда гурищ ругел бищунго кIудиял рищватал? Москваялда гурищ бищунго коррупциониял хъулухъчагIи ругел? Гьеле гьелъул бицунеб гьечIо. Бицунеб буго Кавказалъул.
Щай бицунареб Кавказалде битIулебщинаб гIарцул бащдаб добаго хутIулин? Гьенир ругезул чвантинибе щвечIого цонгиги проекталъе бичIчIараб гIарац гьанибе щоларо. Гьеб буго киназдаго лъалеб жо. Гьелъул информалатазги бицунаро. Амма гIадамазда кинабго лъала».

Шималияб Кавказ Россиялдаса батIа тIезабиялъул суал регионалда рагьун борхулеб гьечIониги бусурбабазда гьоркьоб гьединаб пикру бугин рикIкIунеб буго гIалимчIужуялъ.

ТахIнаева ПатIимат: «Узухъда, динияб гуреб интеллигенциялъ гьеб пикруялъул рахъ киданиги кквезе гьечIо. Амма щибав бусурманчияс рикIкIуна ратIалъизе кколин. Гьелъие гIиллалъунги гьез рехсолеб буго бусурманчи капурасул нухмалъиялда гъоркь вукIине кколарин абураб. Нилъее бокьун гьечIо иш гьедин букIин бихьизеги, лъазеги, амма гьеб гьедин буго. Дида гьеб гьедин бихьула».

Кавказ Россиялдаса батIа тIуни букIине рес бугелъул бицунеб бугин Гъаниева Алисал «Праздничная гора» ай «Байрамалъул мегIер» абулеб тIехьалдайин абуна гIалимчIужуялъ. Гьенив Москваялдаса Дагъистаналде вачIарав аслияв герой Дагъистаналда дандчIвалев вуго батIи-батIиял гIадамалгун ва гьесда бихьаралдалъун бихьизабулеб буго республикаялда бугеб ахIвал-хIал.

ТахIнаева ПатIимат: «Политикиял дебатазде гьоркьоре лъугьинчIого цебе чIезабизе бегьула Дагъистан Россиялдаса батIа тIуни ва гьаниб шаригIат чIезабуни букIине рес бугеб пачалихъалъулаб модель Гъаниева Алисаца хъвараб "Байрамалъул мегIер" абураб тIехь цIалани. Гьелъ жиндирго асаралда кьун буго букIиниселъул гипотетикияб сипат. Гьеб мехалда цIидасан борхизе буго Центр киб букIине бугебин абураб суал- Истамбулалдайищ яги Москваялдайищ?»

Амма лъица щиб бицунеб бугониги Шималияб Кавказги, гьелдаго гьоркьоб Дагъистанги Россиялдаса кибениги ина яги инабулеб букIин бихьулеб гьечIо улкаялъул политикаялда кколел ругел процессазухъ балагьани. Гьелъие цоги нухалда нугIлъи гьабулеб букIана Дагъистаналда заманаялъ президентасул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазаница президент Владимир Путингун букIараб дандчIваялдаса хадуб кьураб пресс-конференциялда бицаралъги.
Москваялъ рахъ кколеб буго бакIалъул нухмалъиялъул ва гьениб бугеб ахIвал-хIал букIине кколеб контролалде гъоркье босизе хIаракат бахъулеб буго. Абизе ккола, гьеб жидее рекIее гIолеб гьечIин абулел дагъистаниязул яги цоги кавказиязул гьаракьги рагIулеб гьечIин.
XS
SM
MD
LG