Чачаназул яргъидгIуцIаразул лидер ГIумаров Докаца лъазабуна Россиялъул тIалъиялде данде операциял ва Сочиялда олимпиадаялъул объектазде гьужумал гьариялъе лъазабун букIараб мораторий нахъе бахъулеб бугин.
Экстремистазул сайтазул цоялда лъураб видеоялда ГIумаровас лъазабулеб буго, гьесул рагIабазда рекъон, «Россиялъ чIварал кавказалъулазул рукьбузда тIад Сочиялда» щиб гьабунги Олимпиадаялъул хIаял тIоритIизе тогейин.
Россиялъул бищунго парахалъи гьечIеб регион Шималияб Кавказалда аскIоб цун буго Сочи. Апрелалда Америкалъул Бостон шагьаралда марафон тIобитIулаго гьенир кьвагьиял гьариялда щаклъи бугел вацал Царнаевал этникиял чачанал ратиялъги дагьабги Сочиялда хIинкъигьечIолъиялъул тадбирал кьваризарун рукIана Россиялъ.
Амма ахирисеб кIиго соналъ Централияб Россиялда терактал гьечIолъи улкаялъул хасал хъулухъазул хIалтIул жигарищ яги ГIумаровасул мораториялъул хIасилищали лъалеб гьечIин рикIкIунеб буго «Новая газетаялъул» эксперт Андрей Солдатовас.
Андрей Солдатов: «Ахирисеб кIиго соналда жаниб нилъеда бичIчIулеб гьечIо Централияб Россиялъул территориялда терактал ГIумаровасул мораторий букIиналъищ гьарулел гьечIел яги улкаялъул хасал хъулухъазул жигараб хIалтIуцIайищ гьел гьаризе толел гьечIелали.
Гьанже ГIумаровас лъазабулеб буго мораторий нахъе бахъулеб бугин ва гьес ишан Олимпиадаялде босулеб бугин. Узухъда, гьеб лъазабиялъ хIинкъи цIикIкIинабулеб буго. Гьанже Росиялъул хасал хъулухъазул хIалтIи ва хIадурлъи кинаб бугебали бихьизабулеб хIужалъун хутIизе буго Олимпиадаялъул заманаялда гьез гьаризе ричIчIазе гьечIел терактал ва цIунизе бугеб хIинкъигьечIолъи. Амма гьел хъулухъазул цебе букIараб хIалбихьиялде балагьун абизе бегьула ГIумаровасул рахъ ккуразул ишал эффективиял рукIанин. Гьединлъидал дида ккола гьеб лъазабиялъул кIудияб хIинкъи бугин».
ЭР: ГIумаровас ракълилал объектазде гьужумал гьариялъе лъун букIараб мораторий нахъе бахъулеб букIиналъул лъазабидал гьелъул хIасилал гьанжего рихьизейищ рес бугеб яги Олимпиадаялде гIагарлъулеб заманалдайищ?
Андрей Солдатов: «ЗахIмат буго гьесул логикагун стратегия биччизе ва гьеб суалалъе жаваб кьезе. РакIалде кколеб буго гьезул гьужумазул мурад террористияб багъа-башариялъул мурадазде кIванагIан кIудияб кIвар буссинаби бугин. БичIчIулеб буго Олимпиадаялъул заманаялда жибго Россиялдеги гьениб кколеб бугелдеги дунялалъулго кIвар максималияб куцалда буссине букIин. Гьенир рукIине руго тIолабго дунялалдаса телеканалалги, журналисталги, камерабиги. БитIун бицани, ГIумаровасул къукъабазулги гьесие мукIурлъуларел къукъабазулги стратегия нилъеда лъаларо».
ЭР: Жакъа изну гьечIого яргъидгIуцIаразул дандечIей чучлъулеб бугин ва чачаназул рохьахъ "векерахъдулев щуго щайтIан" гурони гьечIин чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзаница чанго соналъ тIатIалаго абулебги бугеб мехалда кин бичIчIизе кколеб ГIумаровас тIолабго Россиялъе кьолеб хIинкъи? БукIине рес бугищ гьесул жиндирго рагIаби ритIухъ гьаризе гIураб къуват?
Андрей Солдатов: «ГIумаровас мораторий лъазабилалде цебе терактал гьарулел рукIана Москваялдаги. Гьеб заманаялда гьесул багъа-башариялда бажарулебги букIана гьединал гьужумал гьаризе. Домодедово аэропорталда букIараб теракталдаса хадуб гьел тIокIал гьаричIолъи россиялъул хасал хъулухъазул жигаралда гуреб ГIумаровасул мораториялда бараб бугин ккола дида.
Масала, Сочиялда теракт гьабизе ккани гьел Москваялде гIадин рикIкIаде ине кколаро. Гьеб буго регионалда хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул аслияб проблемалъун. Олимпиадаялъул объектазда гIагарлъухъ гьабураб бокьараб акциялъул магIнаги букIуна Олимпиадаялда гьабураб теракталъул гIадаб, хас гьабун Олимпиадаялда гьабичIониги бегьула гьеб гьединаб цIар щвезе ва кIвар буссинабизе ккани. Дида ккола Россиялъул хасал хъулухъазда цебе кутакалда захIматаб масъала бугин. Амма яргъидгIуцIараз гьединал жал гьаризе рукIин нилъеца цебего гIадахъ босизе кколеб букIана».
«Бусурбабазул ракьазда исламалъул къануналги гIадахъ росичIого» тIоритIизе ругел цоги «щайтIабазул кьурдаби» абун ракIалде щвезарулел рукIана ГIумаровас Казаналда тIобитIизе бугеб 27-билеб Универсиадаги.
Амма тIолабго Кавказалда ругел яргъидгIуцIаразде абун ГIумаровас хитIаб гьабиялъ бихьизабулеб бугин гьезул цоцалъ лъикIаб бухьен гьечIолъи ва Сочиялда хурхун стратегияб план гьечIолъи
ян рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллерица. Амма, гьелъулго пикруялда рекъон, цоги рахъалъан, гьединаб план хIакъикъаталдаги батаниги, гьеб гьечIеблъун бихьизабиялъул цIикIкIун пайда букIине бугин ГIумаровасе.
Андрей Солдатовасул пикруялда, кавказалъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул гьечIо регионалъул цо шагьаралда тIадцин контроль чIезабизе гIураб къуват.
Андрей Солдатов: «Миллияб антитеррористияб комитеталъ ахирисеб анцIго соналда жаниб абулеб буго яргъидгIуцIаразул къадар 500 гIагарун чи вугин ва гьезул баяназулъ гьеб тарих хисулеб гьечIин абизе бегьула. Гьебго заманаялда, кIудияб теракт гьабизе ккани, гIемерав чи гьечIониги бегьулелъул.
Гьединлъидал низам цIунулезул тарихал кинал ругониги гьез бихьизабуларо дандечIараб рахъалъул хIакъикъияб къуват кинаб бугебали, халкъалъул гьездехун бугеб бербалагьи ва жидер хIалтIи гIуцIизе гьезул бугеб бажари.
Гьеб тарихалъ бихьизабулеб буго цо жо- яргъидгIуцIаразда цониги регионалда яги цониги шагьаралда кверщел кодобе босизе кIолареблъи. Амма гьаб заманаялда гьеб кверщел кодобе боси гьезул мурадги гьечIо. Гьез гьелдаса инкар гьабун букIана 2005 соналда Гъалгъайлъиялде яги Нальчикалде гьарурал гьужумазул жо ккечIеб мехалдаго».
ГIумаровас жиндего тIаде босун букIана 2010 соналда Москваялъул метроялда гьарурал кьвагьиязул жавабчилъиги, гьенив хун вукIана 40-ялдаса цIикIкIун чи, «Домодедово» аэропорталда 2011 соналда гьабураб кьвагьиялъул жавабчилъиги. Гьенив хун вукIана 37 чи.
ГIумаров валагьулев вуго Россиялъги Америкаялъги. Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ гьев восун вуго халкъаздагьоркьосел террористазул сияхIалдеги.
Цо-цо баяназда рекъон, гьев вахчун вуго Кавказалъул мугIрузда. Россиялъул тIалъиялъ гьев чанго нухалда чIваравлъунги лъазавун вукIана.
Россиялъул бищунго парахалъи гьечIеб регион Шималияб Кавказалда аскIоб цун буго Сочи. Апрелалда Америкалъул Бостон шагьаралда марафон тIобитIулаго гьенир кьвагьиял гьариялда щаклъи бугел вацал Царнаевал этникиял чачанал ратиялъги дагьабги Сочиялда хIинкъигьечIолъиялъул тадбирал кьваризарун рукIана Россиялъ.
Амма ахирисеб кIиго соналъ Централияб Россиялда терактал гьечIолъи улкаялъул хасал хъулухъазул хIалтIул жигарищ яги ГIумаровасул мораториялъул хIасилищали лъалеб гьечIин рикIкIунеб буго «Новая газетаялъул» эксперт Андрей Солдатовас.
Андрей Солдатов: «Ахирисеб кIиго соналда жаниб нилъеда бичIчIулеб гьечIо Централияб Россиялъул территориялда терактал ГIумаровасул мораторий букIиналъищ гьарулел гьечIел яги улкаялъул хасал хъулухъазул жигараб хIалтIуцIайищ гьел гьаризе толел гьечIелали.
Гьанже ГIумаровас лъазабулеб буго мораторий нахъе бахъулеб бугин ва гьес ишан Олимпиадаялде босулеб бугин. Узухъда, гьеб лъазабиялъ хIинкъи цIикIкIинабулеб буго. Гьанже Росиялъул хасал хъулухъазул хIалтIи ва хIадурлъи кинаб бугебали бихьизабулеб хIужалъун хутIизе буго Олимпиадаялъул заманаялда гьез гьаризе ричIчIазе гьечIел терактал ва цIунизе бугеб хIинкъигьечIолъи. Амма гьел хъулухъазул цебе букIараб хIалбихьиялде балагьун абизе бегьула ГIумаровасул рахъ ккуразул ишал эффективиял рукIанин. Гьединлъидал дида ккола гьеб лъазабиялъул кIудияб хIинкъи бугин».
ЭР: ГIумаровас ракълилал объектазде гьужумал гьариялъе лъун букIараб мораторий нахъе бахъулеб букIиналъул лъазабидал гьелъул хIасилал гьанжего рихьизейищ рес бугеб яги Олимпиадаялде гIагарлъулеб заманалдайищ?
ЭР: Жакъа изну гьечIого яргъидгIуцIаразул дандечIей чучлъулеб бугин ва чачаназул рохьахъ "векерахъдулев щуго щайтIан" гурони гьечIин чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзаница чанго соналъ тIатIалаго абулебги бугеб мехалда кин бичIчIизе кколеб ГIумаровас тIолабго Россиялъе кьолеб хIинкъи? БукIине рес бугищ гьесул жиндирго рагIаби ритIухъ гьаризе гIураб къуват?
Андрей Солдатов: «ГIумаровас мораторий лъазабилалде цебе терактал гьарулел рукIана Москваялдаги. Гьеб заманаялда гьесул багъа-башариялда бажарулебги букIана гьединал гьужумал гьаризе. Домодедово аэропорталда букIараб теракталдаса хадуб гьел тIокIал гьаричIолъи россиялъул хасал хъулухъазул жигаралда гуреб ГIумаровасул мораториялда бараб бугин ккола дида.
Масала, Сочиялда теракт гьабизе ккани гьел Москваялде гIадин рикIкIаде ине кколаро. Гьеб буго регионалда хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул аслияб проблемалъун. Олимпиадаялъул объектазда гIагарлъухъ гьабураб бокьараб акциялъул магIнаги букIуна Олимпиадаялда гьабураб теракталъул гIадаб, хас гьабун Олимпиадаялда гьабичIониги бегьула гьеб гьединаб цIар щвезе ва кIвар буссинабизе ккани. Дида ккола Россиялъул хасал хъулухъазда цебе кутакалда захIматаб масъала бугин. Амма яргъидгIуцIараз гьединал жал гьаризе рукIин нилъеца цебего гIадахъ босизе кколеб букIана».
«Бусурбабазул ракьазда исламалъул къануналги гIадахъ росичIого» тIоритIизе ругел цоги «щайтIабазул кьурдаби» абун ракIалде щвезарулел рукIана ГIумаровас Казаналда тIобитIизе бугеб 27-билеб Универсиадаги.
ТIолабго Кавказалда ругел яргъидгIуцIаразде абун ГIумаровас хитIаб гьабиялъ бихьизабулеб буго гьезул цоцалъ лъикIаб бухьен ва Сочиялда хурхун стратегияб план гьечIолъи