Ссылки для упрощенного доступа

Блогеразул даптар 4-10 февраль


Дагъистаналъул блогосфераялда бищунго гIемер рехсолеб букIана гьаб анкьалъ республикаялъул цIияв нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул политикиял галаби ва хIукуматалда гьарулел кадровиял хиса-басиял.

ГIемерисез щаклъи загьир гьабулеб буго цIияб хIукуматалъ гIадамазул гIумруялъулъ киналгIаги хиса-басиял гьариялда. Амма руго заман щвелалдего критика гьабизе гIедегIугеян хъвалелги.

Политикаялъул ва экономикаялъул институталъул нухмалъулев Дибиров ГIабдул-Насирица хъвалеб буго, нухмалъулев цIияб хъулухъалда тIамун I00 къо ун хадуб гурони критика гьабуларин, гьединлъидал гIедегIугейин гIайибал чIвазе.

«Нилъеца киназго президентасул рахъ кквезе кколаро, Дагъистаналъул рахъ кквезе ккола»-абун хъвалеб буго гьес Facebook.com сайталда.

ХIамзат Ханишиев абураб блогерас хъвалеб буго, Р. ГIабдулатIиповас тIоцебе конкурсалда рекъон хIалтIуде росизе ругин гьабураб лъазабиялда рекъон гьабулеб гьечIин щибниги. «Цере рукIарал министрал хIалтIуда теялъ бихьизабулеб буго кинабгIаги конкурс гьечIолъи, хIалтIуде росулел руго республикаялъул президент жидеда божизаризе кIварал» - абун хъвалеб буго гьес.

Журналист Биякай МухIамадовас хъвалеб буго гъоркь вукIарав нухмалъулесул командаялдаса гIезегIан чагIи хъулухъалда цIунун ругин цIияс ва гьеб мекъаб кадровияб политика бугин. «Дида бичIчIуларо гьел теялъул магIна. Радикалиял хиса-басиял гьаризе ракIалда букIун батичIони, гъоркь вукIаравги нахъе витIун цIияв чи теялъул магIна щиб?»-абун хъвалеб буго гьес.

Блогеразда гьоркьор гIемерисез кIвар кьолеб буго кадровияб политикаялъул миллиял суалазде. Елена Лена абураб цIаралда гъоркь хъвадарулей блогералъ хъвалеб буго миллаталъул балагьичIого махщел-гьунаралъухъ гIадамал хIалтIуде росулеб даражаялде кида щвезе ругел нилъ абун.

«Россиялъул президентасул ботIронибецин бугIизабун буго гьеб ахIмакъаб пикру», - абун хъвалеб буго блогералъ. «ГIажаибаб, тIоцере гьарурал лъазабиязда тIубанго данде кколареб политика гьабулеб буго», - абун хъвалеб буго Zaira Mag абурай блогералъ.

«Щай гьедигIан гIемер министерлъаби къваригIун ругел, транспорталъул министргIаги щибизе, кинаб транспорт гьаниб бугеб?»- абун хъвалеб буго Abu Saidица.

Василав Василав абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас хъвалеб буго гIедегIугейин гIайибал чIвазе. «Нилъеда ракIчIун лъала цониги хъулухъ бичун босулеб гьечIолъи, ялъуни Рамазан ГIабдулатIиповас жиндирго гIагарлъиялъе хъулухъал кьолел гьечIолъи.

Гьединлъидал хIалтIи гьабун бажаричIони гьел чагIи хехго нахъе хъамизе бегьула. Гьеб гуребги, нилъеда лъала гьев цIогьор гуревлъи ва жиндие бетIербахъиялъе вачIарав гьечIолъи. 5-6 моцIалъ балагьун чIезе ккола щиб ккелебали, хадур кIалъазе бегьула»,-абун хъвалеб буго блогерас.

Цойги блогераз гьоркьоб лъураб тема ккана гьаб анкьалъ, рузман къоялъ МахIачхъалаялда тIобитIараб митинг. ГIуцIарухъабаз бицунеб буго митинг тIобитIиялъе гIиллалъун кканин гIадамал рикъиялде ва чIваялде, инсанасул ихтиярал хвезариялде Дагъистаналъул цIияв нухмалъулесул кIвар буссинаби.

Амма бицана гьединаб митинг тIобитIизе цебего ракIалде букIанин.

ГIуцIарухъабазул цояв Маматхан БайсултIановас Эркенлъи радиоялъе бицана митингалъул хIакъалъулъ.

Маматхан БайсултIанов: «Нижеца киназго митингалда рукIараз тIоцебе баркана цIияв президентасда хъулухъ ва абуна къаси-къад чIечIого хIалтIизе ругин гьесда цадахъ ритIихълъиялъе гIоло хIалтIизе гьесда ракIалда батани.

Жакъа рикъулел чIвалел гIолохъабиги, холел полициялъулалги, гьаб балагь гьоркьоб къотIизабизе кколин. Гьел кIиялго нилъер васал руго, гьел цIунизе ккола цоцаца чIваялдаса. Гьеб букIана аслияб тIалаб, тIокIал батIиял тIалабал гьечIо, къануналда рекъон киналго хIалтIизаре абураб тIалаб гурони».


Интернеталда харбал раккун рукIана митинг гIуцIулеб бугин цIияв республикаялъул нухмалъулесда данде цо-цо политикиял къуватаз. Амма гьеб ритIухъ гьабулел далилал жеги гьечIо, гIуцIарухъабазги гьеб пикру гьереси гьабулеб буго.

«Северияб Кавказалъул курортал» абураб идараялъул нухмалъулев, Дагъистаналдаса бизнемен АхIмад Билалов Россиялъул президент Владимир Путиница гьеб хъулухъалдаса нахъе витIиялъул хIакъалъулъ хъвалеб букIана Дагъистаналъул блогераз. Гьезул гIемерисезул пикруялда рекъон, АхIмад Билалов гIайиб гьечIого нахъе витIун вуго.

«Сочи шагьар Олимпиадаялде хIадурулеб комитеталъул вице-президентасул хъулухъалдасаги гьев витIиялъ бицунеб буго гIилла гьелъулъ гьечIилан»,-абун хъвалеб буго Алан абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас.

Давид Давидов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас рикIкIунеб буго АхIмад Билаловасда тIаде гIайиб тункун бугин, лъиде бугониги тункизе кколеб букIун. «ЦIодорав чи вуго Владимир Путин.

ГIайиб тункизе цIакъ санагIатав чиги ватун вуго гьесда. Кавказияв, дагъистанияв вукIун вуго квеша чи. ГIурусал рохун руго, Сочиялда гIарац нахъойги бикъулеб буго» - абун хъвалеб буго блогерас.
XS
SM
MD
LG