2014 соналъул хасалил Олимпиадаялъе Сочи шагьар тIаса бищун хадусала кватIичIого протесталъул акциял байбихьана тIолго дунялалда. Аслияб къагIидаялда гьелде данде чIун руго чергес миллаталъул гIадамал.
Россиялъул политиказ гьел протестал сан гьаричIого тун ругониги, Магърибалъул хIаракатчагIаз гьезие кIудияб кIвар кьола байбихьудасанго.
2010 соналда Эркенлъи радиоялъе интервью кьолаго Нидерландазул хъвадарухъан «The Sochi Project» абулеб тIехалъул автор Арнольд ван Брюххеница гьадинаб баян гьабуна:
Арнольд ван Брюххен: «Сочиялда Олимпиялъул хIаял тIоритIиялде данде чIола къватIисел улкабазда ругел кавказ диаспоразул вакилзаби. ТIоцебесеб иргаялда - чергесал. Гъозие бокьилаан кIвар буссинабизе ХIХ гIасруялда жидерго умумул гIагараб ракьалдаса хIалица гочинарун рукIиналъул тарихияб хIужжаялде. Ва гьезда ккола 150 сон ун хадуб гьагъабго ракьалда хIаял гIуцIи гьеб бугин хварал умумул хIакъир гьари гIадаб ищ.
Гьелда разиял гьечIел гIадамазул къадар дагьа-макъаб бугониги интернеталдасан гьез лъикIалан загьирабуна жидерго позиция. Заман арабгIан гьеб къукъаялъул жигарчилъи цIикIкIине буго».
ХIакъикъаталдаги гьеб жигарчилъи цIикIкIунеб буго моцIалдаса моцIалде. Рагьун буго хасаб сайт ва Сочиялда Олимпиада тIобитIиялде данде чIолезул гъулбасал тIолго дунялалдаса ракIкIарула гьелъул администратораз. ХIатта Лондоналда иргадулал Олимпиялъул хIаял байбихьараб къоялъцин чергесазул хIаракатчагIаз гьениб гIуцIун букIана протесталъул митинг, амма гьелъ кIудияб асар гьабичIо лъиениги.
Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго кIиабилеб августалда Лондоналда Россиялъул президент Владимир Путингун КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмеронил букIараб дандчIваялъ. Кэмероница мухбирзабазде гьадин лъазабуна.
Дэвид Кэмерон: «Нижеца дандбана гьал унел Олимпиялъул хIаязда цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул суалги 2014 соналда Сочиялда букIинесеб Олимпиадаялъул суалги. Хьул буго гьеб Сочиялъул Олимпиадаги икъбалгун тIобитIиялда».
Сочиялда хасалил Олимпиялъул хIаязе жеги кIудияб квал-квал гьабулеб буго Шималияб Кавказалъул яргъид гIуцIарал къукъабазул бутIруз кьолеб хIинкъиялъ. Россиялъул тIадтараз гьелъие цIикIкIараб кIвар кьолеб буго. Амма гьедин гьелъ гьабулеб буго хIинкъаби нахъ чIвай мурадалда гуреб – жидее пайдаяб багьанаги батун жидеде данде чIаразде цIиял гIайибал гIунтIизари мурадалда.
Гьале гьадинаб мисал. 2012 соналъул май моцIалда Террорралде данде чIараб Россиялъул Комитеталъ лъазабун букIана Россиялъулгун-Абхазиялъул цадахъаб рагъулаб яравуллъиялъул хIасилалда ЧIегIераб ралъдал рагIаллъиялда гIемераб къадаралда ярагъги кьвагьулел алаталги ратун ругин.
Пачалихъиял хъулухъчагIаз чIван къотIун лъазабуна гьеб бугин Сочиялда букIинесеб Олимпиадаялда хIалтIизабизе хIадурараб ярагъ-матахIилан. Ва тIадеги жубана гьеб ярагъ гьениб щвезабун бугин Гуржиялъул хасал хъулухъазулгун щулияб бухьен бугев Шималияб Кавказалъул яргъид гIуцIарал бусурбабазул бетIер ГIумаров Доккул буюриялдалъун.
Гьадинал хIинкъабаздаса чанги нухалъ цIикIкIараб хIинкъи кьола тIабигIаталъе гьабулеб заралалъ. Сочиялда ва сверухъ ругел бакIазда олимпиялъул объектал разе байбихьараб мехалда инсанасул ихтиярал цIунулезулги гIалимзабазулги рахIат хвезабун букIана гьел бакIал ралез экологиялъул ахIвал-хIал гIадахъ босунгутIиялъ. Гьелдалъун бачІунелъул балагьалдаса цІунизе захІмалъула, ян абулеб букIана хIаракатчагIаз.
Гьале НухIил тIупаналда релъараб чвахун бачIараб лъеца Крымск шагьар тIубанго гъанкъизбуна. Краснодар икълималъул хъулухъчагIаз гьелъие батIияб гIилла батун бугониги, цо-цо экспертаз абулеб буго спортивиял объектал раялда хурхарал чIахIиял проектаз цIияб тIабигIияб балагь багъаризабизе бегьулилан загIипаб экология бугеб регионалда.
«Яблоко» партиялъул бетIер Сергей Митрохиница тIадеги рехсолеб буго пачалихъиял хъулухъчагIазул тасамахIаб бербалагьи.
Сергей Митрохин : «Гьеб букIана хIинкъи гьечIолъиялъул шартIазул ва техникиял нормабазул нилъер къанунал кIалагъоркье руссинарураб глобалияб хиси-свериялъул хIасил. Техникиял системабазухъ хал-щал гьабизе тIамурал гIемерал хъулухъал къан ялъуни дагьлъизарун рукIанa. Гьелдалъун хIинкъи гьечIолъиялъул ахIвал-хIал бехе ккун бугоан. Гьале гьаб буго нилъер улкаялда ккарал щинал катастрофабазе гIаммаб глобалияб гIилла».
Гьалкъояз цIияб квал-квал баккана Сочиялда букIинесеб Олимпиада хIадурлъиялъе. Россиялъул ХIисаб гьабиялъул Палатаялъ хал гьабуна Сочиялда Централияб стадион баялъул ва тIатинабуна цебеккунго ургъун хIалтIи халат бахъинабиялъул хIужжа.
ГІедегІахъдизе гьечIони Олимпиада рагьиялъул ва къаялъул кIиябго рохалилаб тадбиралъул сценарий хисизе ккела. Ва гьеб букIинаан гIарцул зарал гуребги – Россиялъул къадру хвезабиги.
Гьадин абун буго Россиялъул ХIисаб гьабиялъул Палатаялъул аудитор Александр Пискуновас Россиялъул хIукуматалде гьабураб хасаб хитIабалда. Гьеб рехсараб хIужжаялъул мухIканаб цIех-рех гьабуна «Известия» газетаялъ.