Жиндирго иргадулаб баяналда «Блог Сочи» абулеб интернет даптаралъул редакциялъ гIисиназдаги чIахIияздаги цебеккунго лъазабулеб буго къватIабахъ цIодорго рукIаян абун. Гьенир Олимпиадаялъул объектал ралаго, гIадамазул расги тIалаб-агъаз гьабулеб гьечIин тIадтараз.
Киса-кирго рихьулел руго ганчIалги, гвендалги, риххарал нухалги, канализацияги. ГIемерал сураталги рахъун, авторас абулеб буго Сочи шагьаралъе щвараб къиматаб статусалде гьениб бугеб ахIвал-хIалал данде кколарин, ва бачунеб буго цо чанго мисал.
Олимпиадаялъул бищун къиматаб объектлуън ккола «Адлер – Красная Поляна» абулеб 48 километралъул халалъи бугеб нух. Гьеб нух балеб буго Россиялъул махул нухазул кампаниялъ.
2010 соналда гьеб нух базе ихтияр кьун букIана конкурс гьабичIого. Жакъайин абуни гьелъул багьа бахунеб буго 9,4 миллиард долларалде. Ай нухлул 1 километралъул багьа кколин 200 млн. доллар. Къойидаса къойиде коррупция цIикIкIунебулкаялда гьединал ишазе гIажаиблъизе бакI гьечIин абулеб буго блог бачунез.
Жиндир заманалда россиялъул политик ва оппозициялъул цевехъан Борис Немцовас гьабураб докладги загьирабун букIана гьебго рехсараб блогалда. Немцовас бицунеб букIана Сочиялда Олимпиада ахиралде щун хадусала гьенир рарал объектазул къисматалъул хIакъалъулъ.
ТIадтаразе бокьун гьечIин гьелъул бицен гьабизе. Сочиялда гIумру гьабулел гIадамаз спорталъул хасалил тайпаби рилълъанхъизаричIо киданиги ва гьаризеги гьечIин, Немцовасул рагIабазда рекъон.
Гьеб цо, кIиабизеги, олимпиялъул стадионазда гIаммаб къадаралда 200 000 бакI буго къецазухъ ралагьизе рачIунел гIадамазе. Амма Олимпиадаялдаса нахъе гьел киналго бакIал чIорого хутIизе ругин абураб пикруялда шакдаризе ккеларо.
Масала Сочиялда анцIазарго бакI бугеб цохIого цо футболалъул стадион кидаго чIобогояблъун букIун буго. Гьелдалъун абизе ккола гьел цIиралел объектазул гьадинабго къисмат букIине бугин.
Хасаб суал хIисабалда рехсолеб буго электроэнергиялъул суал. ГIемерал соназда жаниб электроэнергиялъул дефицит хIехолеб букIана Сочи шагьар. Гьанже Олимпиадаялъе хIажатаб электроэнергиялъул чанги нухалъ цIикIкIараб къадар кисан босилеб, Сочиялда кIиго электростанция гурони тIокIал гьечIеб мехалъ.
РакIалда букIана Кудепстинская ва Джубгинская абулел хинлъи кьолел электростанциял разе ва Туапсинская абулеб станциялъул модернизация гьабизе.
Аммаила, абулеб буго Немцовас, Кудепстинская абулеб электростанция базе гьечIин. ГIилла – экологаз бахъараб ахIи-хIур. Гьеб электростанция баялъ цIар араб курорталъе кIудияб зарал гьабизе бегьулин. Гьединлъидал, Олимпиадаялъе гIураб къадаралда электроэнергия швеялъул суал рагьараблъун хутIулеб бугин.
Экологаз абулеб буго гъваридаб экспертиза гьабичIого объектал раялъ 9 балалъул гуч бугеб ракь багъаризабиялъул хIинкъх кьолеб бугин хасго Имерети абулеб гIодоблъиялда. Амма гьеб кинабго хIисабалде босулеб гьечIин тIалъиялъ, ян абулеб буго Борис Немцовас. Ва гьабулеб буго гьадинаб хIасил.
Борис Немцов: «Сочиялда букIинесеб хасалил Олимпиадаялъе хвезабураб гIарцул къадар тарихалда жанир рукIарал шинал хасалил олимпиялъул хIаязе хвезабураб гIарцул къадаралдаса чанги нухалъ цIикIкIараблъун хутIана».