Дагъистаналъул муфтияталъе рекIее гIечIо журналистасул рагIаби

Your browser doesn’t support HTML5

Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул рахъкколел цо-цо дагъистанияз гъегъ балеб ва республикаялдаса нахъе аян ахIи балеб буго Дагъистаналъул телевидениялда хIалтIулев Москваялдаса журналист Алексей Казакиде. Гьелъие гIиллалъун ккана жамгIияталъ садакъадуй бачIараб гIарац гIемер батилин бусурбабазул идараялъухъ, гьединлъидал гьеб гIарац Дагъистаналда школалги азарханабиги разе биччаян журналистас муфтияталде гьабураб хитIаб.

Дагъистаналда мажгитал гали бахъа-бахъаралъур ралел ругин, гьединанго школалги азарханабиги щайин Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъ раларелин абураб суалалдаса баккана бицен гьабулеб ахIи-хIур. Гьеб букIана гьал къоязда РГВК-телеканалалдасан Москваялдаса журналист Алексей Казакица ахIун батIи-батIиял эксперталгун гьабулеб букIараб передача. Гьенир рукIана сахлъи цIуниялъул министр хисулевги, жамгIиял хIаракатчагIиги, журналисталги. Динияб идараялдаса чи гьенив вукIинчIо.

Гьадин абуна журналист Алексей Казакица Дагъистаналъул муфтияталдехун вуссун.

Алексей Казак: «Нилъер диниял вакилзабазул, жамгIияталъул батила гIезегIан лъикIаб бюджет. ГIадатиял гIадамазги садакъа гьабулеб яги васият хъвалеб батила жидер гIарац мажгиталде кьеян. Гьединлъидал дие бокьилаан гьабсагIаталда Дагъистаналъул муфтиялдехун вуссун хитIаб гьабизе – гьеб садакъадуй кьолеб гIарцул цо бутIа гIадатиял гIадамазул хIажалъаби тIураялъе биччай. Щиб лъалеб, кIвезеги бегьулелъул гьедин гьабизе?

Школлъималгун дандчIван тIоритIулел данделъаби лъикIал жал руго. Амма гьезие школалги ралелани нужеца, тIубанго лъикIаб букIинаан. Гьединго руго гурищ бищун гIадатиябгицин азархана гьечIел бакIалги. Гьел разе хIажатаб гIарац нужехъ букIин дида ракIчIун лъала. Бегьулеб батани, кье гьеб гьелъие. Кумек гьабе гьеб хIажаталъе».

Гьедин передача бихьизабун нахъисеб къоялъ разилъи гьечIолъи бахъана интернеталдасан хъвадарулел дагъистаниязда гьоркьоб. Масала, гIолилазул министерлъиялдаса вакил МикагIил МикагIиловас хъвана Алексей Казакиде дуе некIого заман щванин Дагъистаналдаса нахъе ине, гьаниб дур «визаялъул» болжал ахиралде щванин. Мунго гIадин динияб рокьукълъи бижизабизе хIалбихьарал чагIи гIезегIан рихьанин дагъистаниязда.

Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул вакил ва www.islamdag.ru сайталъул нухмалъулев ГIабдулхIамид ХIажиевас ЭР-ялъе бицана гьобол хIисабалда Дагъистаналда вугев журналист Казакида гьаниса нух босеян абураб позиция гьечIин жидер идараялъул, амма гьев гьоболасдаги лъазе ккелинха жиндирго рукIел.

ГIабдулхIамид ХIажиев: «Живго гьоболасдаги лъазе ккола вукIине кколеб гIорхъи-рахъ, вукIине кколеб къагIида. Гьев гьаниве ахIарал чагIазги малъизе ккола гьесда гьеб кинабго. Гьесул, Казакил, жиндирго пикру гурелъулха гьеб, лъица бугониги гьесул кIалдиб лъураб пикру буго гьеб. Кавказалда (гьединго Дагъистаналдаги) адаб тун кIалъай данде кколеб жо гуро. Нужеда бихьун батила гъос гъоб пикру щиб сарказмгун, гIад-хочIигун абурабали. Берцинго абун букIарабаниха. Унголъунги бегьулеб жо буго гьес абулебги.

Масала, бусурбабазул идараялъ абулеб буго хIукуматалад республикаялда бугеб Херазул кIиябго рукъ жидер къайимлъиялде кьейилан. Амма хIукумат разилъулеб гьечIо. Нижехъа гьеб иш бажарани, гIадамазда бихьилин, цинги жидедего гIайиб щвелин абураб хIинкъи батилаха гьезул. Гьел херазе киналго шартIал чIезризе тIаде босулеб букIана бусурбабазул идараялъ. Гьединго бесдал лъималазул рукъ кьеянги абулеб букIана. КьечIо.

ГьабсагIатги бокьараб школа, ясли-ах базе хIадур руго ниж. Амма абулеб, гьарулеб къагIида букIине кколаха гIадамазда релълъараб. Нужер кигIан бокьаниги гIарацги бугин гьелъиеян жал рицине, гьев чи щив гьев? Фейсбукалда гьаб ахIи-хIур бахъун хадуб, кIиго-лъабго нухалъ пикру хисана Казакил. ХIакимзабазда ццим бахъун, бусурбабазул идараялда гьарулеб букIараб жо кколила жиндир гъоб. Гьелде вачIана гьев ахиралда».

Гьеб хIужаялда бан республикаялда чIванкъотIараб кIиго пикру бугин абизе бегьула. Цоял Казакида тIадрекъолел руго, щайин абуни школалгун азарханаби райги, мажгитал ррайго гIадин Аллагь разияб жо кколелъулилан.

Цогидаз рикIкIунеб буго гьел объектал разе федералияб централдаса биччараб гIарац гъанкъулел хIакимзабиги тун, бусурбабазул идараялъ щайила гьеб хIалтIи тIаде босизе кколеб?

Гьеб темаялдаса тIасан блогалда цIале гьаниб: http://www.radioerkenli.com/content/dagestan-bisavaliev-magomed-blog/27556033.html