Ссылки для упрощенного доступа

МВДялъул цинтIаго интерес баккана РГВК "Дагъистан" телекомпаниялде... Щай?


Алексей Казак, РГВК "Дагъистан" телекомпаниялъул журналист
Алексей Казак, РГВК "Дагъистан" телекомпаниялъул журналист

Гьал къоязда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ РГВК каналалда халгьаби байбихьун буго. Гьез лъазабулеб буго жидехъе баянал щун ругила каналалъул нухмалъиялъ къанун хвезабулеб бугин абун, гьеб бугила цIех-рех гьабиялъе гIиллайилан. Амма РГВКялъул хIалтIухъабазу л пикруялда рекъон низам цIунулезул ццин бахъун буго полициялъулаз къанун хвезабиялъул, гIадамазе гIакъуба кьеялъул хIакъалъулъ бицараб передача жидеца бихьизабиялъ, гьелдаса хадуб байбихьанила халгьабиялилан абулеб буго гьез.

Дагъистаналъул РГВК каналалъул нухмалъиялъ ришват кьеялда, гьеб босиялда ва гIарцуда хурхун цойги хIилла-рекIкI гьабиялда щаклъи буго республикялъул жанисел ишазул министерлъиялъул. Гьелда бан гьал къояз каналалда унеб буго гьеб министерлъиялъул халгьаби. Живго Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас гъоркь гъулбасун буго гьеб халгьаби байбихьейилан. къотIараб хIукмуялда. Гьеб хIукмуялъ каналаллъул бокьараб бакIалда цохIо хал-шал гьабун течIого, чIухь базеги, лъикIилан ккарабщинаб жо гьениса цIех-рех гьабизе нахъе босизеги рес кьола низам цIунулезе. Жидер министерлъиялъул коррупциялде ва экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб бутIаялде гьеб каналалъул нухмалъиялъ къанун хвезабулеб бугин абун баянал рачIанин хъвалеб буго гьеб хIукмуялда.

Амма щиб гьел баяназда хъвалеб бугеб, кида ва кинаб такъсир гьабиялда щаклъи бугебали къватIибе кьолеб гьечIо гьез. Каналалъул нухмалъиялъги гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Дагъистаналъул печаталъул ва информациялъул министерлъиялъги лъазабулеб буго гьеб халгьабиялда гьоркьор жидер чагIи гьечIилан ва жидеда гьелъул щибго жо лъаларилан. Амма РГВКялъул хIалтIухъабаз абулеб буго къуваталъул идарабаз каналалде кIвар буссинабиялъе гIиллалъун кканила пачалихъияб Думаялъул миллиял суалазул комитеталъул эксперт Алексей Казакица бачунеб «Главная тема» абулеб ток-шоу. РГВКялда моцIица цебе хIалтIизе биччараб цIияб проект ккола гьеб. КIиго передача гурони гьелъул жеги къватIибеги ун букIинчIо.

«Эркенлъи» радиоялъе Алексей Казакица бицухъе анкьица цебе букIараб ахирисеб передачаялда бицунеб букIун буго Дагъистаналъул жанисел ишазул система вахIшиго, къанунги, инсанасул ихтияралги хвезарун хIалтIулеб букIиналъул. Щибго гIайиб гьечIого цохIо тIадчагIазе данде ккечIого хIалтIудаса реххарал, низам цIунулезда гьоркьоб тIибитIараб коррупциялъул бицунел, къуваталъул идарабаз гIазаб кьуразул гIагарлъи гIахьаллъулеб букIун буго гьеб токшоуялда. Пачалихъияб каналалдасан жидеего критика гьаби хIехьезе кIвечIого, гьеб проект къазе ресал ратизе, каналалъул нухмалъиялде тIадецуй гьабизе багьана щвезелъун гьарулел ругила гьел хасал тадбиралилан абуна Казакица. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб передачаялда бицаралда хурхун, гьесда жиндаго щибго жо жеги абун гьечIо низам цIунулез.

Алексей Казак: «Дун гьанив жеги цIияв чи вугелъул, дидехун дагIба базе жо гьезие жеги щун батиларо, гьаниб журналистазде гIадатлъун билълъахъе тIадецуй гьабулел къагIидабиги дидехун жеги хIалтIизаричIо. Гьедилъидал кьаби дида цадахъ хIалтIулезде щвезабулеб буго низам цIунулез. Гьезие къваригIун буго каналалъул нухмалъиялде тIадецуйги гьабун, гьеб дир передача къазе кколин, гьелъ гIемерал проблемаби рижизарулел ругин абураб пикру гьезул ботIролъ бижизабизе.

ТIоцебесеб перадачаялдаги гIезегIаз гIадамазе кIвар бугел суалал рорхун рукIана, хас гьабун коррупциялде кIварги кьун букIана. Гьелдаса хадубги разигьечIел гIемер ругин абун ругьалаби щун рукIан дихъе. Амма кIиабилеб программа гьелдасаги дагьабги кьварараб лъугьана, щай гурелъун гьениб цохIо проблемаялъул бицун хутIичIо. Гьениб халкъалда рагIизабун цIар-цIарккун рицана къанунги инсанасул ихтияралги хвезарулел къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги, бицана гьез жанир тIамурал гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьолеб куцалъулги. Гьедин жидеда хурхара баянал телевидениялдасан къватIире чIвазари гьез гIинтIамичIого телищха, гьелъие гьабулеб жаваблъун буго гьеб халгьабиги».

Гьединго Казакица рикIкIунеб буго Дагъистаналда ругел захIмалъабазде тIалъиялъги пачалихъиял идарабазги букIине кколеб кIвар кьунгутIиялъ ва пачалихъиял информаталаз гьезул бицунгутIиялъ республикаялда ахIвал-хIал дагьабги цIакъ хIалуцунеб бугилан. ГIадамазе жидерго ругел проблемабазул бицине республикаялда рес гьечIолъиялъ, гьединаб рес кьолеб жиндир передача хIалтIизе биччан бахъиналдего гьелъул цIакъ цIикIкIараб рейтинг бугилан бицана гьес.

Алексей Казак: «Цебе жидеего бокьараб жо абизеги, бугеб проблема загьир гьабизеги рес букIинчIеб батани, гьанже гьеб рес щвана Дагъистаниязе. Гьединлъидал рикIкIа-рикIкIадаса бахъарал гIадамал рачIун рукIана гьенире. Масала, магIарухъа кIиго гIанситIа хIалицаго вилълъун вачIарав херав чиясул проблемаялъул, гьесие щолеб гьечIеб кумекалъулги дица кин бицинчIого телеб. Яги туснахъалда полициялъулаз гIазабкьун хвезавурав васасул эбелалъе кин рагIи кьечIого телеб. Дун цIакъав вукIун гуро гьел чагIи дир передачаялде рачIарал. Гьел руго рес къотIиялъ къватIире рахъарал чагIи. Цойгидаб бакIалда гьезухъ гIинтIамун букIарабани гьел дир передачаялде рачIине кколароан.

5 моцI гурони Дагъистаналда бачIев дида лъалеб гьезул проблемаби гIумруялъ гьанир ругел цойгидазда щай лъалареб? БицинчIого тунин, бахчизе лъугьунин абун проблема тIагIунаро. Гьелъул бицинеги ккола, гьелъие гIайибиясе гIадлуги гьабизе ккола. Гьедин бугелда бугеб абун дица критика гьабураб мехалдаго дида абун букIана кватичIого дур хIакъалъулъ цо хасал сайтазда чорокал макъалаби рачIине ругилан. РачIана, гьениб хъвачIеб хъублъиги хутIун гьечIо, киназдаго лъала гьел сайтазда тIалъиялъеги къуваталъул идарабазеги данде кколарелщинал чагIи какарал гурел батIиял баянал кьолареллъи. Дида абула мун бигьаго ворчIулев вугила, дун кIудияб талихI бугила мун гьаниса гурев, тIаде вачIарав чи вукIин».

Жинде тIадецуй гьабулеб бугониги, хIалтIизе квалквалал гьарулел ругониги жив Дагъистаналдаса нахъе ине гьечIин абуна Алексей Казакица. Къуваталъул идарабазул хIаракаталдалъун гьеб передача къаниги жинцаго байбихьараб иш халат бахъинабизе ресал ралагьизе ругин лъазабуна гьес.

XS
SM
MD
LG