Ток-шоуялъул экспертал хIисабалда ахIун ругоан ниж доре – газетазул редакторал, печаталъул министерство, жамгIияталъул вакилзаби ва зал цIурал Дагъистаналъул батIи-батIиял ВУЗазаул студентал. Передачаялъул аслияб суал букIана «Гражданазулаб жамгIият гIуцIиялъулъ информациялъул алатазул бугеб кIвар» абураб. Нижеца телеведущияс лъурал батIи-батIиял суалазе жаваб кьун бахъарабго залалда ругел студентазда гьоркьоб лъолеб букIана гьебго суал, экспертаз загьир гьабураб пикруялъул рахъ кколищ, колирищ абураб.
ГIемерисел суалазулъ студентал нижеда тIад рекъолел рукIана, рукIана рекъоларел бакIалги, данде кколарел суалазулъ ведущияс рес кьолеб букIана гьезие пикру загьир гьабизеги. Амма кIиго сагIаталъ халат бахъарал бахIсазулъ дица кIвар буссинабуна кIиго рахъалде. ТIоцебесеб – жакъа Дагъистаналъул ВУЗазда цIалулел студентазул I проценталъ газетал ва журналал цIалулел гьечIолъи, гьел виртуалияб дунялалъулги, интернет-ресурзазулги рищни-къулалда жанир рукIин ва гьезда гьениса сахаб информация батIа гьабизе кIолеб гьечIолъи.
КIиабилеб – цIияб заманалъгун цере тIурал технологияз тIубанго хIакъикъияб рагIул къимат хвезабун букIин. Лъил гIакълуялде ва нухмалъиялде ккезе рес бугеб Дагъистан абураб жо цебе тIамизе хIинкъараб хIал буго. Хъвараб жоялда, хIатта регистрацияги бугел, рагIул жавабчилъиги лъалел официалиял информациялъул алатаз кьолеб информациялдацин жакъасел гIолилал божулел гьечIеллъи. Иргадулаб голосованиялдаса хадуб ведущияс «щай нуж божуларел газетаз ва журналаз хъвараб жоялда?» абураб суалалъе батIи-батIиял рачIана жавабал залалдаса.
Цо студентас кьуна гIажаибаб жаваб «щай божуларел?» абураб суалалъе. «Щай гурелъул хIукуматалъул гурел СМИяз жидее власталъ гIарац кьечIеб мехалда байбихьула гьезул гIунгутIаби ралагьизе»- ян. Ведущиясда лъачIо студентасда «гьел гIунгутIаби ралагьи» лъикIищ, квешищали абун суал кьезе. Кьураб жавабалде балагьун студентас абилаан «квеш бугин», амма хIисаб гьабурабго журналистаз власталъул гIунгутIаби ралагьун гурони кинха жавабияб властги, гражданазул жамгIиятги, ихтиярал цIунулеб пачалихъги букIинеб?
Студентас мекъса ккун кьураб жавабалъ гIемераб жо рагьана гьениб пикру гьабулел чагIазе. Щаялиго лъицаниги, я экспертаз, я ведущияс, я залалда ругез гьеб жавабалде кIвар кьечIо. Гьеб мурадалъ данделъи гьабизе ахIун ругониги. Информациялъул алатазда цебе букIине ккола аслияб масъалалъун власталъул гIунгутIаби рихьизари ва тIад ругездагун халкъалда гьоркьоб бухьен гьаби. БатIияб масъала цебе бугебгIан мехалъ пачалихъги букIине буго батIияб, хутIараб дунялалдаса нахъе ккараб, унеб нух лъалареб ва щолеб бакI бихьулареб. Киналго рекъон, кантIун, бичIчIун, нахъа таралъул хIасилги, цебе бугелъул хIисабги гьабун гIуцIун руго цере тIурал пачалихъал. БатIияб цойги нух гьезего гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.
-----------------------------------------------------------------------------------
Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.