Дагъистаналъул пачалихъиял гурел цо-цо газетазда хурхун букIана чанго инцидент. Гьезул цо-цоял руссана диваналъул ишазде. Мисалалъе, «Черновик» газетаялда хурхун букIана чанго диваналъул процесс. Амма пачалияхъиб телевидениялда сверун гьединаб ахIи-хIур бахъинин лъиданиги ккун букIинчIин, абун тамашалъулел руго блогеразул цоял.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул системаялъул идарабазул хIалтIухъабаз туснахъазда ва ккуразда хурхун билъанхъизабулеб вахIшияб хьвада-чIвадиялъул бицунеб «Аслияб тема» абураб Алексей Казакил иргадулаб программа бихьизабун хадусеб къоялда, Жанисел ишазул министерлъиялъ РГВК «Дагъистаналда» байбихьана хал гьабизе.
ЭР. - Дида бичIчIухъе, контролалъул процедура гьанжеги халат бахъунеб буго. Лъалищ дуда ва дур тIадтаразда, щиб гьез гьениб балагьулеб бугебали?
Алексей Казак: «У халат бахъунеб буго гьеб хал-шал. Гьенжеги гьезие щибниги гьениб батичIо къануназул гIорхъолъан борчIараб. Программаялъул файл тIалаб гьабулеб мехалда, Жанисел ишазул министерлъиялъул вакильзабаз лъазабун букIана, жидехъ нужер каналалда къанунал хвезарулел рукIиналъул хIужжабазул хIакъалъулъ информация бугин. Амма кинал хIужжабазул бицен гьабулеб бугебали гьанжеги нижеда лъазабулебцин гьечIо гьез».
Казакил рагIабазда, низам цIунулел идарабазул риторика тамахлъана. РагIалде бахъун гьечIониги, инцидент буссана рахъазул диалогалде.
Алексей Казак: «Ахир къадги гьеб буссана Дагъистаналъул жанисел ишазул министргун ниж данделъиялде. СагIаталдаса цIикIкIун халат бахъана нижер гара-чIвари. Нижеца гьоркьор лъуна нижер программаялъул гIахьалчагIаз загьир гьарун рукIарал гIарзал, гьениб бицен гьабулеб букIана гьединго низам цIунулезул квешаб хьвада-чIвадиялъул, ккуразе гьез гIазаб кьеялъул, гьез жидецаго къанунал хвезарулел рукIиналъул ва цогидалъул. Нижеда гIаммаб мацI гьениб батанин абизе бегьула. Живго министрасцин рагIи кьуна, нижер хадусеб программаялда гIахьаллъун, рорхизарурал суалазе жавабал кьезецин».
Журналистас хасаб кIвар буссинабуна, инциденталда хурхун гIадамаз жиндирго рахъ кквей загьир гьабиялъул хIужаялде.
Алексей Казак: «Гьеб хал-шал байбихьарабго, Дагъистаналъул халкъалъ телеканалъул, нижер программаялъул рахъ ккунин абизе бегьула. ГIадамаз бихьизабуна нижее квербакъи гьабизе жал хIадурал рукIин. Гьез абулеб букIана, жал хIадурал ругин нужер рахъ ккун, ниж цIунун акцияби тIоритIизе, тIалъиялде хитIабал гьаризе. Гьединаб хIаракатчилъиялъул даража гIуралъ кIудияб букIана. Дидани кколеб буго, гьеб квербакъи бихьун, нижее квешлъи гьабизе бокьараз жидерго стратегиялдаса инкар гьабун батилин. Каналалде гьабулеб гьужум талхунеб буго гьанже».
Бицен гьабулеб хIужа, щиб гьеб кколеб? Жидее ракIалъе гIолареб информация къватIибе кьолезда бецIизабийищ гьеб бугеб яги балъгояб цензурайищ? Кинаб къимат кьолеб бугеб гьелъие экспертаз?
«Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор БисавгIалиев МахIамадида гьеб бихьулеб буго жакъасеб Россиялъул хIакъикъаталде данде кколеб хIужжа хIисабалда, гьелда нахъ букIине бегьулин батIи-батIиял мурадалин, рикIкIунеб буго журналистас.
Москваялдаса тохтур ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас абулеб буго, ракI бакъвазабулеб низам цIунулезул хьвада-чIвадиялъул гIемер бицунел цогидал информалатазул фоналда РГВК «Дагъистан» телекомпаниялъул лъугьа-бахъиналъ жиндилъ бижинабулеб бугин дагьалъ щаклъи бугеб пикруян.
ЭР. - Гьадав бащдаб соналъ цеве Дагъистаналде вачIарав Алексей Казак. Гьай-гьай, батIи-батIияб бербалагьиял загьир гьарулел руго интернеталда гьесда бан. Цояз, мисалалъе, гьесда хурхун хIалтIизарулел руго «засланный казачок» абурал рагIаби. РикIкIунеб буго, гьев пуланаб къокъаялъул мурадал тIуразаризе хас гьабун гьенив лъурав чи вугин. МахIамад, вихьулищ дуда гьев гьединав чилъун? Яги дуца гьев хIинкъи лъаларев, жиндирго пикраби, жиндирго бербалагьи лъугьа-бахъунелда хурхун лъидасаниги хIинкъичIого загьир гьабулев журналист хIисабалдайищ вихьулев?
ЭР. - Алексей, щиб дуца абизе букIараб битIахъего дудего, мун «засланный казачок» вугин, Дагъистаналде мун пуланаб къокъаялъул мурадал тIуразаризе витIарав чи вугин ва низам цIунулел идараби какулел программаби хIадур гьаризе мун хIинкъулев гьечIин, дуда нахъ асар кIудиял гIадамал, хъулухъчагIи рукIиналъин абулел гIадамазде?
Алексей Казак: «Гьезде дица абилаан рагьараб ва битIараб къагIидаялда. Узухъда, дир руго рахъ кколел чагIи, дие кумек гьабулел чагIи. Дун чIухIаравги вуго, гьединал гьамагъзаби дир рукIиналдаса.
Гьаб дунялалда лъиданиги, сунданиги рачIел гIадамал ругин, абураб жо унго-унгояб гьереси ккола, дир пикруялда. Жал сундасаниги хIинкъуларин абулел чагIиги гьерсал рицунел чагIи ккола, дир пикруялда. Нилъ киналго хIинкъула сундасаниги. Нилъ, гьай гьай рарал рукIуна эбел-инсудаса байбихьудасаго, нилъеда малъа-хъвай гьабулездаса, нилъ гьанже ругеб къагIидаялде руссинегIан дур къисматалда гIахьаллъарал гIадамаздаса.
Дун батIи-батIиял хъулухъазда вукIана, дун жамгIиябгун политикияб гIумруялда гIахьаллъулев вукIана гIуралъ жигарго. Гьединаб хIаракатчилъиялда гIемер чиясулгун гьудуллъи-гьалмагълъи ккана дир.
Дун квешав, гьересияв ва ракI чурукав чи вугев ватани, дир гьалмагъазаби, дир рахъ кколел чагIи гIемер рукIунароан. Гьединлъидал дица абулеб буго, у, дир руго гIемер гьалмагъзаби, дир руго дир рахъ кколел, дие кумек гьабулел чагIи. Гьелдаса чIухIаравги вуго дун. Гьезул кумекалдаса дица пайдаги босула, гьеб кумекги дица жамгIияталъе пайдаяб хIаракатчилъиялде буссинабула. Щиб, дица гьезде, нужедаса инкар гьабизе бугинищ абизе кколеб букIараб? Гьез дие кумек гьабулеб букIиналда нахъ щибниги тамашаб жо гьечIо.
У, хIакъикъаталдаги, руго, дун лъилалиго тухумалъулгун бухьен бугев чи вугин абулел. Щибха дица гьезде абизе кколеб. Пал тIамеха, гьеб цIехезе, баянлъизабизе къваригIун батани. Дие бокьун гьечIо гьеб нахъ чвалев яги тасдикъ гьабулев вукIине».
Щиб бицаниги, кин букIаниги бицен гьабулеб гIадал ситуациязда, аслияб жо кколин журналистасул сверухълъиялъул хIакъикъат гуреб, гьес гIадамазда бицунеб ва бихьизабулеб жойин, риIкIунеб буго ГIабдурашид СагIидовас. Журналистасулги букIине колин тохтурасулго гIадаб хьвада-чIвадийин, рикIкIунеб буго гьес.