Сириялдаса нахъруссунезул масъала кин тIубалеб?

«Исламияб пачалихъ» жиндаго абулеб экстремистияб къукъаялда гъорлъ рукIарал тамихIалде цIачIого тезе бегьуларин ва тамихIги жив-живасе батIи-батIияб букIине кколин абуна гьал къоязда полпред Сергей Меликовас.

Пресс-конференциялда гьес бицана Сириялде оппозициялъул рахъккун рагъизе Россиялдаса 1500 чи ун вугин ва гьезда гъорлъ гIемерисел кавказалъулал ругилан. «Амма гьезда гьорлъан цо-цоял нахъруссунел руго: цоял рекIекълъун, цоял цогидал мурадаздалъун. Россиялъул къануназдалъун жавабалде цIазе ккола гьел тIадруссарал», - илан абуна Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда вугев Россиялъул президентасул вакилас.

Меликовасул пикруялда тIаса «Эркенлъиялъе» баянал кьурал экспертаз рикIкIунеб буго Сириялда рукIарал кавказалъулал адаптациялъул комиссиялде ахIизе ратиларин. Шималияб Кавказалда социологиял цIех-рехал гьарулел политолог Ислам Ярлыкаповас бицухъе, «Исламияб пачалихъалъул» кьеразда кавказалъулав чан чи вугевали мухIканго лъидаго лъалеб гьечIо.

«ГIаммаб къагIидаялъ кIиазарго чи вугин, абизе бегьула. Гьединго руго анкь азарго чи вугин абулелги, амма гьеб тарих дида бихьула зодобе бахинабураблъун. Нахъруссунелгун щиб гьабизе кколеб? «Исламияб пачлихъалъул» байрахъазда гъоркь рагъулев вукIарав чи, лъан хадуб, цIех-рех чагIаз парахатго теларо, гьеб бичIчIизе ккола», - ян бицана Ярлыкаповас.

Экспертас абухъе, тIадруссунезда гъорлъ рукIине бегьула рекIекълъарал, амма гьединго рукIина шаригIат Кавказалда чIезабиялъе гIоло рагъизе нахъруссаралги. «Мисалалъе, рекIекълъарал чагIи росила. Кин гьелгун хIалтIизе кколел? Ракълилаб комиссиялде ккезаризе гьел бегьиладай? Сириялда ва Шималияб Кавказалда изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазул идеологиял батIиял руго, дандекколарел ругин абизе бегьула. Жибго комиссияги хIадурун бугищали «рохьилазул» цойги тайпагун халтIизе бичIчIлеб гьечIо», - илан рикIкIунеб буго политологас.

Россиялъул къануназда рекъон, ярагъги гIодоб лъун живго кверде вачIарав чиясда хъинтIун такъсир гьабиялъул иш рагьуларо, гьесда тIад би гьечIони. КинабгIаги такъсир гьабурав рекIекълъарав «рохьиласе» тамихI тамахлъизабула. Ракълилаб комиссиялъ гьеб процессалда хадуб хал ккола. Амма Россиялъул территориялда гьарурал ва гьаричIел такъсиразул хIакъалъулъ низам цIунулезда лъалеб батани, чияр улкаялда пуланав чияс щиб гьабулеб букIарабали кин лъазе бугеб цIех-рех чагIазда? Экспертаз абулеб буго гьеб суалалъе жаваб жеги батун гьечIин, амма Сириялда рагъулел рукIарал ва хадур нахъруссарал чагIазе хIукуматалъ ракълилаб гIумруялде тIадруссине шанс кьолеб бугин.

Гьеб суалалда тIаса радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабуна МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» эксперт Вадим Мухановас.

Вадим Муханов: «Жакъа къоялда Сириялдаса кавказалъулал нахъруссиналъул хIужжаби руго, амма гьел гIемер ругин иабизе кIоларо. Гьелдалъун Меликовасул рагIаби дида ричIчIула профилактикиял гIадин, букIинесеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун абураллъун. Чан чи жакъа къоялда тIадвуссарав? Статистика гьечIо. Гьединго адаптациялъул процесс гьал чагIигун кин хIалтIизабизе бугебги бичIчIулеб гьечIо. Амма полпредас пуланал идарабаздаса тIалаб гьаризе ратила адаптациялъул механизмал. ТIадруссунезул масъала жакъа къоялда батIаго гьечIо, амма экспертазул прогнозазул халгьабуни бихьула, гьаб соналъул ахиралда гьеб суал тIоцебе кIвар кьезе кколеблъун бахъине букIин».

ЦIех-рехалъул Дагъистаналда бугеб идараялдаса щварал баяназда рекъон, Сириялда рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел рукIарал дагъистаниязда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул кIиго иш. ФСБялъул республикаялда бугеб идараялъги кIиго иш рагьун бугин лъазабуна гьезул пресс-хъулухъалъ. Регионалъул жанисел ишазул министерлъиялъул цIех-рехалъулаб бутIаялда Сириялда рукIаразул хакъалъулъ бакIарараб нусгоялдаса цIикIкIун папка бугин абуна МВДялъул вакилас. Гьел папкабазда такъсир гьабиялъул ишал чан ругелали гьес мухIкан гьабичIо.