ООНалъул къиматалда, ГIиракъалъул рагъулаз шиитазул жидеего бокьун рагъулел къокъабазул квербакъиялдалъун Тикрит шагьаралдаса «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватал нахъе къотIизе хIаракат бахъулеб мехалда, гьеб бакIалъул сверухълъиялдаса Самарра шагьарлде лъутIун вуго гражданиял гIадамазул 28 азарго гIанав чи.
Радикалиял исламистаз Тикрит ккуна микьго моцIалъ цебе.
Гьеб нахъе бахъиялъул мурадалда рагъулаб операция рузман къоялда тIобитIулеб букIана щуабилеб къоялъ.
Экстремистазде данде вагъулев вуго рагъулазул ва жидеего бокьун рагъулезул 30 азарго гIанав чи.
Хамиз къоялда ГIиракъалъул нухмалъиялъ лъазабуна, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул боевиказ бульдозерал хIалтIизарун риххизарулел ругин Нимруд абураб ассириязул букIараб шагьаралъул хутIелал.
Дагьалъ цебе исламистаз интернеталда бахъун букIана жидецаго Мосул шагьаралъул музеялъул экспонатал гъуризарулеб куц бихьизабураб видео.
ГIалимчагIаз диниял фанатиказул хьвада-чIвади дандбалеб буго 200I соналда Афгъанистаналда Бамианалъул буддал статуя бихьизабурал талибазул хьвада-чIвадигун.