Ссылки для упрощенного доступа

Дунялалда хIинкъиял цIикIкIунел руго


ВахIшияб зулмуялъул ва дискриминациялъул къурбаналлъун лъугьарал гIадамазул миллионазе 2014 сон букIанин вахIшияблъун. Амма гьелде халкъаздагьоркьосеб реакция яхI гьечIеб ва эффективияб гуреб букIанин, хъвалеб буго жиндирго санайилаб докладалда Amnesty International абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьокьосеб гIуцIиялъ. Документалда бихьизабун буго инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса 160 улкаялда бугеб ахIвал-хIал. Хасаб кIвар буссинабун буго Россиялдеги Совет Союз биххун рижарал цогидал пачалихъаздеги.

Гьединал улкабазда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун ахIвал-хIал тIадеги хIалуцине бегьиялде халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ буссинабулеб буго хасаб кIвар.

Жидерго докладалъул презентация гьабулеб мехалда Amnesty International гIуцIиялъул генералияв секретарь Салил Шеттица лъазабуна, жакъасел конфликтазул хасият хисулеб бугин ва дунялалъул лидераз нахъ тIамичIого гIамал гьабизе кколин гьезде данде эффективиял цIодорал тадбирал тIоритIизе. Гьез рес кьезе бугин яргъид гIуцIарал къокъабазул ва жалго пачалихъазул зулмуялдаса гражданияб халкъ цIунизейин.

Талат къоялда тIобитIараб пресс-конференциялда Шеттица бицана докладалда бущунго кIвар буссинабурал хIужжабазул ва проблемабазул хIакъалъулъ.

Салил Шетти: «Нижер исанасеб доклада бицунеб буго Сириялда, Украиналда, Нигериялда, Газаялда ва цогидал бакIазда гражданиял гIадамазда хурхун загьирлъулеб вахIшияб зулмуялъул ва инсанасул ихтиярал хвезариялъул мухIканлъиязул хIакъалъулъ. Амма бихьизабулеб баянаб хIакъикъаталъе данде кколеб жаваб гьечIолъиялда бан, нижеда хадубги бихьулеб гьечIо кинабгIаги оптимизм. Нижецани нижерго докладалда гьеб киналдеги абулеб буго яхI гьечIолъиян».

Гьединаб къагIидаялда Шеттицаги гьесул гIуцIиялъги дунялалда ахIвал-хIал хIалуциналъул гIайиб чIвалеб буго гьединго халкъаздагьоркьосеб жамгIияталдаги пачалихъазул лидераздаги.

Салил Шетти: «Аслияб къагIидаялда докладалда нижеца кIвар буссинабулеб буго зулму чIезабиялъе квербакъи гьабизе рес бугеб халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъалъул хIаракатчилъи тохаб букIиналде. Гьеб унгоги ккола яхIгун намусалда хурхараб проблема, гIадамал гъурулел рукIин гIадахъ босани. Нижеца баянаб къагIидаялда дунял ахIулеб буго гражданияб халкъалда хурхун ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъе хIаракат бахъиялде».

Дунялалъул лидераз ва халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъ ахIвал-хIал хIалуциналъул даража цIикIкIиналъул тенденциялъе жакъа гIадин кIвар кьечIого толеб бугони, хадурги цо-цо халкъал ккезе руго гIурхIел лъаларел яргъид гIуцIарал къокъабазул контролалде гъоркье. Гражданияб халкъалде тадекIанциял гьари, дискриминация, батIи-батIияб къагIидаялда тIадецуй гьаби буссине бегьула гIадатияб ишалдейин, лъазабулеб буго докладалда.

Цингигийин, абулеб буго документалда, хIинкъиязде данде чIолайинги абун, цо-цо пачалихъаз хадубги дагьалъги хъачIлъизаризе бегьулин терроризмалде дандечIеялъул къанунал. Гьеб сабаблъун хIинкъи цIикIкIине бегьулин эркенго пикраби загьир гьариялъул ва цогидал ихтияразе, гIадамазда хадуб халкквей ва цогидал антидемократиял къагIидаби щулалъизе бегьулин цо-цо пачалихъазда.

Гьеб жакъаялдего кколин хIакъикъатин цо-цо улкабаздайин ва гьезул бицунеб мехалда абизе бегьулин гьениб гьеб процесс хехлъулеб ва проблемаби дагьалъги гъварилъизе бегьиялъул хIакъалъулъин, абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезул докладалда хурхун комментариял гьарулел экпертазги.

Жакъасеб хIакъикъат кIвар кьечIого толеб бугони, дунялалда хIалуцине бугин гуманитарияб кризис, жидерго бакIал тун лъутIизе ккаразул къадарги дагьалъги цIикIкIине бугин. Балагьалде ккарал гIадамазда цере жидерго гIорхъаби къачIого, гьел цIунизеги, гьезие кумек гьабизе кколин халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъин абулеб буго докладалда.

Amnesty International гIуцIиялъул генералияв секретарасул пикруялда, мурадазде щвезе ккани, жакъа халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъул хIаракатчилъиялдаги цо-цо хиса-басиял гьаризе ккола.

Салил Шетти: «Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлис гIуцIун букIана гражданиял гIадамал ва хIинкъигьечIолъи цIуниялъул, рекъел чIезабиялъул мурадазда. Амма гьеб хIалтIи гьелъ тохго гьабулеб буго. Цингиги, нижеца гьанже абулеб буго, гьеб балагь загьирлъиялул ва хIалциналъул гIилла хурхараб бугин ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул даимаб гIахьалаб щуго рахъалъул цояз ветоялъул ихтияр жидеего бокьа-бокьухъе хIалтIизабийин».

Шеттица абулеб буго Сириялда, ГIиракъалда, Газагун Израиилалда ва Украиналда жидерго интересаздеги политикиял къварагIилаздеги балагьун пачалихъазги, яргъид гIуцIарал къокъабазги гражданияб халкъалда хурхун вахIшиял такъсирал гьарулеб мехъалъцин ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалда бажаричIин кризисал ва конфликтал рагIалде рахъинаризеян.

Мисал хIисабалда гьес кIвар буссинабуна Россиялъ вето хIалтIизабиялъул хIинкъи букIиналъ, Украиналда конфликт загьирлъулеб мехалда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалда киналгIаги эффективиял тадбирал тIоритIизе бажаричIеблъиялде.

Гьединлъидалин абулеб буго гьес, жидер идараялъ Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлис ахIулеб бугин геноцидалъул яги жанаварлъиялъул цогидал къагIидаби загьирлъулел мехалда вето хIалтIизабиялъул къагIидаялдаса инкар гьабиялде.

Салил Шетти: «Гьелъ лъикIаб рахъалдехун хисизабизе бегьула халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъул хIаракатчилъиялъул къагIида ва ресал рагьизе бегьула ракълилаб халкъ цIуниялъе ругел ресал щвалде щун хIалтIизариялъе. Гьединал ахIвал-хIалазда вето хIалтIизабиялъул къагIидаялдаса Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул щуябго даимаб гIахьалаб рахъалъ инкар гьабиялъ, гIадамазул гIумруялъе хIинкъи бугеб мехалда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъе нухал рагьизе руго гражданияб халкъ цIуниялъе проблемаби гьечIого жиндирго ресал хIалтIизаризе.

Гьеб гуребги, гьелъ баянаб сигнал битIизе буго гIайибияб рахалъухъе, дунял сас къотIун, хьибилалдаса балагьун чIун букIине гьечIеблъиялъул халкъ гъурулеб мехалда».

Amnesty International гIуцIиялъул Россиялъул бутIаялъул директоразул цояй Анна Нейстатица абулеб буго, формалияб къагIидаялда ветоялъул ихтияр нахъе бахъизе цIакъ захIматаб жо кколин. Гьелъул къварагIел цIакъго баянлъулеб бугин дунялалъул батIи-батIиял бакIазда инсанияталде данде такъсиразул къадар цIикIкIиналъул фоналдайин.

Гьелъул рагIабазда, дунялалда загьирлъулел конфликтазда гIахьаллъулел «пачалихъиял гурел, амма жидерго хIаракатчилъи пачалихъиялъул даражаялъулаблъун рикIкIунел» яргъид гIуцIарал къокъабазул къадар хасго 20I4 соналда цIикIкIана хехаб къагIидаялда.

Инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз гьединаллъун рикIкIунел руго Сириялдаги ГIиракъалдаги гIадамал гъурун жиндирго низам кисса-кибего чIезабизе бокьараб «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIи, гьединабго хасияталъул, хьвада-чIвадиялъул хасаб къагIидаялда Нигериялда тIад жиндирго контроль чIезабизе бокьараб «Боко ХIарам», Украиналъул машрикъалъул рахъалда жидецаго жалго Донецкалъулги Луганскалъулги халкъиял республикабилъун лъазарурал гIуцIиязул сепаратистазул къокъаби ва цогидал.

Анна Нейстат: «Гьединал къокъабазул хIаракатчилъи ккола кIудияб проблема. Щиб гьезие гьабизе кколебали, лъицаниги гьанжеги ургъун гьечIо. Пачалихъаз гIамал гьабулеб буго гьеб проблема рагъулаб къагIидаялда рагIалде бахъинабизе. Амма гьелъул гьечIо пайдаяб хIасил. ГIицIго гьединал группабазда буго, аслияб къагIидаялда, гражданияб халкъалде тIадекIанцIиязул, диваналда хурхен гьечIеб тамихI гьабиялъул, гIазаб кьеялъул, гIадамал рикъиялъул жавабчилъи. МухIканаб нухмалъиялъул система гьечIолъиялда бан, гьединал къокъабазде данде халкъаздагьоркьосел къанунал хIалтIизаризе рес гIицIго Женеваялъул конвенциялъул гIорхъабазда гурони букунаро».

Халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул докладалда кIудияб бакI кколеб буго СССР биххун рижарал пачалихъазда инсанасул ихтиярал хвезариялъул проблема хадуб дагьалъги хIалуцине букIиналъул шартIал цIикIкIунел рукIиналъул бицунеб темаялъ.

Россия рехсон докладалда абулдеб буго, 20I4 соналда улкаялъул нухмалъиялъ кIудияб хIаракат бахъулеб букIанин гражданияб жамгIият биххизабиялъейин. Гьеб мурадалъе эффективияб интрумент хIисабалда хIалтIизабулеб бугин хехаб къагIидаялда батIи-батIиял къанунал рахъулеб ва ругел хъачIлъизарулеб Пачалихъияб Дума.

Россиялъул парламенталъ рахъарал къануназда рекъон, улкаялда бихьулеб къагIидаялда захIмалъана коммерциялъула гурел гIуцIабазул, информалатазул, интернет-сурсатазул хIалтIи.

Къануназул инициатива загьир гьарулел депутатаз яги фракцияз къанунал хъачIлъизариялъул багьана аслияб къагIидаялда хурхинабула экстремизмгун терроризмалде дандечIеялъул къварагIелалда.

Докладалъул автораз хъвалеб буго 20I2 соналдаса байбихьун нухмалъиялъ жигараб къагIидаялда рижинарурал къагIидабазе гIоло, демократиял ихтияразе ва эркенлъиязе гIорхъаби чIезариялъул процесс гIатIилъулеб букIана ва гьанжеги тIадеги жигарлъулебги буго.

Анна Нейстатица абулеб буго пачалихъалъ гайкаби дугъдазариялъул процесалда хасаб бакI кколеб бугин прессаялъул эркенлъиялъе гIорхъаби чIезарийин. Гьеб рахъалда нухмалъиялъул ругин мухIканал галаби. Мисалалъе, дол яги гьал интернет-сурсатал къай, жидее данде кколарев журналист хIалтIудаса нахъе рехи, информалатазул бетIергьаби яги дирекция хиси. Гьединал галабаз рачанин цо-цо информалатазул гьумер ва хасият хисиялдейин. Гьеб кинабго загьирлъулеб бугин жидецаго жидеего цензура чIезабиялъул даража цIикIкIунеб ва нич гьечIеб пачалихъияб пропагандаялъул шартIаздайин.

Гьеб ракIалде босунни, дида кколин, Украиналда унеб конфликталъул квешаб асар гьабунин Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул сфераялдейин.

Баянаб жо ккола пропагандаялъул даража цIиккIунеб мехалда, оппозициял информалатал гIанкъизариялъе гьабулел хIалбихьиял загьирлъулел руго баянго.

Нейстатица кIвар буссинабулеб буго пачалихъалъул гурел гIуцIабазде гьабулеб тIадецуялдеги. Гьелъ абулеб буго, инсанасул ихтиярал цIунулез гIемер бицунеб чанго соналъ цебе рахъун рукIарал «КъватIисел пачалихъазул агентазулин» абулеб къанун яги «Пачалихъалъе хияналъи гьабиялъул хIакъалъулъ» абураб къануналда гьабураб хиса-басаиял хIалтIулел рукIинчIо гIураб заманалъ. Амма цебесеб соналъги исанги гьел хIалтIизарулел руго щвалде щун. Гьелъие гIоло кIудияб зарал кколеб буго данделъиялъул эркенлъиялъул ихтияралъе. Гьанже пикетал гIуцIулезе цIикIкIинабулеб буго административияб аресталъул заман. Цо-цоязде данде такъсириял ишалцин рагьулел руго.

Гьединал пикраби инсанасул и ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул Россиялъул бутIаялъул вакилалъ загьир гьаруна «Америкаялъул гьаракь» радиоялъул эфиралда.

Анна Нейстат: «Гьале докладалда нижеца кIвар буссинабулеб цойги момент. Россиялда халат рахъунел руго гIазаб кьеялъул къагIидаби, къануналде данде кколарел цIех-рехх тIобитIиялъул къагIидаби.

МухIканго гьанжеги лъаларо кинаб рахъалдехун хисун бугебали гьеб проблема, амма лъиклъиялъул рахъалдехун гьечIеблъи мухIканаб жо ккола.

Халат бахъунеб буго низам цIунулел гIуцIабазул гIайиб бугел хIалтIухъаби жавабчилъиялде гъоркье рачинчIого тей. Гьезул зулмуялъул къурбаназе компенсация кьейги хутIулеб буго кIудияб проблемалъун. Ахирисез бахъулеб хIаракаталъги кинаб гIаги хIасил кьолеб гьечIо. Низам цIунулезул зулму хIехьезе ккаразе кумек гьабулел, адвокатаздеги, ихтиярал цIуниялъул гIуцIабазул хIалтIухъабаздеги тIадецуй гьабулеб буго».

Докладалъул авторазул пикруялда, Россиялда Шималияб Кавказ хутIулеб буго гьанжеги инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужжаби бищунго гIемер загьирлъулеб регионлъун. Нахъе-цере балагьичIого гIадамазе гIазаб кьеялъул ва цогидал вахIшиял къагIидаби хIалтIизариялъул практика гьениб жакъаги актуалиб проблемалъун хутIулеб бугин.

Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазул зулмуялъул къурбаназул ресал рукIинчIин эффективияб къагIидаялда жидерго ихтиярал цIунизеян, абулеб буго Amnesty International гIуцIиялъул докладалъул автораз. ​

XS
SM
MD
LG