Диналда жанисеб рагIирекъонгутIи рагIалде щай бахъунареб?

Экспертазул пикруялда, Шималияб Кавказалъул рухIияб тIалъиялъ гIамал гьабулеб буго салафитазул умма жидерго контролалде гъоркье бачине. Хасго гьеб процесс бихьулеб бугин, диниял гIаркьалабазда гьоркьоб жахIда баянго халат бахъунеб Дагъистаналдайин, абулеб буго гьез.

Диназул цIех-реххчагIазул цоязул пикруялда, берцинго балагьани, диналда жанир гIаркьалаби раккиго ккола конфликтал рижиналъе багьана. Щайгурелъул жиб-жиб динияб къокъаялъ гIамал гьабулин жидерго рахъ кколезул къадар цIикIкIинабизе яги дагьлъизе биччангутIизе. Жакъа Шималияб Кавказалдаги дунялалъул цогидал регионаздаги нилъеда бихьулеб жоги гьединаб процессалъул гIуралъ жигараб стадия бугин, гьеб гIицIго рагIабазул ва вагIазабазул къагIидаялда унеб гьечIин ва гьезул цоял мурадалде щвезе ккани, кигIан бутIрул къотIизе кколебали, кигIан халкъ гъуризе бугебали лъаданиги лъаларин, абулеб буго гьез.

Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-реххазул централъул бетIер Гереев Русланица нижер программаялъе комментариял гьарулаго, абулеб буго, ГIагараб Машрикъалда «Исламияб пачалихъ» ва батIи-батIиял цогидал диниял цIарал ругел гIуцIабаз регионалда билъанхъизабулеб рагъалъул кинаб гIаги хурхен гьечIо диналда. Гьениб дин жидеего пайдаялъе хIалтIизабулеб буго унго-унгоял террористаз ва экстремистаз. Нилъеца гьединаб ахIвал-хIал нилъерго регионалда бижине тезе бегьуларин, абулеб буго гьес.

Гьесулго пикруялда, жакъа Дагъистаналда цересел соназде дандеккун гIуралъ парахатаб ахIвал-хIал буго. Республикаялда имамал ва цогидал диниял хIаракатчагIи чIвалел рукIиналда нахъ гьесда диниял гIаркьелазда гьоркьоб ахIвал-хIал хIалуцунеб букIин бихьулеб гьечIо.

Исламалъул цIех-реххчи, политикиял гIелмабазул кандидат Ринат МахIамадовас рикIкIунеб буго, МахIачхъалаялда салафиязул мажгитал рахъизе гьабулеб хIалбихьиял хурхарал ругин Дагъистаналъул рухIияб идараялъул инициативаялдайин ва гьединал галабаз жамгIияталда жаниб ахIвал-хIал цIидаса хIалуцинабизе бегьулин.

Гереевасул рагIабазда, регионалда «рохьилазул» хIаракатчилъиялъул даража бихьулеб къагIидаялда гIодобе ккана гьениб къуватияб хIалтIи цIикIкIинабиялъ гуребги, «Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб гIуцIиялъул хIаракатчилъи берцинаблъун бихьун, гIолохъаби ГIагараб Машрикъалде иналъги. Гьес абулеб буго, гьединаб хIакъикъаталдаса пайда босизе кколин, гIамал гьабизе кколин мекъаб нух бищулезулгун диалогалда цадахъго ситуация бичIинабиялъул, пропагандаялъул хIалтIи гIадамазда гьоркьоб гьабизейин.

ЭР. - БукIана гури Дагъситаналда гьединаб хIалтIи байбихьун, хIалтIулел рукIана гури чанги комиссияби. Щай гьединаб хIалтIи халат бахъунеб гьечIеб жакъа?

Руслан Гереев: «Гьеб халат бахъунеб гьечIо щайгурелъул гьелъ жиндаса эффект букIин бихьизабичIо. ГIуцIун рукIана батIи-батIиял комиссияби, "рохьилалин" абулел ракълилаб гIумруялде ругьун гьариялъул. Гьез кьечIо хьулал рукIарал хIасилал. Гьеб хIалтIиялъул аслияб бутIа профанация букIанин абизе бегьула. Гьелъул бакIалда регионалда къувалъизабуна федералияб хIаракатчилъи. Дагъистаналда къватIисан рачIуна "зачисткаби" гьаризе. Хадур гьел нахъе уна. Гьез гьеб хIалтIиялъул къуватIияб рахъ бищун букIин, баянго бихьулеб буго.

ГIадатиял гIадамазе къваргIараб жо щиб бугеб? Парахалъи. Гьединлъидал халкъалъул аслияб къадаралъ рахъ кколеб буго гьединаб къагIидаялъул, гьединаб политикаялъул. Амма гьелдаго цадахъ дол холелги, ГIагараб Машрикъалъул рахъалде унелги, нилъер гIолохъаби гурищ кколел! Гьеб рахъалдаги цIакъ тохаб политика билъанхъизабулеб буго республикаялда. Проблема рагIалде бахъинабиялъул рахъалда гьечIо комплексияб хIалтIи. Хасго кIвар буссинабизе бокьун буго жамгIияталде. Гьеб кьижун буго.

ЭР. – Кинабха хIалтIи букIине кколеб жамгIияталда жаниб, дур пикруялда?

Руслан Гереев: «МухIу ГIалиев президентлъун вукIиндал, букIана лъикIаб практика. Доб мехалда гIуцIун рукIана жамгIияталда загьирлъулел тенденцияби гIадамазда ричIинариялъул батIи-батIиял лекторазул, диниял гIалимчагIи гъорлъ рукIарал, къокъаби. Гьез жидерго хIалтIи, дида бихьухъе, лъикI гьабулеб букIана. Гьелъ хIасилалги лъикIал кьолел рукIанин, рикIкIуна дица.

Жакъайин абуни, руго гIеме-гIемер батIи-батIиял идараби, министерлъиял, Миллияб политикаялъул министерлъи, Информациялъул министерлъи, Диналъул ишазул рахъалъан комитет, цIакъ гIемер руго гьединал идараби. Гьездаса бугеб эффект ва пайда буго нулалъул даражаялда. Гьезул хIалтIи буссун буго гIицIго конференциял, форумал ва цогидал кабинеталзулгун-залазул тадбирал тIоритIиялде. Жидер цо-цо галабазул квешаб асар, хвелал, раккулел хIинкъиял рихьизарулеб гIолиллъиялде буссинабураб мухIканаб, щвалде щвараб хIалтIи, гьечIо. У, цо-цо жо гьабулеб буго, хисулел руго батIи-батIиял хъулухъчагIи, амма гьезие гьеб рахъалда икъбалал щвеялда абизегIанго божуларо дун жакъа.