Ссылки для упрощенного доступа

Мажгитал гIемерлъулел руго, лъималазул ахал гIолел гьечIо...


Дагъистаналдаса олигарх Зиявудин МухIамадовас тIаде босун буго Каспийскалдагун МахIачхъалаялда гьоркьоб бакIалда Европаялдаго кIудияб мажгит базе. Гьадингоги мажгитал гIемераб Дагъистаналда кинаб хIажалъи бугеб гьеб мажгиталъул?

Гьеб гIарац киридахъ цогидаб кIваралъе биччазе бегьуларищин абураб суал лъолеб буго республикаялда цо-цо гIадамаз.

Зиявудин МухIамадовас гIарацги кьун дагьаб цебегIан МахIачхъалаялъул Хуршиловасул къотIнол рагьун букIана тIарикъаталъул устар, Инхоса ГIабдулхIамид-Афандиясул цIаралда бугеб мажгитги. Анлъабилеб ноябралда лъана Зиявудин МухIамадовас рагIи кьун бугин салат салам лъеяв МухIамад Аварагасул цIаралда Дагъистаналда балеб бугеб мажгитги базегиян. Гьеб мажгит балеб буго МахIачхъалаялдагун Каспийскалда гьоркьоб. 50 000 чи жаниве гьунеб гьеб мажгит букIине бугин Европаялдаго бищун кIудиябилан абулеб буго гьелъие проект бахъарал чагIаз.

Амма гIадатиял дагъистаниязул суал баккулеб буго мажгитал разе гIарац биччалеб бугин бечедал гIадамаз, амма халкъалъе цIакъ хIажат ругел школал, гьединго ясли ахал разе гьезул лъиданиги ракIалде кколеб гьечIилан. Мисалалъе ясли-ахалъул рахъалъ Дагъистаналда цIакъ хIалуцараб ахIвал-хIал буго, чанги эбел-инсуца лъагIалабаз цебего сияхIалда бакI кквезе кколеб буго, лъимер яслиялде битIизе, гьанжего гьеб босаралъухъ абуни гIемераб гIарац абулеб буго.

Абухъего хIажат бугиш Дагъистаналъе гьединаб кIудияб мажгит ва щиб гьелъ кьезе бугеб абураб суал нижеца кьуна Буйнакск шагьаралъул аслияб мажгиталъул имам ГIабдулкарим-хIажиясе

ГIабдулкарим-хIажи: «Кутакалда хIажат буго. Жакъа гьединаб 50 000 чи жаниве гьунеб мажгит бугони, цолъизе рес буго киналго цо мажгиталде, цо имамги вугони, цо рузманги балеб бугони, гIидалъул какги цадахъ балеб бугони, цо вагIзаги бугони гьелъул кIудияб маслигIат букIине буго. Мажгит буго хIукуматалдаса цо копейкги щолареб, мискинзабаз данде гIарацги рехун ресухъе балеб Аллагьасул рукъ. Школалги ясли-ахалги щайин раларел мажгитазул бакIалдаян чIванкъотIун суал лъолев чиясда дун рази гьечIо.

Гьел разе хIукуматалъ биччараб гIарац добе-гьанибе цIацIан тIагIинабичIого жиндирго нухда хIалтIизабун букIарабани, школалги ясли-ахалги гIунги тIокI рукIине рукIана Дагъистаналда. Гьел кIиялго гIоларел гIадин, мажгитазул къанагIалъи буго жакъа республикаялда. Щибав рухI бугев чи мажгиталде вачIунев вукIаравани, мажгитахъ бакI гIезе букIинчIо. Гьадинги рузманкакда бакI гIечIого мажгиталъул рагьдухъ бала МахIачхъалаялда как».

Гьединго гIолел гьечIо Дагъистаналъул шагьаразда школалги. 2013 соналъ, щибаб соналъ августалда тIобитIулеб мугIалимзабазул данделъиялда, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги абун букIана мажгитал ралел чIагIи гIемерлъун ругин, цониги чиясда ракIалде кколеб гьечIин школа базеян.

Каспийскалда къватIисел мацIазул мугIалим, Бечедов ГIабдулагьицаги загьир гьабулеб буго гьебго пикру. БитIун гьеб цIияб мажгит балеб бугеб, Каспийскалдагун МахIачхъалаялда гьоркьоб гьечIин цониги сахаб школаян абулеб буго гьес. Гьенир ригьзал гIемерлъулел ругин, халкъги цIикIкIунеб бугин, амма лъимал цIализаризе гьел рикIкIаде хьвадизе ккезе ругин.

ГIабдула Бечедов: «Мажгит букIине бегьула анцIго нухалъ гьитIинаб. КIудияб бани, гьениб сверухъ бакI цIакъго гьитIинлъулеб буго. Гьединлъидал мажгит гъодинаб кIудияб базе кколарин кколеб буго дида. Школа базе ккелин рикIкIуна дица, лъайги щвезе, цебетIейги букIине. Школал гьечIони, тIубарал наслаби гьоркьор унел руго. Гьеб кколеб бугоха гIадамасул бищун пагьму щолеб заман. Пикру, лъай гьечIеб бакIалда кигIан какал раниги цебетIей букIунаро. Дун мажгиталда дандечIарав чи гуро. Амма гIун бачIунеб, кIодолъулеб шагьарги, кIуди-и-ияб мажгитги, гьениб гьоркьоб къараб гьитIинаб школаги данде кколароха. Лъимал гIемерлъулел руго къойидаса-къойиде. Дагьалъги чIани, тIубанго хутIизе гьечIо школал разе бакIал. РикIкIадегIан гьел школал рани, лъималазеги захIмалъула лъай босизе».

Нижехъе щварал цогидал баяназда рекъон лъай кьей цебетIеялъеги гIемераб хIалтIи гьабулеб бугин Зиявудин МухIамадовасилан буго хабар. Мисалалъе МахIачхъалаялда хас гьабун лъималазе лъай кьолеб центр базе ракIалда рагIула гьесда.

XS
SM
MD
LG