Ссылки для упрощенного доступа

«Надирия» мажгит имам гьечIогон хутIана


29 ноябралда «Надирия» мажгиталде рогьалил какде щварал гIадамазда мажгит чIобого батун буго. Дагьаб заманалда социалиял гьиназда тIибитIизабуна Дагъистаналъул муфтияталъул официалияб лъазаби. Гьелда рекъон, мажгиталъул имамлъун тIамун вукIарав МухIаммадрасул СагIадуев гьенисе нахъе вахъун вуго, мажгиталда цIияв имам теялъул суал ва гьев тезе изну тIубан жамагIаталъухъе кьолеб буго.

Щай муфтияталъ цебеккун букIараб хIалуцин гIодоцанин ккараб заманалда гьединаб гали тIамураб ва нахъеги мажгит салафиязухъе, гьезул кверщаликье буссинабурабали лъазе хIаракат бахъана «Эркенлъи» радиоялъ, амма муфтий хисулев АхIмад Кахаевас баян гьабуна официалияб лъазабиялда тIаде батIияб жо абизе кIоларин.

ГьабсагIаталда Котрова кватIалда бугеб мажит сверун ккун буго полициялъулаз.

30 ноябралда мажгиталъул жамагIаталъ лъазабухъе, рогьалил какдаса хадуб, сагIат анлъго тIубараб гIадинаб заманалда, гьенире рачIун руго низам цIунулел ва киналго къватIире рахъинарун руго мажгиталдаса. Жидеда шибго бичIчIулеб гьечIин, цин гьениб гъоркьа рокъоб бомба батанин абунин, амма гьениб гъоркьа бакIцин гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Мухтар Муслимовас.

Мухтар Муслимов: «Радал, сагIат анлъго тIубараб гIадинаб заманалда, гьенире рачIана низам цIунулел, цинги къватIире ун нахъеги рачIун гьез абуна мажгиталдаса къватIире айилан. Гьениб бомба бугилан абураб информация бугилан абун. Гьелдаса хадуб гьез мажгит сверун ккуна ва гьеб балагьулеб бугилан рукIана. Хадуб щиб гьезда батараб яги батичIебали лъаларо. Гьенир киналалиго цIех-рехалъул тадбирал гьарун ана гьел нахъе. Амма мажгит жегиги къан буго. Гьенир полициялъулалги руго».

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялда Котрова къватIалда бугеб мажгиталда цIех-рехалъул тадбирал тIоритIи ва гьенир низам цIунулел рукIин тасдикъ гьабичIо.

Дагъистаналъул салафияз цо ккураб хIалалда къабул гьабун букIинчIо «Надирия» мажгиталда муфтияталъул чи имамлъун тей. СагIадуев имамлъун теялъ ахIвал-хIал гIодобе биччаниги, гьев тIамиги жалгун дандбан гьабун букIинчIин абулеб букIана мажгиталъул жамагIаталъ. «Надирия» мажгиталда сверухъ ахирал къоязда жаниб ккаралда сверухъ салафиязул жамагIаталъул цоявлъун кколев, ГIабдуллалъ ГIабдулаевас баян гьабуна, жинда гIемер мажгитал рихьанин, Дагъистаналдаги къватIисел улкабаздаги, амма цониги мажгиталда жинда рагъ-мучалде ва чи чIваялде ахIулел рагIичIин. Цо такъсирал гьарурал чагIи гьеб мажгиталде рачIунел рукIанин абун гьеб мажгит къалеб батани, цо-цо алманиялъул гIадамал фашистал рукIанин абун, гьел киналго туснахъ гьаризе ккелила. Гьелда релълъун бихьулила жинда гьеб мажгит къаялъе гIиллалъун бачунеб хIужа, «Исламияб пачалхихъалде» гьеб мажгиталде рачIунел рукIарал гIадамал ин.

ГIабдуллагь ГIабдулаев: «Салафиял ругониги, суфиял ругониги, гьаб хIукуматалъе щибго батIалъи гьечIо, жидеда данде рагъулел гьечIелдаса нахъе. Гьал мажгитал щай къалелин абун полициялде индал гьез абун буго, жидеда лъалеб жо гьечIин ФСБялде айилан. ФСБялъги, гьаб хIукуматалда данде рагъулелги, гьанир балагь-базарги гьабулеб гьечIелдаса нахъе щибго батIалъи гьечIин. БачIунеб буго хIасил, батIалъи бугел чагIи кколел руго РухIияб идараялъул чагIи. Гьеб бакIалда полициялъ гьабулеб жо щибго гIечIо, амма руго гIемер полициялда хIалтIулел гьезул чагIи. ХIукуматалъе гьечIо гьелъул щибго батIалъи, суфиял рукIа, салафиял рукIа. Мажгиталда гIадамал чIвайилан малъуларо. Гьалеха, дун чанги мажгиталде щвана, гьанибги къватIисел улкабаздаги, амма кибго рагIичIо дида чи чIваялде ахIулел. Гьеб буго жагьилал, щибго лъаларел чагIаз гьадин батилин, додин батилин абун гьабураб жо. Мажгиталъе ва агьлуялъе чияс мегеж тун батаниги, рачI тун батаниги щибниги батIалъи букIунаро. Гьениб бугеб гIунгутIиялъул бичIчIи букIине кканани, гьенире кьочIокье раккун хал гьабизе ккола, амма гьеб лъиего хIажат гьечIо. ХIажат буго гьаниб хIалуцараб ахIва-хIал букIине, централдаса гIарац биччазе букIине. Гурони, магIарулазул аби буго, гьвел кIалдибе тIилал регьугеян, гьез гьабсагIат гьвел кIалдире тIилал регьулел руго».

Гьеб пикру цо жиндир кколарин, гьединаб батилин пикру дагьабниги бичIчIи бугев чиясулилан бицана ГIабдуллагьица.

Щив вукIинев цIияв имам «Надирия» мажгиталда ва кида гьениса полициялъулал инелали лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG