Ссылки для упрощенного доступа

ТIасан амру бачIунищ хисулев имам?


МахIачхъалаялда цойги мажгиталда имам хиси тIалаб гьабулеб буго Дагъистаналъул муфтияталъ. Венгерских бойцов къватIалда бугеб мажгиталда имам хиси ва гьенив муфтияталдаса чи тIамизе хIажат букIин муфтияталъ нахъеги бичIчIизабулеб буго къуваталъул идарабаз гьеб мажгитги къазехъин букIиналдалъун.

Жидер мажгитги гьез кколеблъи лъалеб букIанин, амма «Надирия» мажгиталда гIадин гьеб иш гьабун бажарулареблъи бичIчIун, гьез кIалъаяздасан байбихьанин абулеб буго Венгерских бойцов къватIалда бугеб мажгиталъул имам хисулев МухIамммад МухIамадовас.

Муфтияталъе жидерго чи мажгиталда тезе хIажат вукIин лъалеб букIанила, гьединлъидал жал ун рукIанила Москваялде, гьениб тIадегIанав Муфтий хисулев Нафигулла Ашировгун дандчIванила ва Россиялъул муфтияталда гьелъул хIакъалъулъ щибго лъалеб батичIин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Араб рузман къоялъго лъалеб букIанила жидер мажгитги гьез гьединго кквезехъин букIин, гьелъ мажгиталъул жамгIияб мажлисалъул чагIи дандчIванила муфтиятгун ва гьеб дандчIваялда муфтияталъ лъазабун бугила гьеб мажгит къуваталъул идарабаз къазехъин букIин, гьеб муфтияталъул кверщалида гъоркье инчIонани. Венгерских бойцов къватIалда бугеб мажгиталде имамлъуде тIамизе чанго кандидатура бихьизабун буго муфтияталъ.

Амма муфтияталъ рихьизарурал чагIи данде кколарин, мажгиталъул жамагIаталъе гьел къабуллъуларин, жамагIаталъе къабуллъичIого, хIал гьабун гьенив тIамурав имам вугони гьеб кколин мажгит кквейин рикIкIунеб буго имам хисулев МухIаммад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Нижеда лъалеб букIана гьединаб лъазаби букIин, гьаб рузман къоялъ рачIинеги кколел рукIана гьел. Амма киназдаго хъахIалда чIегIералъ хъвараб гIадин бихьулеб буго гьеб мажгит кквей букIин. Амма гьаб нухалъ гьез хIал бихьулеб буго кIалъаяздасан тIубазе иш. Сон мажгиталъул жамгIияб мажлисалъул вакилзаби ун рукIана муфтияталде, гьениб букIараб кIалъаяздасан лъалеб буго гьез нахъеги мажгит кквей ритIухъ гьабулеб букIин къуваталъул идарабаз мажгит къазехъен бугин абураб жоялъ. Амма кинал къуваталъул идараби, щалали мухIкан гьабулеб гьечIо.

ГьабсагIаталда мажгиталде бачIунеб жамагIаталъе данде кколарев чи имамлъун тей мекъаб иш буго, имамлъун тезе ккола мажгиталъул жамагIаталъе къабулав чи. ГьабсагIаталда гьел мажгитал муфтияталъ кквеялъ, мажгиталде рачIунел чагIи лъолел руго шартIазда цере, гьелъ радикализациялде цIазе бегьула гIадамал. Амма мажгиталъул имамасул, яги гьев хисулесул изну гьечIо жамагIаталъе данде кколарев чи гьенив имамлъун толев вугилан жамагIаталда абизе, гьедин имам тейги легитимияб кколаро. Гьебго Котрова къватIада бугеб мажгиталда имам хисиги легитимияб кколаро, лъица щиб абуниги».

ГьабсагIаталда Венгерских бойцов къватIалда бугеб мажгиталъул имам вуго Ниматулла Раджабов. Гьев кколев вуго Закаталаялдаса цIар рагIарав суфиязул шейхасул наслуялъул чиги.

24 ноябралда Котрова къватIалда бугеб мажгиталда имам хисиялда бан тIобитIараб пресс-конференциялда, хадубккун гьеб мажгиталда имамлъун тарав МухIаммадрасул СагIадуевас Венгерских бойцов къватIалда бугеб мажгиталда рес бугищ гьединго имам хисун, муфтияталъул чи тезейин журналистаз цIехедал жаваб гьабун букIана, гьеб букIине рес гьечIеб жо бугилан. Дагъистаналъул муфтиясги гьединго лъазабунин, Котрова мажгиталда имам хиси цогидал мажгитазда тIибитIизе гьечIилан.

«Новое дело» газетаялъ лъазабухъе, имам хисун муфтияталъул чи тей гьединго тIалаб гьабулеб буго Тарки росдал мажгиталдасаги.

Дагъистаналъул муфтияталъ гьеб киналдаго тIасан баянал кьолел гьечIо.

XS
SM
MD
LG