Мискинхалкъ хIулизе цойги идара рагьулеб буго Дагъистаналда

Шималияб Кавказалде ток бикьа-къотIулеб гIуцIиялда ракIалда буго Дагъистаналда цIияб энергетикияб компания рагьизе.

Амма гьелда данде чIун буго Монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъул, Дагъистаналда бугеб бутIа. Конкуренциялъул хIакъалъулъ бугеб федералияб къанун хвезабизехъан бугин гьезилан абулеб буго Дагъистаналъул УФАСалъ. Гьеб гуребги цIияб энергетикияб компания рагьун хадуб токалъухъ абулеб гIарацги цIикIкIине бугилан рикIкIунеб буго гьез.

Шималияб Кавказалде ток бикьа-къотIулел идараялъул Дагъистаналда гьадинги гIунги токIал компанияби ругин, бичIчIуларин гьебги гIечIого цойги идара рагьизе щай гьезие хIажат бугебан абуна «Эркенлъи» радиоялъе комментарияй кьолаго БахIандов ГIабдулаца. Гьев ккола Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул. «МахIачхъалаялъул горсеть» абураб гIуцIиги гьезел кколин, дагьаб цебегIан Каспийскалда бугеб гьединабго идараги анин гьезул къайимлъиялде. Гьединго Дагъистаналда бугин ОАО «Дагэнергосеть абураб гIуцIиги. Гьанже гьел рагIулин цоги энергетикияб компанияги гIуцIизехъин. Гьебги гьезул хIукуматалъул нухмалъигун дандбараб хIукму рагIулин. КIиябго рахъалъ гьабураб къотIиялда рекъон гьеб цIияб компаниялъул 5I процент акциязул букIине рагIулин «МРСК» абураб гIуцIиялъухъ, 49 процент Дагъистаналъул хIукуматалъухъ. ХIалтIизе бокьун батани цереги хIатIулеб рукIараб къагIидаялъ хIалтейин гьел гьеб бугин жидер тIалаб, жидеца кумекцин гьабулин гьезул хIалтIуеян абулеб буго ГIали БахIандовас, амма гьоркьохъанлъиги гьабун цIиял компаниялги рагьун гьез гьабулеб жо мекъи бугин.

ГIали БахIандов: «Суал бачIунеб буго, буго гури Шималияб Кавкалде ток бикьа-къотIулеб идараялъул Дагъистаналда бугеб филиал, «Дагэнерго абураб. Жалго МРСК гIуцIи ккола токалъул транспортировка гьабизе тараб гIуцIи. ХIалтIеха байилбитIун, гьоркьохъанлъи гьабизе цоги компания гIуцIичIого. Гьединго суал бачIунеб буго киб гьеб компания хIебтIизе бугеб, гьелъул хIажалъабазухъ гIарац кьезе бугеб абурабги. Гьебин абуни ине буго халкъалъул кисиниса, гьезухъ бакIарараб гIарац ине буго гьенибе. Гьеб цо. КIиабизе босани, гьез абулеб буго гьеб компаниялъ лъикIаб хайир кьезе бугилан. Гъорлъе раккун хал гьабуни гьез абулеб бугеб хайиралъухъ, ва гьезул мурадалда хадур нилъги рилъани иш бачIине буго токалъухъ босулеб гIарац кIиго нухалъ цIикIкIиналде. Нахъойги тIадуруссан гьикъани, щайзе кваригIун бугеб гьеб кинабго?».

Гьеб гуребги гьеб компания рагьун хадуб гьез ток бикьа-къотIиялъул хIалтIиги гьеб бичги кIиябго цадахъ гьабизехъин бугин. Амма къануналъ гьукъун бугин гьединан хIалтIизеян абуна ГIали БахIандовас хадубги. Пачалихъалъ токалда хурхун гьабулеб хIалтIи бикьун бугин лъабго бутIаялде. Цояз ток гIезабулин, гьеб масъала тIубазабулин лъел элкетростаницияз, цогидаз ток бикьа-къотIулин ва лъабабилез гьеб бича хисиялъул хIалтIи тIубазабулин. Лъабабго цадахъ гьабизе лъиениги изну кьун гьечIин

Дагъистаналда чан гьединаб компания батаниги, киналго гьел гьоркьохъанлъи гьабун жидеего гIарац гьабулеб чагIи ругин, халкъалъухъа босулеб гIарацги цIикIкIинчIого хутIизе рес гьечIин гьенибилан абуна «Эркенлъиялъе», Унсоколо мухъалъул Рихьуниса жамагIатчи АхIмад ХIамзатовас.

АхIмад ХIамзатов: «Гьеб буго халкъалда тIаса тIом бахъизе тIадеги рагьулеб идара. Гьеб Дагъистаналда бугеб идаралъги, Паятигрскиялда бугеб гIуцIиялъги цогидазги буго кинабго хвезабун. Цолъизабураб Дагъистаналъул тока бикьа-къотIулеб гIуцIи щай букIине бегьулареб? Цоги цIияб идара тIаде бачIани токалъухъ босулеб гIарацали щай гурин, кинабго жо хиралъула. Дагъистаналда цо хIориниса цоги хIоринибе лъим чахизабуниги гIадатияв чиясдаса гьелъие хайир гьечIо. Жакъа хIисаб гьабе, Унсоколо мухъалъул Рихьуни бараб ГЭСалда гъоркье ана бищунго ракь лъикIал, нигIматал гьарзаял ахаралги, хурзалги. Гьеб ГЭСалъ абуни ток къватIибе кьолеб буго гьадингоял кепказде, гьанив дунго гIадал гIадамазе кIиго нухалъ цIикIкIун бичула гьез. Патигорскиялде гIунтIун токги къватIибе кьун гIадатиял мискинчагIи щай къварид рукIине кколел? Дагъистаналда ругелги Россиялда ругелги киналго токалдаса пайда босулел гIадамазул пикру буго гьеб. ХIакимзаби цIикIкIине къваригIун ратани, рачIаха киналго хIакимзабилъун рахъине, гьебиш мурад?

Шималияб Кавказалде ток-бикьа къотIулеб, Патиягорскиялад бугеб идараялъухъа комментариял щвезе чанго нухалъ къасд гьабуниги гьелъул хIасил ккечIо.