Ссылки для упрощенного доступа

Кутакаб гьороца "КАМАЗ" машинабицин регизаруна


Дагъистаналда кIиго къоялъ пулеб бугеб квешаб гьорое гIоло токги гьечIого хутIун руго щуго мухъалъул ва кIиго шагьаралъул гIадамал. Гьединго гьороца бачараб балагьалъул хIасилалда 30 гIан рукъалъул тIох босун ун буго, цо минаялъул балкон биххизабун буго. ЦохIо МахIачхъалаялда 10 ялдасагицин цIикIкIун автомобиль чухIизабун бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъги

29 ва 30 марталда Дагъистаналда гьоркьоса къотIулеб гьечIеб квешаб гьорое гIоло Тарумовка, Лаваши, ГIахъуша, Буйнакск, Бабаюрт мухъазул цо-цо росабиги, МахIачхъала Буйнакск шагьаразул цо-цо мухъалги ток гьечIого хутIун ругин, гьаб сагIат гьороца тIе-тIезарурал токалъул кварал къачIаялъе хIалтIаби гьарулел ругин лъазабулеб буго Дагъистаналъул гIорхъолъаарал ишазул министерлъиялъул вакилзабаз.

ЖабрагIил ГIалиев: «ГIорхъолъаарал ишазул министерлъиялъул дежурныязухъе гьоркьоса къотIичIого гIадамаз ахIун бачIунеб буго жидер ток сун бугин абун. Ахирисел баяназда рекъон кинабниги ток гьечIого хутIун буго щуго мухъалъул цо-цо росаби ва МахIачхъалагун Буйнакск шагьаразул цо-цо мухъалги. Кинавниги 13500 чи хутIун вуго ток гьечIого. МахIачхъалаялъул Сепараторный мухъалда, Ленинкент, Красноармейск, Семендер росабалъ ток ссун букIиналъ хинлъиги ва бухIараб лъимги къотIун буго. Дагъистаналъул гьава-бакъ лъазабулеб идараялъ нижехъе баян бачIун буго 30 марталъул къасиялде Дагъистаналда квешаб гьури дагьабги цIакъ кутаклъизе бугин, ралъдада 4-5 метралъ рорхатал карачелал рукIине ругилан. Гьединлъидал гIадамазе кумекалъе бокьараб мехалда къватIире рахъине бегьулеб хIалалъ хIадурун руго нижер хIалтIухъаби», - йилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул гIорхъолъаарал ишазул кризисалъулаб централъул бетIер ГIалиев ЖабрагIилица.

ГIалиевас гьединго баян гьабуна 30 марталда цохIо МахIачхъалаялдасан 10 ялдасаги цIикIкIун чияс ахIун бачIанила гьороца регизарурал гъутIбуз автомобилал чухIун ругин абун. Гьединго 14 чияс лъазабунила жидер тIох гьороца босун ун бугин абунги. Гьороца гьабураб гьеб балагьалъул хIасилалда хварав чи гьечIо ва лъилниги сахлъиялъе заралги ккун гьечIо. ГIорхъолъаарал ишазул министерлъиялъул вакилзабазул баяназда рекъон МахIачхъалаялда Тахо-Годил къотIноб бугеб минаялъул азбаралъуб токалъул хIубиги бегизабун букIун буго гьороца, дора-гьанир токалъул кварал тIе-тIезари гуреб тIокIаб гьедин хIубал регизарурал хIужаби ккечIин лъазабулеб буго гьез.

Гьороца МахIачхъалаялда бегизабун буго 50 ниги гъветI.

Гьединго 30 марталъул радал МахIачхъалаялъул ХIажиевасул къотIноб бугеб I56 минаялъул цо балкон тIун бачIана. Рукъалъул бетIергьабаз абулеб букIана гьелъие щибниги къварилъи букIинчIила, гьеб гьороца биххизабунилан. Амма гIорхъолъаарал ишазул министерлъиялъ ва шагьаралъул адмиинистрациялъул бакIал ралеб бутIаялъул махщалилаз чIезабуна гьеб басрияб балкон букIиналъ тIун бачIанилан, тIубан гьороца гьеб биххизабизе рес букIинчIила, амма гьелъие саламатаб жагъаллъи гьабун батизе бегьулин гьелъилан.

Гьединго МахIачхъалаялъул къватIалъ гьеб кIиябго къоялъ боржахъунеб камураб жо букIинчIо, къватIахъ реклама тIад чIвалел кIудиял хъарщаздаса бахъараб тIохда кколеб маххул чIахIи-чIахIиял кесказде гIунтIун гIемераб жо букIана гьаваялде бахъун. Кинабниги I5 реклама тIад чIвалеб хъарщи тIезабун бугин гьороцайилан лъазабулеб буго МахIачхъалаялъул коммуналиял хъулухъазул вакилзабаз.

Нухдасан унел ругел автомобилалцин хьвагIелаго инел рукIанин, гьури пулеб рахъалде цIалел рукIанин гьелиланцин хъвадарилел ругоан социалиял сайтазда цо-цоял.

Гьедин гьороца бегизабун буго МахIачхъалаялдса Буйнакскалде унеб шагьранухтIа кIудияб, юк баччулеб КамАз автомобильгицин. Автомобилалъе ва гьеб бачунев вукIарасе кIудияб къварилъи ккун гьечIоанин бицана «Экренлъи» радиоялъе гьеб лъугьа –бахъиналъул нугIулъун вукIарав ГIалиев Саламбекица.

ГIалиев Саламбек: «Нухлул рагIалдехун бачунеб мехалда гьеб кIудияб юкбаччулеб автомобиль гьороца цо рахъалдехунги гьетIизабун бегьана. Буйнакскалъул габурлъуда ккана гьеб, дир Приора автомобильги гьороцо добе-гьанибехун цIалеб букIана, амма Камаз гьелъ бегизабилин киданиги ккелароан. Гьеб бачунев вукIарав чиясеги щибго къварилъи ккун гьечIоан. Автомобил дагьаб гьетI-гьетIун букIана. Бачунев вукIарасги абулеб букIана свери босихъин вукIанила жив, гьедин нухлул рагIалдехун къанила дагьав, гьениб гьороца бегизеги гьабун дагьаб хъущтIунгицин анила автомобилилан».

Гьел гIорхъолъаарал ишал ккун зарал ккарал автомобилазул страховка бугони гьезие рецIалил гIарац щолищин цIехана «Эркенлъи» радиоялъ страхованиялъул агентлъун хIалтIилев вукIарав МахIачхъалаялдаса Рамазанов Султанида.

Султан Рамазанов: «Гьел гIорхъолъаарал ишазул хIасилалда зарал ккарал автомобилазе цохIониги страховкаялъул гIарац щоларо. Бищун лъикIабги хириябгийин рикIкIунеб Каска страховка бугел чагIазецин щоларо гьеб, гьез автомобиль бикъун ани, бухIанигицин кьола рецIадул гIарац, гIорхъолъаарал тIабигIиял ишазул хIасилалда ккараб зарал бецIуларо. Гьединлъидал нилъеразе тIаде гъветI бегунин автомобилалдейин абун щибго бецIуларо. Хасго нилъер гьаниб Каскани киб гурин гIадатияб страховкагицин гьабуларо гIадамаз».

Дагъистаниязул божилъи букIунарила гьеб страхованиялъул компаниязде, полициялъ тIалаб гьабуле букIинчIебани бищунго гIадатиябгицин гьеб нилъер гьаниб гIемерав чияс гьабилароанилан рикIкIунеб буго Султаница.

XS
SM
MD
LG