Ссылки для упрощенного доступа

Росабазе субсидиял риччалел руго


Росулъ ругел гIадамазул рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIлъизаризе Россиялул тIалъиялъ биччараб гIарцул бищун цIикIкIун къадар кколеб буго Дагъистаналъе. Росаби церетIезариялъе гIарац кигIан биччаниги хIасил букIинарин, гьенир гIадамазе гIумру гьабизе ва хIалтIизе ресал гьечIониян абураб пикру загьир габулеб буго социологас.

Росаби церетIезариялъе бихьизабураб федералияб программаялда рекъон, Россиялъул тIалъиялъ Шималияб Кавказалъул регионазе кинабниги 750 миллион гъурущ бихьизабун бугин, гьелда гьоркьосан бищун гIемер гIарац биччалеб бугин Дагъистаналъейилан лъазабулеб буго «REGNUM» сайталда.

Гьедин, росабалъ ругел гIадамазул рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIлъизариялъе ва гIолохъанал специалистал росабалъ чIезе рукIиналъе харж гьабизе биччалеб буго 80 миллион гъурщидаса цIикIкIун гIарац.

Гьеб федералияб программа хIалтIизе байбихьана 2014 соналдаса бахъун, 2017 соналъ рагIалде бахъунеб букIараб гьелъул болжал 2020 соналде щвезегIан халатбахъинабулеб буго. Араб соналъ программаялда рекъон, федералияб бюджеталдаса Дагъистаналъе бихьизабун букIана 500 миллион гъурщидаса цIикIкIараб гIарац, гьеб щибаб мухъалда бикьана. Масала ЦIунтIа мухъалъе 2014 соналъ гьеб программа гIумруялде бахъинабизе бихьизабун букIана 4 миллион гъурущ.

ГIаммаб куцалъ, программаялда рекъон, Дагъистаналда рагьанин 12 медпункт, ай азархана гьечIеб росулъ балеб медикияб кабинет, бачанин лъим, ранин лъималазул ахалин лъазабулеб буго «Дагсельстрой» гIуцIиялъул хитIабалда. Гьединго, жидерго рукъ гьечIел гIадамазе ва росулъ чIарал специалистазе мина-рукъ баялъе риччанила субсидиял.

Гьеб субсидиялъул къадар кколин 400 азарго гъурущ, амма гьебги киназего щвезе рес гьечIин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар абизе бокьичIев чияс.

Гьес росулъ балеб буго мина, программа букIин рагIидал жинца хIажатал документал ракIаранила, амма батIи-батIиял гIиллабаздалъун гьеб иш рагIалде бахъунеб букIинчIила, хIасил калам, хIакимчагIазул чвантинибе бащалъиги ун, 200 азарго гъурущ щванила жиндие гьеб гIарцул. ТIубан щваниги, жакъа бугеб экономикияб ахIвал-хIалал хIисабалде босун, мина базе хIажаталъул бащалъицин щоларила гьеб гIарцуде.

Росабалъ гIадамал чIезе ва церетIезе кканани гьенир гIумру гьабиялъул шартIал ва хIалтIул бакIал чIезаризе ккелин, кигIан гIарац биччаниги гIарцуца гьеб лъугьунарин абураб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда социологог Загьид ГIабдулагатовас. Гьес баян гьабухъе, жакъа Дагъистаналда росулъ гIумру гьабун чIаразеги хIалтIи гьечIо ва гьел бетIербахи гьабизе жоялда хадур цогидал регионазде унел руго.

Загьид ГIабдулагатов: « Росабалъ ругел социалияб кIваралъул объектал руго цIакъго басриял, цIигьарун рарал абуни, кколел шартIазда ран гьечIо. Масала, росабалъ ругел культураялъул рукъзал цIигьарулел руго жакъа, гьенибе биччалеб буго гIарацги, амма Советияб заманаялъ гьел бакIазде гIолилал рачIун, гьелгун хIалтIи, эркенаб заман тIобитIи букIунеб букIун батани, жакъа гьеб гьечIо, гьел яги тIуран къан, яги цо хасал чагIаз хIалтIи гьабулеб бугилан абун руго.

Нухазул босаниги, лъел босаниги, гьебго хIал буго. Масала, Гъаякент мухъалъул Усимикент росулъ цIияб авал баккун буго, нусгоялдаса цIикIкIун мина буго гьениб. Гьенибе лъим, ток ва газ гIадамаз жидецаго бачана, тIалъиялъ щибго гьабичIого, гьебго хIал буго росабалъе инчIого МахIачхъалаялъул сверухълъиялдаги. КигIан гIарац биччалеб букIаниги, социалилял шартIал гIадамаз жидерго ресалъ чIезарулел руго.

Жакъа Дагъистаналда тIибитIун бугеб ришватчилъиги хIисабалде босун, дида абизе кIола, гьеб гIарцул лъабил бутIацин гIадамазе щвеларин, хIакимчагIазул чунтбухъе ун».

Росабалъ школа ва азархана тун,батIияб хIалтIизе бакI гьечIила. ГIи-боцIи хьихьун, хур-ахалдаса бетIербахъи гьабулелги ратилила цо бутIа, аслияб бутIа гIадамазул, бетIербахъи гьабизе жо балагьиялъе, унел ругила батIиял регионазде.

Гьедин, риидалил заманаялъ къватIире хIалтIизе ин тIагIун букIанила Советияб заманалда, 1990 соназдаса байбихьун гьеб цIилъун бугила Дагъистаналдайин баян гьабуна экспертас.

Кинаб букIаниги суал гIарац бччан тIубазе лъугьин кколила бищун пайда гьечIеб къагIида, гIадамасе гIарац жинцаго хIалтIун балагьизе шартIал чIезаризе кколила хIукуматалъ.

XS
SM
MD
LG