Ссылки для упрощенного доступа

Америкаялда исламофобияб риторика


Америка-Бостоналда бугеб мажгит, 26Aпр2013
Америка-Бостоналда бугеб мажгит, 26Aпр2013

Америкаялъул гIадамаз хIаракат бахъулеб буго Бостоналда 15 апрелалда щиб ккарабали ва кIиго этникияв чачанас гьенир кьвагьиял гьариялъе букIараб гIилла лъазабизе. Гьеб киналъго жамгIияталда исламофобияб риторика цIикIкIинабулеб буго, амма гьебго заманалда рагIулел руго сабру гьабизе ахIулел гьаркьалги.

Бостоналъул кьвагьияздаса хадуб Америкалда цо-цо бакIаздаса рагIулел буго исламофобияб риторика, гьебго заманалда цогияз ахIулел руго сабру гьабизе ва гIодоре риччан щиб ккарабали лъазабизе.
Эрик Раш абулев чияс Бостоналда кьвагьиял ккараб ва гьел гьариялда щаклъи бугел жеги щалали лъалареб мехалда социалиял сайтазда хъван букIана гьеб СагIудиязул ГIарабиялдаса чагIаз гьабураб батизе бегьулин.

Twitterалда цоги чияс гьесие жавабалъе хъван букIана дуца бачIинахъего бусурбабазда щайин гIайиб гьабулебан. Гьеб мехалда Рашица хъвала: «Гьел киналго балагь буго. РачIа гьел киналго чIвазе»,-ян.
Хадусан гьес абун букIана гьеб сарказм букIанин.

22 апрелалда, кьвагьиял ккун анкьидасан америкалъул конгрессменлъун вукIарав Джо Уолшица MSNBC абулеб цIиял харбазул каналалъе лъазабуна гьадин:

Джо Уолш: «Нилъ руго рагъда. Гьелъул хIакъалъулъ араб анкьалда гьаб улкаялда цIидасан ва кьварун ракIалдеги щвезабун букIана. Иммигрантал улкаялде риччаялъулъ лъалхъен гьаби гуребги нилъеца чIезабизе ккола гьеб рагъулъ нилъер тушман щивали: бусурбаби-гIолохъаби».

2001 соналъул 11 сентябралда рукIарал терактаздаса хадуб Нью-Йоркалъул полициялъ хал кколеб букIана киналго бусурбабазул авалазда хадуб. Бусурбабазул ва цоги этникиял жамгIиятазул тохаллъи гьабулеб букIана ФБРалъги.
Къануналде данде кколареллъун гьел тадбирал какулел гьаркьалги рукIана рагIулел, амма нухмалъиялъ лъазабун букIана миллияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда гьабулеб хIалтIи бугин гьебан.

26 апрелалда конгрессмен Дана Рорабахер кIалъана Конгрессалъул Комитеталда рукIарал гIенеккиязда. Гьезул тема букIана: «Чачаналъ исламияб экстремизм: Америкалъул территориялъе хIинкъи» абураб. Жиндирго каламалъул ахиралда гьес абуна нилъ киналго лъимал чIвазе гIадамазе мотивация кьолеб диналде данде къеркьолел рукIинада хьул бугин жиндирин.

Бусурбаби хIинкъизарулеб исламофобияб риторика цIукIкIунеб бугебгIан заманалда Америкалда гIумру гьабулел бусурбабазул идарабаз хIаракат бахъулеб буго исламофобия какизе.

Насер Виддади ккола Бостоналъул бусурбабазул Исламияб конгрессалъул нухмалъулев. Гьеб идараялъул хIалтIи хурхараб буго конфессиязда гьоркьоб бичIчIи цIикIкIинабиялда ва инсанасул ихтиярал цIуниялда.
Гьесул рагIабазда рекъон, гьанже цIилъараб риторикаялъулъ халлъулеб буго 2001 соналъул 11 сентяралдаса нахъе Америкалда бусурбабаз гIумру гьабизе ккун букIараб модель.

Насер Виддади: «Щибаб нухалда терроризмгун хурхен бугел ишал лъугьараб мехалда яги такъсиразул бусурбабазулгун хурхен бугеб мехалда цIикIкIуна исламофобия. Гьеб цинтIаго бижун бачIунеб жо гуро, щайгурелъул гьанир руго бусурбабаз гIумру гьабулел ва гьел потенциалиял террористаллъун рикIкIине хIаракат бахъулел хасал авалал» .

Амма Виддадица абулеб буго гIадатиял гIадамазул ва пачалихъиял хъулухъчагIазул рахъалдасан ахираб заманалда жидер ракIал гIодоре риччазарулел харбалги рагIизе байбихьанин жидедайин.
Гьес абуна жив вохарав вугин цIикIкIунисел американияз батIа росарал цо-цо гIадамазда ва тIубарал жамгIиятазда гьоркьоб батIалъи гьабулеб букIиналдасайин.
Гьелдаго релъарабгIадаб лъазаби гьабуна 18 апрелалда президент Барак Обамацаги.
«ВахIщилъиялдаса цебе нилъеца бищулеб буго гьудуллъи, бищулеб буго рокьи»,-ян

Альмут Роховански ккола Нью-Йоркалда чачаназул адвокатазул сайт гIуцIаразул цояй. (www.chechnyaadvocacy.org).
Гьелъ абуна кьвагьияздаса хадуб жидехъе рачIунел ругин рахъ кквеялъул ва ракIал гIодоре риччаразиялъул магIнаялъул кагътал ва жинца гьел интернеталдаги лъолел ругин.

Альмут Роховански: «New York Timesалда» букIана гьадинаб макъала www.nytimes.com/2013/04/22/us/chechens-in-us-feel-exposed-and-embarrassed.html?pagewanted=all&_r=0 . Гьелда бицен гьабулеб букIана Америкалда чачаназ гIумру гьабулеб бугеб куцалъул. Гьеб макъалаялдаса хадуб байбихьана нижехъе кагътал ва къокъал лъазабиял рачIине. Гьезда абулеб букIана гьадин: «Нилъ руго американиял, ниж руго нужер гьудулзаби. ХIинкъуге. Нижее бокьун буго нужгун дандчIвазе. Нижер улкаялде нуж рачIиналдаса ниж рохарал руго. Нижеда лъала дагьаб цебегIан ккараб хIужаялъ нужер ракIал кин хвезарурали ва кин нуж гьелдаса нечон ругелали»,- абун. Дица гьеб лъазаби Facebookалда лъуна https://www.facebook.com/groups/567170009970527/567477189939809/?notif_t=like . ГIемерал чачанал разиял рукIана гьединал лъазабияздаса».

Америкалда гIумру гьабулев вугев ва цIар бицине бокьичIев гIарабас абуна Эркенлъи Радиоялъе жинда кколин улкаялда 11 сентябраладса нахъе гьабулебщинаб теракт гьаб улкаялда телерантносталъе гьабулеб тест бугин.

Ричард Солаш
XS
SM
MD
LG