Гьениса къватIие Зубейдат Царнаева ячIиналъухъ халккун букIана гьез. Цинги бакъанидаса хадур рикьа-риххизе байбихьана гьез. ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалда хIалтIулел лъале-хъвалез цо-цо журналистазда лъазабун бугоан Зубейдат ФСБялда гьечIин, гьей цогидаб кавудухъан анин къватIие. Амма гьеб ургъунго журналистал къосинаризе бицунеб хабар батилинги абун, цогидал журналистал гьенирго чIана.
Бостоналда теракт гьабиялда щаклъи бугев Тамерлан Царнаевасул эбел Зубейдатилгун кIалъай гьабизе МахIачхъалаялде рачIун руго Америкаялдаса ФБР хъулухъалъул вакилзаби. Гьел 23 апрелалдаго рачIана. Рокъореги рачIун Зубейдат ячун унеб мехалдаги журналистаз хIалбихьулеб букIана гьелда Тамерланил хIакъалъулъ гьикъизе. Гьелда данде гIицIго «Тамерлан лъикIав бусурбанчи вукIана» ян гурони абун бажарун гьечIо гьелъухъа.
Царнаевазул эбел-инсулгун, гьезул гIагарлъиялъулгу
Хеда Саратова ккола Чачаналдаса инсанасул ихтиярал цIунулей. 24 апрелалда гьелъги Царнаевазул цогидаб гIагарлъиялъги пресс-конференци
Хеда Саратова: «Гьадинаб ахIвал-хIалалде ккарал чагIи хIисабалда гьел ричIчIизе ккола, амма цоги рахъ босани, гьез жидедаго тIаса чи гьукъизе бегьулароан, гьикъа-гьикъараз
МахIачхъалаялде рачIарал ФБРалъул вакилзабазе къваригIун буго гъоркьисала риидал Дагъистаналда Тамерлан Царнаев щиб гьабулев вукIаравали лъазе. Цо-цо баяназда рекъон, гьев хьвадулев вукIун вуго Котровасул къотIноб бугеб мажгиталде. Гьенире аслияб куцалда радикалал хьвадулин абураб пикру буго низам цIунулезул.
Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда мадугьалзабазги гIагарлъиялъги абулеб буго Тамерлан рукъ-бакI къачIазе инсуе кумек гьабулев вукIунаанила.