Гьеб гимналъул тексалда хIалтIизарун руго архаизмал ай цебе заманалда хIалтIизарулел рукIарал рагIаби. Бакъаналъ абуни ракIалде щвезабулеб буго немцазул миллияб гимн. Къокъго абуни, релъунеб буго частушкаялда.
Гьединал руго гимналъе интернеталда кьурал цо-цо къиматал.
ТIоцебе гьеб гимн биччан букIана Думаялъул данделъиялда 11 июналда Россиялъул Къо абулеб байрамалда цебе.
Гьеб ахIун букIана 75 сон барав эстрадалъул кочIохъан Иосиф Кобзоница. Советияб заманаялда машгьурав кочIохъанасда щаклъи букIана гIуцIараб такъсириял къукъабазулгун бухьен букIиналъул, гьанже абуни, гьев вуго Единая Россия партиялъул рахъалдасан Думаялъул депутат.
Думаялъул спикер Сергей Нарышкиница абуна гьанжесеб гимналъул мурад бугин паччаясул заманалдаса байбихьун тарихияб ирс цIуниян. Тiоцебесеб пачалихъияб Дума гIуцIун букIана 1906 соналда.
Сергей Нарышкин: «Бакъан хъван буго ВатIаналъул классикияб бакъанал хъваялъул бищунго лъикIал къагIидабиги цIунун. Тексталда загьирлъулеб буго цебе аралъулгун гьоркьоб къотIи гьечIеб бухьен, демократиялъул ва эркенлъиялъул хазинаби, улкаялъул парламенталъул традициял цIуни ва узухъда, улкаялъул кIодолъи. Гьеб буго 1990 соналда даимго букIинелъул тIадбуссараб Россия».
Жибго гимн гьабиялдеги гьелъул тексталдеги дагьал тIасан кIалъаял рукIинчIо интернеталда.
ЖЖ-ялда «ivanpodeda» абулеб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерасул кIудияб дагIба буго гимн байбихьулел «Дуе халкъалъ тIаса вищарасе, Русалъ бетIер къулел буго» абурал рагIабазда.
«Гьеб ахIмакълъи буго. Гьелда лъезе тIокIаб батIияб цIарго батулеб гьечIо дида. Гьел дица рищарал чагIи гуро, рищун рукIараниги гьезул цонигиясе дица бетIер къулизе букIинчIо. Дида ккола диргун гьеб пикру гIемераз къабул гьабилин. Гьеб буго гIантаб, тIад релъизе бачIунеб, абсурдияб гимн».
Гьедин хъвалеб буго «ivanpodeda» абулев блогерас ва кьолел руго 2011 соналъул декабралда Думаялде рищиял тIоритIулаго гьарун рукIарал гIемерал фальсификациязул бицунел макъалабиги.
http://ivanpobedaphoto.livejournal.com/50396.html
Кобзоница ахIулеб кечI лъураб YouTube сайталъул гьумералда кьолел руго нормативияб гуреб лексикаги хIалтIизабун комментатораз хъварал альтернативиял гимназул тексталги.
ЖЖ-ялда хъвадарулев Михаил Денисов ккола музыкант ва блоггер. Гьес абулеб буго гьеб гимналъул бакъаналъ ракIалде щвезабулеб бугин немцазул миллияб гимнин. «Гьанже кколеб буго Пачалихъияб Думаялъ Deutschland Uber Alles гимналъул бакъаналъе плагиат гьабун бугин», -абун хъвалеб буго гьес. «Deutschland Uber Alles» 1922 соналдаса нахъе букIана Германиялъул гимнлъун. Гьеб букIана фашистазул Германиялъул гимнлъунги.
Худуб Германия сундасаго тIадегIанаб буго абурал рагIаби гьениса нахъе рахъун рукIана шовинизмалъул гIаламатал загьирлъулел ругин абун.
http://denissoff.livejournal.com/329718.html?page=7
Денисовас хъваралъе жаваб хIисабалда Кобзоница лъазабуна журналистазе «Интернеталда рукIунел ва блогал цIалулел гIадамал идиотал ругин».
ХIакъикъаталдаги гьеб гимналъул бахъанлъун босун букIана 19-20 гIасрабазда вукIарав гIурус композитор Александр Глазуновасул бакъан. Гьев вукIана машгьурав пианист Дмитрий Шостаковичасул мугIалимлъунги. Гимналъе рагIаби хъван рукIана поэт Николай Соколовас ва гьел тIоцебе басмаялде рахъун рукIана 1906 соналъул 27 апрелалда. Пачаясул Дума рагьараб къоялда.
Гьеб цебесеб гимн цIигьабиялъулъ аслияб кIвар букIана Нарышкинил. Парламенталъул къо хIисабалда кIодо гьабулеб 27 апрелалда Нарышкиница цебесеб гимн бикьун букIана киналго депутатазе ва Кобзоница цIияб гимн хIадуризе букIиналда хIулги загьир гьабун букIана.
http://www.mk.ru/politics/news/2013/04/26/848009-kobzon-zapishet-gimn-dumyi-obraztsa-1906-goda.html