«Справедливая Россия» партиялдаса Пачалихъияб Думаялъул депутат Олег Михеевасул пикруялда, эфиралъул 70 процент букΙине кколеб буго позитивияб магΙнаялъул. Оптимизм жиндилъ гьечΙел цΙиял харбазе тезе кколин гΙицΙго 30 процентин, риккунеб буго инициативаялъул авторас. Гьелдаго цадахъ гьес абулеб буго, гΙорхъаби чΙезаризе кколин гьединго вахΙшилъи гъорлъ бугеб телеэфиралъеги. Депутатасул рагΙабазда, гьес гьанжеялдего гьединаб къануналъул проект хΙадур гьабун буго ва гьанже гьеб гьоркьоб лъолеб рагΙула профилалъул комитетазда ва министерлъиязда.
Депутатасул рагΙабазда гьеб кколеб гьечΙо информаалатазе цензура чΙезаби. «-Гьеб ккола информациялъул алатазда гΙадамал чороклъиялдаса цΙуниялъе гьабулеб гали». – ян лъазабун буго гьес информаалатазе комментариял гьарулаго.
Дагъистаналдаса машгьурав тележурналист ГΙабдулмуъминов Мурадил пикруялда, гьединал гΙорхъаби чΙезариялъул бакΙалда, улкаялъул нухмалъиялъ дагьлъизаризе ккола гьединаб квешаб информациялъе багьанабазе шартІал.
ГΙабдулмуъминов Мурад: «Гьеб инициатива махсароялда релъараб буго. Цебелъей гьабизе бегьула страусалъ гΙадин бетΙер салулъ къазабиялъул. Берал къани жал рихьуларин кколел лъималазде гΙадин абизе бегьула берал къаянги. Негативияб информациялдаса гΙадамал цΙуниялда хурхараб инициативаялдаса хΙинкъи кΙудияб буго, мисалалъе, позитивияб информациялдаса гΙадамал цΙуниялъул инициативаялдасанги, гьединаб букΙарабани. Квешаб жоялдаса чи цΙунизе къваригΙун бугони, гьесие бищунго тΙоцебего къваригΙунеб жо ккола гьеб квешлъиялъул хΙакъалъулъ информация. ЛъикΙаб жоялдаса чи цΙунизе кколев вукΙарабани, гьелъие гΙолаан лъикΙаб жоялъул хΙакъалъулъ гьесда лъазабичΙого тани. Гьелъул хΙассил баянаб бугоха.
Дир пикруялда, гΙадамаз жидецаго бищизе ккола, кинаб информациялдаса пайда босилебали. Гьединал инициативаби ккола нилъер къанунал рахъулез жидедасаго халкъалъе пайда букΙин бихьизабиялъе гьарулел галаби. Гьеб къагΙидаялдани, бахъизе бегьула къануназул мегΙер.
Дида ккола, Пачалихъияб Дума дускуссияби рукΙине бегьулареб бакΙалде буссун хадуб, пуланал хиса-басиял кканин жамгΙияталдаги, гΙадамазул бербалагьиялдаги. Гьанже жамгΙиятьалда жаниб щиб букΙаниги камун бугони, нилъеца гΙамал гьабулеб буго, гьеб гьелъулъ бугебгΙадин бихьизабизе. Чанго соналъ цебе Алжиралда дица лъай-хъвай гьабун букΙана Шималияб Кореялдаса чΙужугΙаданалъул. Дие бокьун букΙана гΙадатияб къагΙидаялда гьелъухъа электронияб адрес босизе. Кисса гьей йигей ракΙалде щун, гьикъана, нужер интернет бугищ абун. Долъ абуна, жидехъ гьеб цΙакъ гΙемер бугин.
Парламенталда дискуссияби гьечΙолъиялъ рачунел руго комикиял ситуациязде. Гьезие ратулел руго чанги магΙна гьечΙел темаби, загьир гьарулел руго магΙна гьечΙел инициативаби. Гьединаб къагΙидаялда зарал ккезабулеб буго улкаялъе."
Гьанже информациялъул алатазда Михеевасул инициативаялъе къимат кьолаго, журналистаз абулеб буго гьелъул авторас нахъ чΙвалеб букΙаниги, гьеб кколин унго-унгояб цензураялъул элементин. Гьелъ нилъ дагьалъги аскΙоре рачунин информалатазда рагΙул эркенлъиялъе гΙорхъаби чΙезариялдеян.
Телерадиоинструиялъул вакильзабазул миллияб ассоциациялъул президент Эдуард Сагалаевас лъазабун буго информаалатазе, гьединал суалазул регуляция гьабулеб къанун къабул гьабизе бегьуларин. Гьеб кколин этикаялъул сфераялда бугеб суалин. Къанунал рахъулез гьединаб рахъалде асар гьабизе хΙалбихьулеб мехалда, гьеб цензураялде буссунин.