Ссылки для упрощенного доступа

Лъел кубалъул багьа: МахIачхъалаялда 5 гъурущ; Дубкиялда - 35


Дагъистаналъул Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, гьекъолеб лъим гIолеб гьечIо Буйнакск, Хасавюрт, Дербент, Гъизляр, Избербаш, Каспийск шагьаразда. Гьединго гъоркьанкьида гьеб идараялъ гьарурал цIех-рехаз бихьизабун буго хIабургъараб лъим гьекъолеб бугин МахIачхъалаялдагун Каспийскалда ва Лак мухъалда. Лъеда гъорлъ химиялъул жал цIикIкIун ругин Хьаргаби, Гъуниб ва Болъихъ мухъазда.

Гьеб суал гьоркьоб лъун букIана гьал къоязда республикаялъул жамгIияб палатаялъги. БакIал раялъулгун, архитектураялъул ва рукIа-рахъиналъул министерлъиялъул вакил Мавлудин Мусаевас абуна 60-70 соназдаго рачарал лъел рогIрал ругин жакъа къоялдаги хисичIого. Гьедин 75 проценталъ басралъун ругин гьел.

Гьеб масъала бихьизабизе бегьула Казбек мухъалъул Дубки росдал мисалалдалъунги.

Жидее бищун кIудияб къварилъи гьекъолеб лъел бугин бицана Дубкиялъул бегавул ГIайнудин Абакаровас. Гьениб аскIоб буго Дагъистаналда бищунго кIудияб гьекъолеб лъим жаниб цIунараб ЧIикIаб хIор. Гьедин биххун тIатIала кколеб бугеб Дубки росулъе, кутакалда тIабигIат берцинаб бакIалда букIаниги, цониги инвесторги вачIунев гьечIо. 15 хIукуматалда жиндирго рукъарулел фабрикаби ругев инвестор вачун вукIанин жинца гьениве, амма лъим чIезабизе захIмалъулеб букIин лъайдал, гьес гьениса нух босанилан бицана ГIайнудин Абакаровас.

ГIайнудин Абакаров: «ГIемертIалаял минаби лъим гьечIого тIураларо. Хасго ясли-ахалъе, школалъе буго къварилъи. Цо-цо заманалда школа къаялдецин ккола иш. Нагагь эпидемия-жо багъарани, гъолъул жаваб лъица кьелеб? Къайин абула дица директорасда.

ЭР: «Сунда бан тун бугеб гьеб суал тIубачIого?»

ГIайнудин Абакаров: «Энергетиказ нижер росу баралдаса нахъе бугеб проблема ккола гьеб. Советияб заманалда хIукуматалъул гIарцухъ кьабулаан гъоб хIорихъа тIаде (росулъе) лъим. Цинги заман хисана, жибго Дубки росуги цин Гъизилюрт районалде, цинги Казбекалде кьун, поселокалъул масъалабазул цоцаде тIами гьабулеб букIана. Гьанже гьоркьоса къотIичIого сордо-къоялъ гьениб лъим чIезабизе ккани, хIажалъулеб буго 34 млн гъурущ. Гьелда цадахъго Дубкиялда суалал руго канализациялъул, электроэнергиялъул, газил. Советияб заманалдаса нахъе квер хъван букIун гьечIо гьениб, гьединлъидал киналго кварал, рогIрал турун, тIатIала ккун руго. Гьединал чIахIи-чIахIиял проблемаби руго Дубкиялда».

Гьедин пачалихъалъ квербакъичIого жибго гьеб росдахъа тIубан бажарулеб суал гурин бицана ГIайнудин Абакаровас. Щайгурелъул магIарда тIад бугеб росулъе гъоба хIорихъа тIаде лъим кьабизе кIолеб техника хираго бугила, гьединаб бюджет росдал гьечIила.

ЦIидасан лъим бачине ккани, хасаб программаялда рекъон проект бахъизе кколеб буго. Амма гьеб бахъаралъухъ кьезе ккола гIарац. Гьеб гIумруялде бахъинабизеги кьезе ккола гIарац. ПалхIасил, кинабниги 150 млн гъурущ къваригIунила гьелъие.

Амма Казбек мухъалъул бюджеталъулгицин рес рекъоларин букIине кколеб куцалда Дубкиялда лъел суал тIубанилан бицана ЭР-ялъе ГIайнудин Абакаровгун ниж кIалъалеб мехалда аскIов вукIарав Казбек мухъалъул нухмалъулев ХIажимурад Мусаевас.

ХIажимурад Мусаев: «Республикаялъул яги федералияб даражаялъул цо кинаб букIаниги программаялда гъорлъе ккезабизе кIоларищали хIал бихьизе ккелаха. Кутакалда багьаяб жо буго гьеб лъим гъоркьа-тIаде (ЧIикIаб хIорихъа Дубкиялде) кьаби. 530 метралъ эхеде кьабизе ккола гьеб. Насосазул анлъго станция буго гьениб. Гьенир хIалтIулел чагIазе кьезе гуребги, жибго техника цIигьабизеги хIажалъулеблъидал батанщинаб гIарац».

Гьедин МахIачхъалаялда лъел цо куб 5 гъурщиде чIолеб батани, Дубкиялда гьелъул багьа 35 гъурщиде бахунеб буго.

Дагъистаналда гьекъолеб лъим цIуниялъул рахъалъ къанун бахъизе кколин лъазабун букIана моцIалъ цебе инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Умупазил ГIумаровалъ. 2012 соналда дандеккун, 2014 соналда кIиго нухалда цIикIкIун ругила лъим чороклъиялъул хIужаби. БукIине кколедухъ цIуна-къан гьечIила балкан букъарал бакIал, гIемерлъулеб бугила лъелъе балеб рищни-къул.

XS
SM
MD
LG