Россиялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ къватIибе биччараб онкологиял унтабазул картаялда Дагъистан буго цебесеб кьерда. Щибаб соналъ гьеб унтиялъ унтаразул къадар республикаялда тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIин бихьизабулеб буго рехсараб министерлъиялъул сайталда кьураб информациялда.
Гьелъие мухIканаб гIилла кинаб бугебали лъазе кIолеб гьечIоян тIадеги жубалеб буго. Амма Каспиялъул экологияб институталъул нухмалъулев, профессор ГIабдурахIманов Гъайирбегил пикруялда рекъон онкологиялъ унтаразул къадар бараб буго экологиялда. ГIаммаб къагIидаялъ Дагъистаналда экологиялъул ахIвал-хIалалда хурхун Эркенлъи радиоялъул мухбирас кьураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьуна:
ГIабдурахIманов Гъайирбег: «Дагъистаналда кинаб ахIвал-хIал бугеб абун цIехани, официалияб къагIидаялъ, хIукуматалъул даражаялда гьелъие къимат кьурал документал гьечIо. Руго дица нухмалъи гьабулеб Каспиялъул экологиялъул институталъ гьарурал анализал. Экология лъикIаб гьечIолъиялъе бищунго цIикIкIун нугIлъи гьабула батIи-батIиял унтаби цIикIкIиналъ.
Дунялалда киса-кибего лъалеб хIужа буго, 70-80% унтаби рарал руго хашаб экологиялда. Россиялъул сахлъи цIуниялъул министерствоялъул ва Москваялъул пачалихъияб университеталъул баяназда рекъон, Россиялъул Европаялъулаб бутIаялда Дагъистан буго бищунго унтараб регион.
Гьелъ бихьизабулеб буго экологияги гьаниб бищунго хашаб букIин. Гьеб гуребги, нижер лабораториялъ гьаруна республикаялъул ращдаздаса цIикIкIун районазда хIалбихьиял. Аслияб къагIидаялъ хIалбихьана гьекъолеб лъел.
Мисалалъе, Гъизляр мухъалда, цо-цо гIадамаз гъекъолеб лъим бугел иццазда лъелъ букIине бегьулелдаса щуазарго нухалъ цIикIкIун батIи-батIиял загьруял элементал руго, 250 нухалъ бегьулелдаса цIикIкIун буго чIабатI.
ГIадамаз лъим гуро, загьруяб лъамалъи гьекъолеб буго. Гьединал районазда руго рищун гIемер ракалъ унтарал гIадамалги. Гъизляр ва Тарумовка мухъазда цIолбол ахал гьаризеян химия хIалтIизабулеб букIиналъ батилин тезе бегьулаан. Амма гьединабго хIал буго мисалалъе Кули ва Лак мухъазда. Гьелда щиб цIар тезе кколеб? Нахъойги лъел анализ гьабурабго гьел мухъазда батана кIудияб къадар фенолалъул».
Экологиялъул рахъ цIакъго хашаб хIалалда букIиналъе нугIлъи гьабулеб буго цохIо онкологиялъул рахъалъ гуреб, цоги батIиял унтабазул рахъалъги Дагъистан цебесеб кьерда букIин.
Мисалалъе, Москваялъул кIиабилеб медицинаялъул институталъул мугIалим, профессор Левитина Светланал гIелмияб макъалаялда кьурал баяназда рекъон, Дагъистаналда руго цIакъ гIемер ракI унтарал ва цоги жанисеб ургьимесалъул унтаби ругел гIадамал руго цоги регионазда данде ккун.
«Унтабазул картаялъухъ балагьарабго захIмат буго мухIканго абизе сунда бараб бугеб кинаб бугониги регионалда хасал унтаби цIикIкIиналъе гIилла. ЦохIо экологиялда бухьинабизе бегьула» - абун хъвалеб буго гьелъ макъалаялда. Гьелъие нугIлъи гьабула кIудиял шагьаразда хашаб экология бугеб бакIалда унтаби цIикIиналъ абун бицунеб буго ГIабдурахIманов Гъайирбегицаги.
Амма гьесул пикруялда рекъон Дагъистаналда экология хвеялъе цоги гIилла буго. Гьеб ккола республикаялда рукъарал радиоактивиял хутIелал.
ГIабдурахIманов ГIайирбег: «Россиялъул гIелмияб академиялъул член-корреспондент Исайченкоца къватIибе биччан буго «Россиялъул экологическияб карта» абураб тIехь. Официалияб къагIидаялъ тIоцебе гьес кьолеб буго ядерниял хутIелал рахчарал регионал, Дагъистанги гьезда гъорлъ буго. МухIканго щиб бакIалда гьел ругелали дица бицине гьечIо, амма гьел руго, дида гьеб лъала. Исайченко мекъи ккун ватиялдаги щаклъула дун, щайгурелъул гьедигIан кIудияб даражаялъул гIалимчияс мухIканлъе лъачIого гIелмияб тIехь къватIибе биччалароан.
Радиациялъ инсанасе зарал гьабулеб букIин гьеб якъинаб жо буго. Гьаниб цо масъала буго гьадинаб. Дагъистаналда жалго мугIруз, тIабигIаталъ радиация къватIибе кьола. КигIан къадаралъ кьолеб, кисан кьолеб ва сунда гьеб бухьараб бугеб абун гIалимзабаз жеги чIезабун гьечIо. Ядериял хутIелаз кьолеб радиацияйищ гьеб, ялъуни тIабигIияб радиацияйищ абураб суалалда тIад хIалтIулел чагIи гьечIо, гьеб рахъ тIубанго рехун тун буго».
Экологиялъул ва тIабигIиял бечелъабазул министерлъиялъ кьолеб информациялда рекъон, Дагъистаналда ругел кIудиял гIорал ва Каспий ралъдал лъим букIине кколелдаса гIемерго цIикIкIун чороклъун буго.
Ралъдалъ чвердезе бегьулилан кигIан гIемер игIланал чIваниги гIадамаз гьелде кIвар кьолеб гьечIо. Гьелдаго релълъараб информация кьолеб буго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул экологиялъул факультеталъ 2010 соналъ къватIибе биччараб «Дагъистаналда экологияб ахIвал-хIал» абураб тIехьалда. Гьениб бицунеб буго Каспий ралъдал рагIаллъудаса кIиго километралъ рикIкIад гурони чвердезе бегьулеб лъим гьечIин.