Ссылки для упрощенного доступа

Гьекъезе лъим гьечIеб росу


Болъихъ мухъалъул ГIалахъ росу
Болъихъ мухъалъул ГIалахъ росу

Жакъа магIарухълъиялда бугеб бокьараб росулъа чияс газ гьечIин, ток свинабулин, нухал хун ругин бицани, гьелда лъицаго гIажаиблъи гьабуларо. Гьединаб бугелъулха хIакъикъат. Амма гьекъезе лъим гIарцухъ бичун босизе кколин бицунеб рагIани, божизе захIмалъизе бачIуна, ахалгун хурзал лъалъазе гIураб лъим гьечIолъиялъул масъала гIемерисел бакIазда бугониги. Лъидаха рагIараб магIарухълъиялда гьекъезе лъим гIарцухъ босулеб росу.

ХIакъикъаталдаги, буго гьединаб росу Болъихъ мухъалда. Гьебги ккола ГIалахъ росу. 400-гIанасеб цIараки бугеб гьеб росу, цебе пихъица хьихьун букIанин абуни, мекъи ккеларо. Амма гьанже дол пихъил ахал ракъван руго ва цIадаб лъезе цIулае къотIизе гурони гъутIбузулги пайда гьечIо.

ЦIакъго рес къотIидал гурони магIарулал гIарзалъги кумекалда хадурги къватIире рахъунаро. Гьединаб хIалалде ккедал къватIире рахъарал чагIи руго ГIалахъ росдал жамагIатчагIи КъурамухIамадов ГIалиасхIаб ва Сараипов Исрапил.

КъурамухIамадов ГIалиасхIаб: «Цебе лъел насосалги лъун лъим кьабулаан росулъе. Гьанже гьел насосалги хвезе тана ва лъедаса нижги махIрумлъана. Гьанже, цогидаб бакIалда, ай росдадаса 10-гIанасеб километралъ рикIкIад балеб буго цIияб лъел насосалъул станция. Щай гьеб балеб бугеб, цере ран рукIарал щай хIалтIизаруларого ругел? Гьебги бачIого, бегьуларищ лъун трубабигун росулъе лъим чвахулеб хIал гьабизе?

Насосалъул станция баялда тIад харж гьабулеб гIарцудаса цIикIкIун къадар гьелда тIадги инарин. Араб гIасруялъул 70-80-абилел соназ ГIалахъ росу цIияб бакIалде гочинабидал, лъел станцияги бан, гьабуна 150-гIанасеб гектаралда ахал. Гьелъулги хIасил ккечIо ва цIидасан бана цогидаб станция. Гьебги рехун тана ва цIидасан балеб буго лъабабилебги станция. Лъел насосал хIалтIизаруралъухъ, ай лъим кьабгIаралъухъ ток бухIулелъул, сагIтихъ босулеб буго 700 гъурущ. Гьеб куцалда гIарац кьезейин абуни нижеда хIал кIоларо. ГьабсагIаталда лъим баччула автомобилаз ва жамагIаталъ гьеб босула гIарацги кьун».

Дадил жаваб гIоркь ккурас кьезе кколин абухъего, гьеб масъалаялъул хIакъикъат тIадеги баян гьабиялъул мурадалда бухьен ккуна росдал бегавул Заурбегов Зуркъанайилгун.

Заурбегов Зуркъанай: «2007 соналдаса нахъе вуго дун ГIалахъ росдал бегавуллъун. Гьелдаса нахъе дица хитIаб гьабичIеб бакI цониги хутIун батиларо республикаялда. 1972 соналъ гочана ниж басрияб ГIалахъа цIияб бакIалде. Гьеб мехалда бараб насосалъул станцияги буго. Гьелдаса нахъе хисичIел трубаби хун, турун руго. Гьел хисейилан гьарулеб буго Мелиорациялъул министерствоялда. Районалъул администрациялъ абулеб буго гьеб жидер балансалда бугеб жо гурин. Гьеб хIалалда, я гьекъезе ялъуни лъалъадизе лъимги гьечIого нижги хутIун руго».

ЭР: «Министерствоялъ щибха абулеб бугеб?»

Заурбегов Зуркъанай: «Щибго абулеб гьечIо. Цониги нухалда жаваб бачIинчIо. Дагьаб цебегIанги хъван кагъат тана министерствоялъул приемниялда, кагъат щванин абураб гъулбасги гьабизабун. ТIубанго лъим гьечIого хутIун рукIиналъ, жидер балансалда гьечIониги, райадминистрациялъ гIарац кьезе бугиланги абун, нижерго къуваталдалъун хисана 600-ялдасаги цIикIкIун метралъул манзилалда трубаби».

ГIалахъ росдал бегавулас бицухъе, лъалъади гьабизе заман тIаде щведал, хIала-балалъ бачараб лъеца цIезарулел руго щибаб минаялда цебе жидецаго гьарурал хIавузал ва тIубараб лъагIалица гьениса баччун гьекъолеб буго лъимги.

ЭР:«Росдадаса анцIго километралъ рикIкIад балеб цIияб лъел станцияги бачIого, гьелда тIад харж гьабулеб гIарцухъ лъун рогъралгун жибго чвахун бачIунеб хIалалда лъим бачейиланищха нужеца абулеб бугеб?»

Заурбегов Зуркъанай: «Гьедин гьабунани нижее насосазул станциялцин къваригIине рукIинчIо. ГьабсагIат балеб бугеб станциялъе биччан буго 13-гIанасеб миллион гъурущ. Дица райадминистрациялдеги, райсобраниялъул депутатасухъеги, Экономикаялъул министерствоялдеги кагътал хъвана гьеб гIарац станция баялда тIад хвезабичIого, ГIахьвахъ районалъул ЦIолодаса бахъулеб лъел мухъалде харжги гьабун, гьелде гьоркьоре нижги рачейилан. Амма цониги бакIалдаса я уйин, ялъуни гурин жаваб бачIинчIо».

РакIунтун гIодани беццаб бадисаги магIу бачIунин абула. Жакъа гьеб хIалалде ккун руго ГIалахъ росдал жамагIат. Гьединлъидал, хьул буго гьезул жидер ахIиги магIуги тIадал идарабазул нухмалъулезда рагIилин ва росу лъедалъун хьезабиялъе кумекги щвелин.

XS
SM
MD
LG