Ссылки для упрощенного доступа

Гьекъолеб лъедасан унтарал цIикIкIунел руго


Дербент мухъалда Гепатит А унти бахаразул къадар цIикIкIиналда бан, Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул коммитеталъ такъсир гьабиялъул иш рагьун буго. Гьеб тIоцебесеб нух гуро кколеб Дербент мухъалда лъедасан унтаби тIиритIараб. ГIаммаб куцалъ Дагъистаналда лъим санитарияялгун эпидемиял шартIазда данде кколареб бугин лъазабулеб буго экспертас.

2 февралалдаса байбихьун, Дербент ва ДагъОгни шагьаралъул азарханаялде Гепатит А-ялъ унтун рачIаразул къадар 79 чиясде бахун буго, гьезда гъорлъ 47 кколел руго батIи-батIиял ригьалъул лъимал.

Унти тIибитIиялъе гIиллалъун рикIкIунеб буго лъелъ бугеб чороклъи, гьедин Роспотребнадзоралъ лъазабухъе, 2014 соналъ гьебго ДагъОгни шагьаралда дизентерия багьараралдаса хадуб, гьениб тIадеги гьекъолеб лъим бацIад гьабиялъе хлор гъорлъе жубалеб гъуял лъун руго, амма ДагъОгни шагьаралъул тIалъиялъул тасамахлъиялъ гьел хIалтIизе риччачIогон ругила.

Роспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ТIагьирова Лейлаца баян гьабухъе, Дербент мухъалда унти тIибитIун буго Дербент, ДагъОгни шагьаразда ва Геджух росулъ. Гьел киназего лъим бачун бугила «Хъайтагъ – Дербент» абураб лъел мухъалдасан. Дербент - ДагъОгни шагьаразда гьрокьоб, чанго бакIалда, къануналда рекъечIого тIаде журарал лъел рогIрал ратун ругила, гьабсагIат гьел киналго нахъе къотIун ругилан лъазабуна гьелъ.

Дербент мухъалда гIадамал лъедалъун хьезариялъул жавабияб «Водкан» гIуцIиялъ гьелдаса цебеге чанго нухалъ гьекъолеб лъим бацIад гьабиялда жаниб къанун хвезабун букIун буго. 2013 соналъ гьениб гьединго тIибитIун букIана Гепатит А-ялъул вирус, гьелдаса хадуб дизентерия.

Гьаб нухалъги кинабгIаги тIадаб хIалтIи гьабунин абуниги, гIадамал унтулел ругин, гьеб лъим гурого тIокIаб батIияб хIалтIизабизе рес гьечIолъиялъин баян гьабулеб буго ДагъОгни шагьаралдаса Къурбанова Аминатица. ГIицIго телевизоралдаса лъазаби гьабун гурого кинабгIаги хIалтIи санитариябгун эпидемиялъулаб хъулухъалъги гьабулеб гьечIила

Къурбанова Аминат: « Лъим сабаблъун, чорокаб лъим сабаблъун буго унти тIибитIулеб. Гьеб гурого, тIокIаб батIияб лъим гьечIо хIалтIизабизе. ХIаракат бахъула гьализабун гурого лъим гьекъечIого тезе. Амма лъималги руго унтулел, лъималазул ахаздасан, школаздасан. ЦIиял тIаде чагIи унтун гьечIин абуниги, унтарал руго. Гьанир гIадамазул тIокIаб рес гьечIолъиялъ хIалтIизабула гьеб лъим. ГIадамазда вакцинаби гьарулел ругин абулеб букIун гурого, нижер гьанир гьел гьарурал чагIиго рихьичIо дида, я хьвадулел медикиял хIалтIухъаби рихьичIо. КидалъагIан гьеб чорокаб лъим хIалтIизабулел рукIинел ругел ниж».

Цо-цо хабарал ругила гьеб гIадамал унтиялда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьизе букIинчIин, гьеб унти сабаблъун хварал рукIиннчIеланийин бицана Аминатица.

ХIакъикъаталда, Дагъистаналъул жанубияб рахъалдехун гуребги, киса - кибего кIудияб суал кколин гьекъолеб лъел бацIалъи, гьедин араб соналъ чохьол унти бахъун лъугьарал 250 чи ДагъОгни шагьаралда, 56 чи Гепатит А-ялъ унтарал МахIачхъалаялда, цин гьанир, цин дора тIиритIарал унтабазул рагIулин, гьел тIиритIиялъе аслияб гIилла кколин лъимин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерлъиялъул вакил Зубаиров МухIамадица. Жакъа хварал хIайванал, рищни ва цогидал чороклъаби унел ругила гIоразулъе цIадаца чурунги гьенире риччанги. Чанго мухъалда батанила гIоралъе рачарал канализациялъул рогIрал. Гьелъул хIасил кколила гьекъолеб лъедасан гIадамал унтулел рукIин.

Гепатит А, дизентерия гуребги, гьеб хIал лъел сурсатазул букIаго, Бруцеллез ва цогидал эпидемиологял вирусаз унтизе рес бугила гIадамал Жакъа аслияб хIинкъи бугила шагьаразда гIумру гьабун ругезда, цогидаб рахъалъ хал гьабунани, гIадамаз жалго жидецаго унтизарулел ругила лъел сурсатал пасат гьариялъ. ГIаммаб куцалъ, нормабазда данде кколареб гьекъолеб лъим бугел мухъал кколел руго Карабудахкент, Гъизилюрт, Буйнакск ва Дербент мухъ. Бищун гIемер тIалабазда рекъечIел хIасилал хал гьабиязул ккун буго Карабудахкент мухъалда, гьениб 80 процент гьекъолеб лъел хал гьабиязул тIалабазда рекъечIел ратун руго.

XS
SM
MD
LG