Ссылки для упрощенного доступа

«Надирия» мажгит: цIияб тарих


Рузман къоялъ, Котрова къватIалда бугеб «Надирия» мажгиталъуса гIадамал ккун, полициялъул бутIаялда чIезарун ругебгIан заманалда, мажгиталде рачIанин такъияби тIад лъурал гIолилал, ва гьеб бакIалде ракIаранин полициялъулалин хъвана социалияб гьиналда бугеб жиндирго гьумералда адвокат Зиявудин Увайсовас. Какдаса хадуб мажгиталде рачIун руго рухIияб идараялъул вакилзаби, гьениб цевесев имам, ХIасан ХIажияв нахъе вахъун цIияв имам толев вугин лъазабуна Дагъистаналъул муфтий хисулев АхIмад Кахаевас.

Гьеб гали гьес бичIчIизабуна цевесев имам ригь барав чи вукIиналдалъун ва гьесие захIмалулеб бугин щибаб ригьда какде вачIин. Мажгиталъул жаваб муфияталда цебе кьезе букIине тIамулев вугин цIияв имамин лъазабунга Кахаевас. Лъил бугониги тIадкIалъай букIинчIого букIине цIияв имамги тумав толев вугин абуна Кахаевас имамлъун Давуд Тумалаев вихьизавулаго. Давуд Тумалаев кколев вуго Дагъистаналъул Гуманитарияб Институталъул проректорлъун.

Дагъистаналъул муфтий хисулев АхIмад Кахаевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана «Надирия» мажгиталда лъилниги ихтиярал хвезари, къабихI гьари, щибго гьечIин, кинабго гIодобе биччан бугин.

АхIмад Кахаев: « Мажгиталда имам хиси ккола гIадатияб иш, РухIияб идараялъ тIамула имамзаби, цевесев имам хисун, цIияв имам тей кколаро цо лъилниги ихтиярал яги интересал гьенир хвезарулел ругин абулеб жо, гIаммаб куцалда гьеб иш мухъде бачунев чи ккола МухIамадрасул СагIадуев».

«Надирия» мажгиталда цIияв имам тун, гьеб муфтияталъул бетIерлъиялда гъоркье бачиналдалъун гьеб цIунанин къаялдасайин лъазабулеб буго МахIачхъалаялъул Джума-мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевас.

Россиялъе бугеб къватIисеб ва жанисеб хIинкъи хIисабалде босун, къуваталъул идарабаз шартI лъунила, яги гьеб мажгиталъул цебесеб букIараб тарих лъугIизабун, гьенив РухIияб идараялъул чи тIами, яги мажгит тIубан къай. Тумалаев имамлъуде тIамунила гьеб мажгит цIуниялъул мурадалда.

ЦIияв имам тей салафияз къабул гьабуна мажгит кквей гIадин. Социалиял гьиназда 20 ноябралдаса бахъун байбихьана гьеб ишалдаса рази гьечIолъи бихьизаби, гьединго «Надирия» мажгит тIадбуссинабизе кколин ахIиял. КIиябго рахъалъ тIиритIизаруна хъвай-хъвагIаял, гьатIан къоялъ, къаде какде мажгиталде ракIаризе ахIулел, цоял гьеб тIадбуссинабизе, жаниса суфиял къватIире гъун, цогидал, РухIияб идараялъул рахъ ккун гьезде данде чIей гьабизе.

22 ноябралда къадеялдехун Котрова къватI къан букIана рагъулаб техникаялъ. Рагьде ракIарун рукIанин гIадамал, кканин чанго тунка-гIуси ва квагьиял рахъанин хъвалеб буго «Новое дело» газетаялъ. Салафиязул мажгиталде хьвадулезул цояв, ГIумар Саидица баян гьабуна салафиязе хIажат гьечIин тунка-гIусиял, гьеб къоялъ Малыгина къватIалда бугеб цогидаб мажгиталда ракIарун хIукму кканила Дагъистаналъул РухIияб идарагун кIалъазе, бичIчIизабизе жидер позиция.

ГIумар Саид: «Малыгина къватIалда бугеб мажгиталда ракIарана гьатIан къоялъ гIадамал. Гьениб, салафиязул церехъабаз гьоркьоб лъун букIана суал, хадусел ишал кинал рукIине ругелали ва хIукму ккана гьаб анкьида жаниб РухIияб идараялъул вакилзабигун дандчIван, гьелгун кIалъазе. Абулеб букIана, гьебго заманалда жаниб «Надирия» мажгиталда цере тунка-гIусиял ккун чанго чи вачун анин, амма мухIканго щал ккурал ва сакъатлъи щварал чагIи ругищали лъаларо. ГьабсагIаталда тIиритIизарулел руго социалиял гьиназдаса батIи-батIияб инфрмация, ракIаризе ругин ва рагъ лъазабие кколин, амма гьеб кинабго ккола провокация. ХIакъикъаталдаги бокьа-бокьаралда божулел руго гIадамал. Салафиязул вакилзабазул хIукму буго кIалъа-бацай гьабизе».

Гьединал харбал ккун руго кьучIлъун 22 ноябралда МахIачхъалаялъул аслияб майдан сверун къан, гьениб рагъулаб техника чIезабиялъе. Котрова къватIалдаса салафиял аслияб майданалде рачIине ругин абураб жоялъ, майданалде щиго виччалев вукIинчIин, чанго рагъулаб «Урал» машина чIезабун букIанин гьенибин бицана «Эркенлъи» радиоялъе фотограф Руслан ГIалибеговас.

«Надирия» мажгит ккола тумазул жамгIияв цевехъан Хачилаев Надирица мажгиталъе кьураб бакI. Гьесул вас МуртазгIали Хачилаевас лъазабулеб буго жидер хъизам рази гьечIин гьабсагIаталда гьениб лъугьунелдаса, гьединлъидал тIоритIизе рукIин кIалъаял жидер позиция бичIчIизабизе РухIияб идараялда, амма жамагIат хехал ишазде иналдаса нахъе ахIулел ругин жидеца.

ГьабсагIаталда Дагъистаналъул салафиязул хIинкъи буго «Надирия» мажгиталдаса хадусеб Венгеразул рагъухъабазул къватIалда бугеб мажгит ккелилан. МухIканал гурел баяназда рекъон, гьеб мажгиталда имам хиси бачIунеб рузман къоялъ букIине рес буго.

XS
SM
MD
LG