Ссылки для упрощенного доступа

"Надирия" мажгиталъул къисмат тIубанго баянлъичIо


МухIаммадрасул СагIадуев, джума-мажгиталъул имам
МухIаммадрасул СагIадуев, джума-мажгиталъул имам

24 ноябралда «Надирия» мажгиталъул суал гьоркьоб лъун тIобитIараб пресс-конференциялда салафияз лъазабуна цIияв тарав имамасдаса рази гьечIолъи.

Гьеб иш жидеда данд бан тIобитIизе кколаанин рикIкIунеб буго гьез. РухIияб идараялъ хехаб куцалда имам хиси Джума мажгиталъул имам МухIаммадрасул СагIадуевас бичIчIизабуна чара гьечIогон гьабизе ккараб галилъун. Салафиязул мажгиталда имам цIидасан хисизе вугин ва гьев киналго рахъазе данде кколев чи вукIине вугин лъазабуна СагIадуевас пресс-конференциялда.​

«Надирия» мажгиталда сверухъ бугеб ахIвал-хIал баян гьабулаго журналистазда цебе Джума мажгиталъул имам МухIаммадрасул СагIадуевас лъазабуна гьеб хIукму кколарин кIиябго рахъалда гьоркьоб бугеб ракълилаб кIалъаялъул ахирлъун, гIемерисезда гьедин кколеб батаниги, кIиябго рахъ разияб хIалалде бачIинабизе бугила иш. Рузман къоялъ мажгиталда имам хиси гьес бичIчIизабуна чара гьечIого гьабизе ккараб галилъун. Къуваталъул идарабазул рахъалъ гьеб мажгит къазе, яги гьеб рухIияб идараялда гъорлъе унеб ва гьелъ жаваб кьолеб бакI гьабейин шартI букIанин бицана журналистазе МухIаммадрасул СагIадуевас.

МухIаммадрасул СагIадуев: «Гьеб мажгиталда тIоритIулел гIадамал кквеял ва гьебго мажгит къазе кколин абулеб жо къуваталъул идарабаз ва тIалъиялъ ритIухъ гьарулел руго гьенир «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде ине ахIулел рукIиналъ ва гьенисан гIадамал гьенире арал рукIиналъ. Цо дица гьабураб хIукму кколаро имам хиси. Гьеб къачIогон, гьенив имам хисун тей лъикIаблъун бихьана, щай гурелъул, мажгит къаялъ гьеб дагьабги квешаб бакIалде бачине бегьулеб букIиналъ. Гьелъ, къуваталъул идарабаз мажгиталдаса гIадамал кквей бичIчIизабуна гьеб мажгиталдаса ИПалда гъорлъе гIадамал иналъул хIинкъи букIиналдалъун».

«Новая газета» газетаялъул журналист Ирина Гордиенкоца цIехана, гьеб мажгит къаялъул яги гьенив имам РухIияб идараялъул чи теялъул суал лъица мухIканго борхарабали, амма гьеб суалалъе жаваб щвечIо журналисталъе. СагIадуевас баян гьабуна РухIияб идара къуваталъул идарабазухъе гуреб, гьеб идара РухIияб идараялъухъе бачIун букIин гьединаб тIалабун.

Къануналда рекъон, мажгит къазе изну букIинчIин къуваталъул идарабазул, гьединлъилал, гьенив имам хиси хIажалъилароанин, Щай гурелъул диваналде кьун тIубазе бегьулаанин къануналда рекъон гьеб суалин абураб жо ракIараразда СагIадуевас бичIчIизабуна, хIажалъани, къуваталъул идарабазда бокьараб кьучI батулаанин гьелъие, ва зарал - къварилъи ккечIогон, ракълида суал тIубай букIанин гьеб галиялъул мурад.

«Надирия» мажгиталда хадуб Венгерских бойцов къватIалда бугеб мажгит ккезе рес бугищ иргадулаб мажгитлъун, гьединго имам хисаравлъунилан цIехана «Эркенлъи» радиоялъул журналист ПатIимат МахIмудовалъ. СагIадуевас жаваб гьабуна гьелъие рес гьечIин. Дагъистаналъул муфтиясги гьебго лъазабунин. ГьабсагIаталда рухIияб идараялъул гIураб къадар мажгитазул ва мадрасабазул бугила. «Надирия» мажгиталда имам хисиги мажгит кквейлъун рикIкIин мекъаб бугин баян гьабуна гьес.

Амма жалго салафиял гьелда божулел гьечIо. Дагъистаналдаса салафиял лъугIизариялъе лъураб кьучI бугин Котрова къватIалда мажгит кквей, хадусебги букIине бугин гьелъулин рикIкIунеб буго гьез.

ГьабсагIаталда «Надирия» мажгиталда имамлъун тун вугев Давуд Тумалаев гьенив хутIиги щакаб буго, данделъиялда СагIадуевас лъазабуна хехаб куцалда гьенив имам тезе ккун вукIиналъ гьеб мажгиталъул цевесев имам ХIасан –хIажиги тIад рекъон танин гьев, амма мажгиталъул жамагIаталъе, гьеб къабуллъун гьечIин, гьединлъидал, киналго рахъазе данде кколев ва киналго жинда хадур рилълъунев имам тей бугин мурадин бицана Джума мажгиталъул имамас.

Дагъистаналда жамагIаталда жаниб цолъи гьечIин, кIудияб къадар бугин провокаторазул, ва жанисел ричIчIунгутIиязул. Гьеб бугин гIилла радикализациялъул ва гьединаб ахIвал-хIал лугьунеб букIиналъулин баян гьабуна данделъиялда жамгIияв хIаракатчи МухIаммад Цезица. ЦIияв имам толев вугониги, бажарарал лъай бугел гIадамазул гIураб къадарги бугила Дагъистаналда.

МухIаммад Цези: « Дида гIизагIан лъикI лъала жанисан гьеб жамагIат. Руго кIудияб къадар цIаларал чагIазул, ахIизе бегьулел гьеб бакIалде. Жидер гIураб лъайги бугел, бажариги бугел. Гьеб бакIалда имамлъун тезе ккола суфияз яги салафияз хадуб как балев чи гуро, киналго жинда хадур рилълъунев, бусурбанчи, бусурбанчиясда хадуб как базе букIине».

Щив вукIине рес бугев гьединав бажари бугев чи, «Надирия» мажгиталда имамлъун тезе бегьулевали, баян гьабичIо СагIадуевас.

XS
SM
MD
LG